МагъчIваялъе рес

Хисун лъикI гьел - махIцинчIого рукIине…


ГьатIан къоялъ тIоритIарал рищиязул хIасилазги, Дербенталъул юбилеялъги, жибго хIукуматалъул нухмалъиялъулъ ругел цо-цо санагIат гьечIолъиязги гIагараб заманалда хиса-басиял рукIине руго нухмалъудаян абурал баянал щвана нижехъе ХъахIаб рукъалъулгун бухьен бугел чагIаздаса.

ТIоцебесеб иргаялда республикаялъул нухмалъиялъе санагIат гьечIеб жо буго аслияб власталъул партия «Единая Россиялъе» дагьаб къадар гурони гьаркьазул щунгутIи. Гьел хIасилазде рачIана рацIцIадал, гIарац босуларел рищиял тIоритIиялъин баян кьуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. ГIурусаца абухъе гьаниб цо «но…» буго, чара гьечIого баян кьезе кколеб.

Масала, ЕГЭ бацIцIадго тIобитIиялъухъ Москваялъ республикаялъул бетIер ва лъайкьеялъул министр реццун ратаниги, щакаб жо буго рищиялги рацIцIадго тIоритIун «Единая Россия» партиялъе щварал гьаркьазухъ гьел Москваялъ рецци. Гьединал махсараби рокьуларо дозие, гьанир цересел соназда крутояз рихъун бюллетеналгун къварегIараб къадар гьаркьазул гьарулел рукIараблъи дозие балъголъи гуро. КинабгIаги Москваялъул дагIбаги букIинчIо гьеб хулиганлъиялде.

Нилъер щибха ккараб? Республикаялъул нухмалъиялъ кIвар кьечIого тун Буйнакск шагьаралда лъиданиги цебехун рагIичIеб ветераназул партиялъ босана 68 процент гьаркьал, власталъул партия «Единая Россиялъе» 18 процент гурони щвечIо. Гьаниб баян гьабизе кколеб суал буго гьадинаб. Гьел гьаркьал я ГIабдулатIиповасда, я Москваялда данде чIарал гьаркьал гуро, гьел руго шагьаралъул бетIер ХIусен ХIамзатовасде данде кьурал гьаркьал.

Щайха гьаб хIалалъ гIадамазе рихарав чи чанго къоялъ цеве шагьаралъул бетIерлъун вищизе тарав? Республикаялъул бетIерасда сверухъ ругел, гIинде щурщудулел, справкаби хъвалел, хIисабал кьолел гIадамаз мекъаб информация кьун. Бугеб хIакъикъат лъазе течIого. Гьебго жо гьабуна ЦIунтIа районалдаги. Республикаялъул бетIерасухъе мацIал гьарун хъулухъалдаса вахъана районалъул бетIер Магьдиев ХIусен ва тана кинабгIаги къадруги гьечIев, районги данде бачине кIоларев чи. Гьелъул хIасилалда ЦIунтIа 26 мандат босана парламенталдацин гьечIеб цIияб «Родина» партиялъ ва власталъул партия къуна. Гьабги буго республикаялъул нухмалъиялъ халкъалъул пикру хIисабалде босичIого хъулухъчагIи тIамиялъул хIасил.

Гьениб партиязда бараб жо щибниги гьечIо, гьеб партиялъул цIаралдаса цеве вахъунев чиясда гурони. Гьединлъидал хIасилазул хIисабги гьабун власталъул партиялъе гьаркьал хIажат ратани хъулухъазда тезе ккола халкъалда гьоркьор къадру бугел чагIи. Рищиязда хадусеб интервьюялда гьедин абизеги абуна ГIабдулатIиповас, халкъалъул пикруги хIисабалде босун хиса-басиял гьаризе ругин Буйнакск шагьаралдаян. Бугеб хIакъикъат лъан букIарабани рищиял щвелалдего хIисабалде босилаан гьеб рахъ.

Гьал сигналаз сундул бицунеб бугеб? Гьаз бицунеб буго республикаялъул нухмалъулесда аскIор жидерго интересал цере тункулел, гьесие мекъаб информация кьолел къуватал рукIиналъул. Гьебги хIисабалде босун Дербенталъул юбилеялдаса хадуб рес буго тIубанго хIукумат нахъе битIизеги, хасал нухмалъулел хисун бацIцIад гьабизеги. Гьел рахъун тIамулел гIадамазда гIемер гурхIулев гIадав чи ГIабдулатIиповги гуро, гьелде унеб гIадаб жо буго.

Балагьараб мехалда 2008 абилеб соналъ МухIу ГIалиевас абураб «Дица щиб гьабилеб гьанив цо цIогьорасда тIад цойги цIогьор ватулеб мехалда…» - ян абурал рагIаби жакъаги актуалияллъун хутIулел руго. КигIан гIемер хъулухъчагIи хисаниги вачIанщинас гъоркь вукIарас гьабураб жо такрар гьабулеб буго. ГIарац бикъигун ришватал роси гурони кинабгIаги батIияб масъала гьенире рачIарал чагIазда цебе бачIунеб гьечIо.

ГIабдулатIиповас барахщичIого рахъулелги руго, гьесие киналгIаги авторитеталги гьечIо, гьеб лъалаго ал цIогьодулел щайин гьикъарабго цояс абуна, гьеб хъулхъалдаса рахъулел рукIин бугила гьел хъантIун цIогьодиялъе гIилла. Бокьараб къоялъ жал рахъизе рес буго, «гIор щун букIаго цIул бахъизе» -ян лъугьунила. Тамашаяб хIалтIи гьечIищ?

РахъичIого тани тамихIалдаса хIинкъуларого цIогьодун, рахъулел ругони кватIизе гурин цIогьодун, щиб гьабуниги цохIого бакIалде рачIунел руго. Кин бугониги гьел хIукуматалда хиса-басиял гьарун лъикI абадиялъ цохIого чагIи тезегIан. Щиб лъалеб тохлукьего, мекъса ккунниги вацIцIадав, иман бугев, Аллагьасукьаги хIинкъулев, гIадамаздаги гурхIулев чи ккезеги рес бугелъул. Гьалго щинал как балел гIадамал ругеб республикаялда. «Цо бакIалда чIани лъим махIцинчIого чIоларо» - ян гурищ кочIолъги букIараб?

-------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG