МагъчIваялъе рес

Рищиял - 2016: цIияб къанун ва чIалгIарал къагIидаби


Гьал къоязда Избербашалда Пачалихъияб Думаялъул депутатлъиялде кандидатура лъурав СафаргIалиев ХIажиметица халкъалъулгун данчIвай тIобитIулелъуб гьениб шагьаралъул мэрасе санагIат гьечIеб суал кьурав чи къватIиве гъун вуго.

Рищиял - 2016: цIияб къанун ва чIалгIарал къагIидаби
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:34 0:00
Интернет-мухъ

«Черновик» газеталъ хъвавухъе гьев къватIиве гъурав чияс СафаргIалиевасда цIехон буго Избербашалъул нухмалъиялъ щибниги базе гьухъараб бакIалда цо-цо хасал чагIазе минабиги тукабиги разе рес кьолеб букIин гьеб битIараб бугищилан. Гьес бицунеб жо уяб бугищилан цIехон буго кандидатас мэр Абдулмажид Сулеймановасда.

Гьев цо бичIчIулареб жо бицине лъугьанила, гьеб заманалда мэр цIунулел гIолохъабаз жив хIалица къватIиве къотIанилан баян гьабулеб буго гьеб суал кьурав чияс. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса разигьечIолъи загьир гьабун ахIи бахъун буго гIадамазул ва данделъиялда вукIарав чанго чиги гьезие протестги лъазабун гьениса нахъе ун руго.

Юрист ва Дагъистаналъул рищиязда гIадамазул ихтиярал цIунизелъун рагьараб центарлъул нухмалъулев МухIамадов Исламица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна гьев кандидатасулгун дандчIваялдаса къватIиве гъурав чияс гьеб иш гьабуразда тIасан къуваталъул идарабазде гIарза хъвазе кколаанилан.

Гьес щибниги бегьулареб жо гьабун гьечIила, гIадан инжит гьавулев яги гьесул адабтараб щибниги жо цIехон гьечIила, кинаб букIаниги гъалмагъир гьабун гьечIила, гьев гьениса къватIиве гъеялъе къануналда рекъон щибниги гIилла букIинчIила. Гьев нахъе гъей инсанасул ихтиярал хвезари кколилан.

Гьелдасаги дагьалги квешал лъугьа-бахъинал кколила рищиязул заманалдаги гьелде хIадурлъулелъулги, амма нилъер гIадамаз жидерго ихтиярал цIунизе щибго гIамал гьабуларила, гIарзал хъван гIайибияв тамихIалде цIаялъе щибниги чIаголъиго букIунарила гьезул.

Гьелдаса пайда босун тIалъиялъ бокьа-бокьараб гьабулила рищияздаги цойгидал бакIаздаги. Дагъистаниязул бищун кIудияб проблема бугила гьезда къануналъ жалго цIунулел куцги, жидерго ихтияралги лъангутIи. Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан рищияздаги бищун гIемер гъалмагъир букIунеб, гьезул хIасилалги бокьахъин хисизарулеб регионазул цояб бугила.

Гьединлъидал рищиязул заманалда гIадамазул ихтиярал цIунизе ва букIине кколедухъ рищиязда хадуб халкколел хIадурулеб центр хIалтIизе биччан бугила республикаялдайилан бицана Исламица «Эркенлъи» радиоялъе.

МухIамадов Ислам:«Дица гIадамазда малъула кин рищиязул заманалда кинал ихтиярал гьезул ругел, щиб гьез гьабизе бегьулеб бегьуларебали бичIчIизабула. Рищиязул къанун хвезабичIого букIине, гьереси бюллетенал реххизе риччачIого рукIине щиб гьабизе кколеб, рищиязул ритIухъал хIасилал гьариялда хадуб халкквезе, бюлетенал битIун рикIкIунел ругищали балагьизе малъула гьеб централда.

ГьабсагIат 1100 чи цIалана гьенив. Гьевщинав чи нижеца малъарабги хIисабалде босун рищиязул заманалда гьезда хадуб халкквезе ани гIезегIан ритIухъал рищиял рукIине рес буго Дагъистаналда. Гьел букIине кколедухъ хIалтIизе тIамун нижехъа бажарунаро, жидергоги, гьаркьал кьезе рачIаразулги сиясатиял партиязулги ихтиярал кин гьез цIунилел, гьеб цIунизе гьезул бажариги бихьинчилъиги гIелищали гьеб батIияб суал буго».

Гьединго Исламица баян гьабуна исана февралалда Россиялда бахъараб цIияб къануналда рекъон рищиязда хадуб халкколел гIадамал рищиязул бутIабаздаса диваналъул хIукмуялда рекъон гурони нахъе гъун бажаруларилан. Гьеб цIияб къануналъги Россиялда рищиял гIадлуялда иналъе кIудияб квербакъи гьабизе бугин рикIкIунеб буго гьес.

Ислам МухIамадов: «Гьел рищиязда хадуб халккураз къанун хвезабулеб бугони гьездасан диваналде гIарза хъвала. Гьеб гIарзалъуги цIакъ хехго халгьабулеб къагIидаялъ гIуцIун букIине буго диваналъул хIалтIи. Ай, диваналде кьолел цойгидал гIарзал гIадин анкьаз-моцIаз халат бахъинабизе гьечIо гьеб иш.

Диваналъ гьев чияс гIадлуги къанунги хвезабун бугин чIчIезабуни рищиязда халгьабулесул бакIаладса нахъе реххула гьев чи. Гьеб къануналъ халгьабулезул ихтиярал гуреб сахлъигицин цIунулеб бугин абизе бегьула. Щай гурелъул нилъер республикаяда чанги лъугьа-бахъинал рукIана цо партиялъул халгьабулез цойгидал рухарал, рищиял тIоритIулеб бакIалдаса къватIире гъурал.

Гьанже гьесда кверхъвазе лъилниги ихтияр гьечIо. Гьесде тIадецуй гьабулел гIадамалги гьебго цIияб къануналда рекъон бигьаго тамихIалде цIазе бегьула. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун исанагIаги цереялде дандеккун ритIухъал рищиял рукIинин Дагъистаналдайилан абураб хьул буго дир».

Гьединго МухIамадов Исламица баян гьабуна исана Россиялъул централияб рищиязул комиссиялъул бетIерлъун Элла Панфилова яхъиналъ улкаялда ритIухъал рищиял тIоритIиялъе кIудияб хIалтIи гьабизе бугилан. Цойгидаз гIадин Панфиловалъ гьеб иш бичча-бихъан тезе гьечIилан.

XS
SM
MD
LG