МагъчIваялъе рес

Гъизляр: бидулаб базар


ИчIабилеб октябралда радал Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралъул аслияб базаралда ккана чIвай-хъвей. Базаралъул цIияв нухмалъулесда тIадекIанцIи гьабиялъул хIасилалда чIвана цо ва захIматго лъукъун реанимациялде ккун вуго ункъо чи. ТIадекIанцIарал чагIи кколел руго базаралъул цеве вукIарав нухмалъулесул чагIи. Унеб буго цIех-рех.

Гъизляралъул аслияб базаралда цIияв нухмалъулев таралдаса бан букIун буго чанго къо. ЦIияв тарав нухмалъулев Эльдар СалихIов кколев вукIун вуго ЛъаратIа мухъалъул чи. ЧIвай-хъвей ккеялъе гIилла ккун буго базар бикьа-къотIиялда жаниб гъоркь вукIарав нухмалъулесдаги гьесдаги гьоркьоб кIудияб дагIба-рагIи ккей. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон гъоркь вукIарав нухмалъулесул рахъалдаса лъеберго гIанасев чи вачIун вуго хамиз къоялъ радал базаралъул нухмалъиялъул минаялда жанире ва гьеб бакIги эркен гьабун нуж берцинго къватIире аян лъазабун буго. Доз дандечIей гьабидал ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда чIван вуго базаралъул нухмалъулев цIунулев чи. Гьев вукIун вуго ЛъаратIа мухъалдаса чи. Абулеб буго гьев кколин боксалъул рахъалъ олимпиадаялъул чемпион СултIан Ибрагьимовасул росулъа чиян. ЧIвай-хъвей ккараб гIужалъ базаралда букIараб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицунеб буго гьений хIалтIулей йигей йичарухъан Зугьраца.

Йичарухъан, Зугьра: «Дун йичарулеб бакIалда аскIоб буго кIиабилеб тIалаялда бугеб гьезул контора. Радал циндаго бахъана цо квешаб ахIи-хIурги, кьвагьулеб жоялъул сасги. Щиб ккарабали бичIчIулеб букIинчIо. Дидаго речIчIулеб жо щвелилан хIинкъун къватIие яккичIо дун. Хадуй къватIие щведал бицана ккараб жо. Базаралъул нухмалъулесда тIаде кIанцIи гьабулаго тIоцебе гулла щварав гIолохъанчи гьеб бакIалдаго хун вуго, чанго чи захIматго лъукъунги вугилан абулеб букIана. Дир бетIергьанчиги жеги гIемерал гIадамал азарханаялде ана лъукъаразда цадахъ. Киназго батIи-батIияб куцалда букIана лъугьаралъул хIакъалъулъ бицунеб».

Лъукъаразул хIакъаллъулъ баянги батIи-батIияб буго къватIибе кьолеб. ТIоцебе абулеб букIана ункъо чи захIматго лъукъун реанимациялда вугилан. Цогидаб баяналда абулеб буго анкьго чи вугин лъукъунилан.

Базаралъул нухмалъулев хисулев вугилан хабар букIанин бицунеб ва гьев тIамуниланги рагIанин жинда лъабго къоялъ цебе гIадинилан бицана Зугьраца хадубги. Гьелдаса чанго къоялъ цебе цIияв тарав нухмалъулесул рахъалдаса чанго гIолохъанчи вукIанин базаралда сверулел нужее киналго шартIалги чIезаризе ругин, базархIакъалъухъ щибаб моцIалъе бакIарулеб багьаги учуз гьабизе бугилан.

ЧIварав гIолохъанчи вукIун вуго боксалъул рахъалъ Европаялъул чемпионлъунги вахъарав гIолохъанчи. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гъизляралда гIумру гьабун вугев жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица. Гьеб базаралъул цеве вукIарав нумалъулев вукIун вуго дарги миллаталъул чи ва базаралъе гьес нухмалъи гьабулелдаса гIемер заманги бан букIун буго.

МухIамад Цези: «ЛъикIав вас вукIана гъов. Эльдар букIана гьесда цIар. Гьев гьенив хIалтIулев вукIана. Лъабгояв реанимациялда рагIула жеги, кинавниги 7 чи лъукъунги вугила. Гъова вукIанщинав чиясда речIчIун буго. Живго директорги лъукъун вугилан хабар рагIана дида. Гьениб цо къукъа буго, жидеего бокьа-бокьараб гьабулел рукIунел. МВДялъул чагIаз щибго гьабичIо гьез гIадамал рухулеб мехалъ. Цо вахIшиял жал гьарулел даргиязул банда букIана гъоба. ГIайибиял рихьарал чагIи ругиланги абулеб буго».

Базаралъул гъоркь вукIарав нухмалъулесул хIакъалъулъ цояб цоялдаса квешаб хабар буго бакIалъул гIадамаз бицунеб. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго жиндирго кIалъаялда МухIамад Цезицаги.

Амма цогидал баяназда рекъон дагIба-рагIиялъе кьучI лъурал чагIи рукIине бегьула цIитарав нухмалъулесул чагIиги. Гьедин рикIкIунеб буго «Новое Дело» газеталда журналистасул цIех-рехал гьарулев ГIабдурашидов МухIамадица. Базаралъул цере рукIарал нухмалъулесул гIадамал кколин даргиязул Цудахар абураб росулъа чагIи. Гьел киналго гIолохъаби жинда лъалин гIадлу-низамалда рекъон хIалтIулел чагIи рукIин ва жинда кколеб бугин цIирачIараз жидецаго байбихьун батулин дагIба-рагIиялдеян рикIкIунеб буго гьес.

ГIабдурашидов МухIамад: «Гьениб цо ккураб пикру букIине рес гьечIо. Гьаб цояб рахъалдаса ругез дозтIе гьабизе буго гIайиб, дол цояз ал какизе руго. Базар гьединаб жолъидал бугеб. Щивав хважаинас жиндирго тIалабал лъола цере. Гьел тIалабазда рекъон хIалтIулел рукIна цебе букIараб нухмалъиги гьезул хIалтIулъ квешаб жо дида бихьун букIинчIо. Дир хIисабалда цIиял тIаде рачIараз байбихьун батула жидерго къагIидаби хIалтIизаризе. Гьеб рекIее гIун батуларо гъоркь рукIаразе. Узухъда квешаб бакIалде бачIун буго иш, чи чIвараб хIужа ккун бугелъул. КIудияб ракIбакъвай ккун батизе буго кIиябго рахъалъеги».

Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялдаса «Эркенлъи» радиоялъе цIех-рех унеб бугин абун гурони батIияб цIияб баян щвечIо.

БакIалъул гIадамаз бицухъе иш гьелда къокълъизе рагIуларо. МухIкан гьаричIел баяназда рекъон чIварасул рахъалдаса гIадамал ракIарун рагIула чIвай-хъвей ккараб бакIалде ва тIадекIанцIи гьабуразул рахъалдаса кинавго чи гIебеде лъечIого жал гIодоре руссине гьечIин абулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG