МагъчIваялъе рес

Пачалихъияб Дума ва политикиял къуватал


Исана хасалихълъи гIезегIан багIарараб букIине бугеб гIадаб жо буго хал гьабурабго. Хасго республикаялъул парламенталдеги Пачалихъияб Думаялдеги депутатал рищулеб къеркьеялъулъулъ. ТIубанго иш хIалуцинабулеб буго гьел рищиял цадахъго рукIиналъги. Лъалеб букIахъе гьаб къеркьеялъулъ аслияб рагIи букIине буго республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасухъе.

Гьес рихьизарурал партиязул сияхIаздаса арал чагIаца кквезе руго бакIал республикаялъулги улкаялъулги парламенталда. Республикаялъул парламенталда бищунго гIемер бакIал росила "Единая Россия" партиялъ. Гьеб власталъул ресурсалъ бачина цебесеб кьерде. ХутIарал партиязул щиб букIине бугебали абизе жеги цудунго буго. Унел руго гара-чIвариял, къотIа-къаял, гьоркьохъаби, ритIунчагIи ва цогидаб вала-рахас.

Дир пикруялда республикаялъул парламенталда бакIал кьезе руго "Справедливая Россия", "Правое дело"ва "КПРФ" партиязе. "Правое дело" ва гьелъул цевехъан Мух1амад Шабановас г1езег1ан бак1ал росана арал муниципалиял рищиязда. Гьеб сурсат х1алт1изе буго парламенталъул рищияздаги, хасго Мух1амад Шабановасулгун Рамазан Г1абдулат1иповасул гьоркьорлъабазги квербакъила гьелъие."Россиялъул патриотал" партия хисун бачIине рес буго партия "Родина". Щай гурелъул тIоцебеселъул цевехъан Э.Хидиров улка тун лъутун ана ва гьев хисун вачIарав Ибрагьим Казибеков гIемер машгьурав ва республикаялда лъалев чи гуро.

"Родина" партиялъ араб соналъ муниципалитетазда рукIарал рищиязда ракI чIараб кIиабилеб бакI босана. Гьеб хIисабалде босизе батила ХъахIаб рукъалъги. Партиялъе республикаялда нухмалъи гьабулеб буго гIезегIан кIудияб политикияб ва финансовияб сурсат бугев, цевехун Дагъавтодоралъул нухмалъуда вукIарав МухIамадрасул ГIумаровас.

Дихъе щварал баяназда рекъон гьесул Рамазан ГIабдулатIиповасулгунги квешаб гьечIеб гьоркьоблъи рагIула. Гьеб загьир гьабуна Москваялдаса партиялъул цевехъан Журавлевгун гьел ГIабдулатIиповас къабул гьариялъги. Републикаялъул парламенталда гIага-шагарго щиб букIине рес бугебали нилъеда бихьулеб буго. Гьенир киналго партиязул сияхIаз гьарурел депутатал рукIиналъ. Пачалихъалъул Дума?

Гьаниб кинабго ХъахIаб рукъалъул хъаравуллъиялда букIинчIого букIинеги рес буго. Амма гьанибги республикаялъул бетIерасул сурсат цадахъ бугев чиясе бергьине цIакъго кIудиял ресал руго. Щай гурелъул муниципалитетазул бутIрул руго нусабго проценталде гIагарун Рамазан ГIабдулатIиповас хъулухъалде " тIамурал" чагIи. Гьесул амруялда рекъон хIалтIула гьел. Амма кIвелищ гьезда халкъалда ва гьаркьазда хадуб хъаравуллъи гьабизеяли абизе захIмат буго. Жакъа цебеккунго маялда тIобитIизе бугеб праймеризалда гIахьаллъизе кандидатура лъун буго гъоркь рукIарал депутатаздаса ГIумахан ГIумахановас, ХIажимет СафаргIалиевас, Мурад ХIажиевас ва ГIабас ГIабасовас.

Рищиязул сияхIаздаса щал унелали республикаялъул бетIерас рихьизаризе ратила. Амма буго лъабго округ щибаб округалда цохIо мандаталъул (партиял гьечIого чIван къотIарав цо чи вищулел). Гьениб букIине буго хIалуцараб къерькей. Цо-цо баяназда рекъон Москваялъ лъазабун рагIула партиязул сияхIазда интеллигенцияги биччан, гIарац бугел чагIи, олигархал цохIо мандаталъул округазде реххеян. Гьедин гьабуни цохIо мандаталъул округазда данде тункизе рес буго Сулейман Керимовасул, Зиявудин МухIамадовасул, Саид Амировасул вакилзаби. Керимовасул - МухIамад ХIажиев, Зиявудинил - ГIумахан ГIумаханов, Саид Амировасул - МухIамадкъади ХIасанов.

Депутат Ризван Къурбанов Севералъул округалдаса унеб гIадаб жоги рагIана. ХутIараз киса кибе кандидатура лъолебали жеги лъаларо. Амма вуго цо кандидат Югалъулаб Дагъистаналъул округалдаса кандидатура лъуни бергьизе бищунго кIудияб рес, сурсат ва рейтинг бугев - Сайгидпаша ГIумаханов. Нижехъе щварал баяназда рекъон гьес лъолебги рагIула кандидатура. Гьеб округалда гъорлъе унел руго Хасавюртгун Буйнакс шагьарги, мугIрузулаб Дагъистаналъул киналго магIарул районалги, кIи-кIи лезгиязул ва даргиязул районалги ругеб.

Гьеб округалда кандидатура лъуни хутIаразе гьевгун къеркьеялъул магIна бихьуларо. Авар милаталда гъорлъ гьев тIад калам гьечIев, киназго рикIкIунев цевехъан вукIин якъинаб жо буго, ахираб 15 соналъ. Киналго миллаталда хъинтIаралщинал суалазда цеве вахъана, милияб маданияталъе, литератураялъе, тарихалъе, гIелмуяле, спорталъе, диналъе, гьадинго кумек гьарун щварал гIадатиял чагIазе кидаго кумекги кверчIвайги гьабуна гьес.

КинабгIаги хъуй ва реклама гьечIого, тIоцебе Аллагьасе, хадуб миллаталъе ва халкъалъе гIоло. Гьеб кIочонаро гIадамазда, гьеб лъала киназдаго ва гьеб ахIвал -хIалалда магIарухъ гьесда данде кандидатура лъурав чиясе бигьаяб масъала букIинаро кигIан гIарац рехханиги. Гьединаб буго жакъа, марталъул бащалъуда бугеб ахIвал-хIал. Рии-ихдаде дагьабги мухIканлъиларищха политикияб ахIвал-хIал рищиязда сверухъ? Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG