МагъчIваялъе рес

«Амировасда данде баянал кьечIони, эмен чIвалин абун букIана»


2013 соналъул маялда Ленинкенталда ккурав Сиражудин ГучучгIалиевасе гIумруялъулго туснахъ къотIана Ставрополалда. Гьев гIайибиявлъун рикIкIана гьесде гIунтIизабулеб букIараб 13 гIайибалъе. Диван гьабуна гIицIго гьелдехун хурхен бугел чагIи гурони жаниреги риччачIого. Щайин абуни гьенир гIахьаллъулел чагIазул гIумруялъе хIинкъи букIинаредухъ.

ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, Сиражудин ГучучгIалиев «Дагъистан вилаяталда» гъорлъе унеб «Шамилхъалаялъул (ай МахIачхъалаялъул) секторалда» гъорлъе лъугьун вуго 2011 соналда. БитIун гьеб заманалда рехсезе байбихьана ГучучгIалиевасул цIарги. Гьелъие гIиллалъун ккана 2011 соналъул 13 октябралда УФСИН абулеб туснахъазда тIад кверщел гьабулеб идараялъул нухмалъулев Муслим Даххаевасул автомобиль унеб нухда ккараб кьвагьи. Къанун цIунулез гьеб хIужа рикIкIана Даххаев чIвазе гьабураб къасдлъун. Гьедин гьеб нухда сардилъ Даххаевги МахIач МахIмудов абулев чиги лъукъун рукIана.

Хадусеб соналъул 31 марталда полициялъул конвоязул хъулухъалде тIаде кIанцIи гьабун чIвана Муслим Муслимов, гьединго Людмила Черкесова, лъукъана Олег Черкасов абурав хIалтIухъан. Гьеб кIиябго хIужа Сиражудин ГучучгIалиевасул иш бугилан рикIкIана низам цIунулез.

Сиражудин ГучучгIалиев гIайибиявлъун рикIкIана 2013 соналъул 15 январалда МахIачхъалаялда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъул диванчи МухIамад МухIамадов чIваялъеги.

Сиражудин ГучучгIалиевасул имгIал КъурамухIамад ГучучгIалиевас ЭР-лъе бицана кинабго байбихьанила УФСИН абураб идараялъул нухмалъулев Муслим Даххаевасул машинаялда Сиражудин ГучучгIалиевасул машинаги тункун ккараб дагIбаялдасан. Гьедин кIиязулго хъачIаб кIалъай ккун бугила. Цинги къуваталъул идарабаз рахIат течIого, рохьове ун вугила дов.

ГIагарлъиялъ бицухъе, Сиражудин ГучучгIалиевасдаса тIалаб гьабулеб букIун буго гьеб заманалда туснахъ гьавурав МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасда тIасан баянал кьезе. Масала, рохьор чIун республикаялъул тIалъиялда данде рагъ балел изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазе гIарцулги цогидалъулги кумек СагIид Амировс гьабулеб букIанин абизе. Амма Сиражудин ГучучгIалиевас инкар гьабунин бицана ЭР-ялъе гьесул имгIал КъурамухIамад ГучучгIалиевас.

КъурамухIамад ГучучгIалиев: «Маркиницацин (Владимир Маркин – РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул информациялъул бутIаялъул нухмалъулев – ЭР) абун букIана Амиров ккунин ГучугIалиевас кьурал баяназда рекъонилан. Гъова Ленинкенталда хасаб операциялъулъ лъукъарав, лъавудаса гьечIев чияс кин кьолел баянал? КинавгIаги Амировасулгун бухьенги букIинчIо гьесул. Къанун цIунулезда бахъараб ццидаца рохьовеги ун чIун вукIана гьев. Гьениб сверизабун батилаха гьесул бетIер. Адвокатаз абулеб буго гьесде гIунтIизарулел гIайибал кьучI гьечIел ругилан. Гьединлъидал дагIба бан тIадехун ругел идарабазде гIарза хъвазеги ракIалда буго гьезда.

Гьесие гIумруялъулго туснахъ къотIун бугилан цIакъ къварилъахъдулей йиго гьесул эбел, дир эбелги йиго. Гьабизе жоги гьечIо. Кире аниги кумекги щолеб гьечIо. Нижер фамилиялдехун рикIаризе байбихьун буго гьанже. Ниж рукIана кидаго ихтилат-кеп бокьулеб хъизан.

… Гьесул эменги чIвана гьез. Гъосда абунги буго жидеца дур эмен чIвазе вугин дуца Амировасда данде баянал кьечIони. Вацалги чIвалин абун букIана…

Динияб рахъалъанги гьечIо кумек, цогидаб рахъалъанги гьечIо. Нижеца Аллагьасде божун тун буго. Ниж гIадамал чIвалел чагIиги гуро…».

КъурамухIамад КъурамухIамад ГучучгIалиевас бицен гьабулев Сиражудин ГучучгIалиевасул эмен кколаан МахIач ГучучгIалиев. Гьев МахIачхъалаялда адвокатлъун хIалтIулев вукIана. МахIач ГучучгIалиев чIвана 2013 соналъул риидал, сардилъ рокъове вачIунаго.

Гьелда тIасанги гIемер батIи-батIияб бицен буго. Цояз абулеб буго гьев чIван ватилин низам цIунулез. Цогидаз абула жалго изну гьечIого яргъид гIуцIараз чIванин, вас туснахъалъуса вахъизе къваригIун, цIех-рехчагIазулгун гьесул бухьен батиялда щаклъун.

XS
SM
MD
LG