МагъчIваялъе рес

Хасавюрталъул базаразда базар буго...


Гьал къоязда Хасавюрталъул базаразда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаздаги ричарухъабаздаги гьоркьоб тунка-гIусиял ккун руго. Гьелъул хIасилалда низам цIунулез щивниги ккун вукIун гьечIо, амма шагьаралда ахIвал-хIал хIалуцун бугин лъазабулеб буго даранчагIаз.

Хасавюрталъул базаралда базар буго...
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:47 0:00
Интернет-мухъ

Гьедин контрафакталъулаб ва Туркиялдаса бачIунеб гьукъараб къайи бичиялде дандечIчIей гьабулебин, даран-базар гьабизе ккани хIажатал документал ругищали халгьабулебинги абун ричарухъаби талавур гьарулел ругин полициялъул хIалтIухъабаз, гьезухъа чанги миллионазул багьаяб къайиги бахъулеб бугин гьезилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Хасавюрталъул «ГIурччинаб» базаралъул хIалтIухъан Вахаца.

Ваха: «Гьел полициялъулал тIубан рахсидаса рорчIарал гьаби гIадин руго. Ахирал къоязда жаниб гьез балагь бачIинабуна базараздаги шагьаралдаги. Щибаб къойил ричарухъабазде тIаделъизе рачIуна гьел. Цин Турциялдаса бачIараб къайи бугищали хал гьабулел ругин абун бугеб щинаб жоги къватIибе бахъизе тIамун, гьеб гьурщун, гIодобе бан инжит гьабун гъалмагъиралда рукIана гьел.

Хадурги лъугьана контрафакталъулаб къайи бугин нужер гьаниб бичулеб, гьеб бичизе къануналъ гьукъун бугилан. Бащадазул бахъунги ана гьеб къайи. Дун ункъабилеб къо буго базаралде инчIого, кIвараб дирго къайиги нахъе баччун дун рокъов чIчIана. Цин рачIун гьез дир 300 азарго гъурщиде къайи бахъун ана. Дицани щибго абизе бегьиларо миллионазде къайи бахъун аралги ругелъул гьенир».

Гьединго хасавюрталъул даранчагIаз кьурал баяназда рекъон къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул рейдаздаса хадуб цохIо бичулеб бугеб къайи гурониги ричарухъабазул гIарац-меседги, хIатта техникагицин тIагIун батулеб буго. Гьелда тIадеги гьеб контрафакталъулаб бугинги абун бахъараб къайи тIад буссун гьелго даранчагIазе бичулеб буго низам цIунулез.

КигIан гIарац гьезие кьезе кколебали мухIкан гьабун бажаринчIо «Эркенлъи» радиоялъухъ, амма гьеб къагIидаялъ жидерго къайи тIад буссинабурав чанго даранчи вукIин гьеб хIакъаб иш буго. ТIубан гьеб къайиги бахъун хутIизегIан полициялъулазухъа гьебги бичун босун рукIин лъикI бугин жидеейилан абулеб буго даранчагIаз.

Хайир ккечIониги, тIубан заралгIаги кколарила жидеейилан. Гьединго ричарухъабаз бицана къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби даран-базаралъе хIажатал документал ругищали хал гьабизеги лъугьун ругилан. Гьел гьечIезе документал гьаризе заманги кьолеб гьечIилан, къокъаб заманалда жаниб гьел ракIарейилан чIчIун ругила. Гьедин хехго ва бигьаго ракIарун бажаруларила гьел документал, гIураб заман къваригIунила гьелъиеги.

Гьеб кинабгоги лъан гьелдаса пайдаги босун даранчагIи талавур гьаризе цойги багьана щун бугила низам цIунулезе, документал гьечIезда тIад я кутакал кьун бажаруларел гIакIаби къотIулел ругила гьез, я ричаризе гьукъулеб бугила. Гьедин даранчагIазухъ рукIине кколел документал гьечIин ва контрафакталъулаб къайи бичулеб бугин абун Хасавюрталъул «БагIараб» ва «Хъуппа» базарал къан руго. Гьел къазе риччаларин лъугьарал даранчагIаздаги полициялъулаздаги гьоркьоб ккун букIун буго тунка-гIуси. Аслияб къагIидаялъ руччаби рукIун руго гьелгун дандречIчIун.

Гьедин гIадамал лъугьиналда гIайиб гьечIила, аслияб къагIидаялъ даранчагIиги руччаби ругила, гьезулги гIемерисел россалги гьечIого жидецаго лъимал хьихьулел, яги россал унтарал, жидецаго рукъ баччизе ккарал ругилан. ЦохIо гьеб базаралда хIалтIун щвараб гIарцуца тIуран ругила гьелилан абулеб буго хасавюрталъулаз. Гьединлъидал гIадамазул гьаб сагIат цIакъ ццин бахъун бугила, гIагараб заманалда чанго азарго чиги вакIарун митингалде рахъинехъин ругин даранчIагиги гьезул гIагарлъигийилан абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе.

Гьединго хасавюрталъул даранчагIи низам цIунулезда данде рахъиналъе цойги гIиллалъун буго 3 маялда месед бичулеб базаралде щалали лъаларел гIадамаз тIадекIанцIи гьаби. Гьениса 7 миллионалъул багьаяб къайи бикъун бугила, чанго даранчIужуги юхун йигила гьеб тIадекIанцIи гьабурал гIадамаз. Гьеб базар цIунун рукIараз гьел тIадекIанцIи гьабуразде дандерахъун щибниги гьабичIолъиялъ, гьезда гьел низам цIунулел рукIин лъан букIин бихьизабулеб бугила, гурони эхеде гIаги таманча кьвагьичIого щайил гьез тарабилан абулеб буго даранчагIаз.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ГIубайдатова Фатинаца «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна Хасавюрталда полициялъул экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб бутIаялъул хIалтIухъабаз жидедаго тIадаб хIалтIи гьабулеб бугилан. Гьениб даранчIагIаздаги полициялъулаздаги гьоркьоб кутакаб тунка-гIусиги букIинчIилан.

Фатина ГIубайдатова: «Контрафакталъулаб къайи бахъулеб буго полициялъулаз гьел хасавюрталъул базараздаса. Гьеб бичизе гьукъун буго къануналъ. Гьениб цохIо Турциялдаса бачIараб къайи гурониги цойги къануналъ гьабизе ва бичизе гьукъараб чияр лейблалги хIалтIизарун ва авторасул ихтиярал хвезарун къватIибе биччаараб къайиги буго. Полициялъ цохIо жидедаго тIадаб хIалтIи гьабулеб буго».

Полициялъулаз бахъараб къайи даранчагIазе цIидасан бичулеб бугин ва меседил къайи бичулеб базаралде тIадекIанцIи низам цIунулез гьабунин абурал харбазда тIасан кинаб букIаниги баян кьечIо ГIубайдатовалъ. Гьеб гIинтIамизе мустахIикъаб информация гьечIила, гьединал гьереси харбал тIиритIизарулел гIадамал тамихIалде цIазе кколин абуна гьелъ.

XS
SM
MD
LG