МагъчIваялъе рес

Рокъосеб зулму - балъгояб зулму


Гьал къоязда социалиял сайтазда информация баккана Гъизляр мухъалъул Пригородный росулъа 15 сон барай яс кIиго моцIица рахсида ян рокъой тIамун йикIун йигилан.

Гьеб ишалда хурхун цIех-рех унеб буго. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон гьей ясалъул имгIалзабаз тIамун йикIун йиго гьей рокъой. Гьелда тIадеги юхулейги йикIун йиго гьез гьей яс.

ГIолохъабигун лъугьун, сверулей йикIун, рукъалде юссуней йикIинчIила гьей, гьединлъидал гьелъие тарбия кьезелъун ян йикIанила гьей рахсида, гьелъ цIакъго ццин бахъинабураб мехалда кьабулебги букIанила гьелдайилан бицун буго низам цIунулезда гьелъул имгIалзабаз.

Гьал къоязда тIурун йорчIун йиго гьей яс, жийго жинцаго чIвазе хIадур йигин жий, амма гьеб рокъое тIад юссунарин лъазабун буго гьелъ. Гьаб сагIат Гъизляралъул полициялъ гьей рахсида рарал кIиялго имгIалзабазда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьиялъе баянал ракIарулел руго. Гьей ясалъе хIалае рахъун руго инсанасул ихтиярал цIунулелги, жамгIиял хIаракатчагIиги.

Гьез лъазабулеб буго нагагь цойги чи гьединаб ахIвал-хIалалде ккани гьесие кумек гьабизе хIадурарал чагIи рукIин лъазе кколила гьесдайилан. Гьей ясалъе кумек къваригIани жий кидаго хIадур йигила гьединал чагIазе кумек гьабизейилан лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулей ва адвокат Елена Денисенкоца.

Гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна рокъоб россаз лъудби ва лъимал рухи, гьезда хIал гьаби Кавказалда бищунго кIудиял проблемабазул цояб бугилан. ЖамгIияталъукьа нечон, гьеб кинабго бахчун букIиналъ гьеб дагьлъуларила ва тIагIунарилан.

Елена Денисенко: «Рокъор рухулел ругел руччаби кумек гьарун рачIине хIинкъула. ГIемерисеб нухалда гьедин рокъоб гIазаб кьолеб бугел гIадамазул хIакъалъулъ социалиял сайтаздасан лъала нижеда.

Рухиялъулги гIазаб кьеялъулгицин бицинарин, гьей Гъизляралдаса яч чIагогIаги хутIун йиго, инсуца яги гIагарлъиялъ рекъечIеб хьвада-чIвади букIанин абун ясал чIваялъул хIакъалъулъцин лъазабуларо нилъераз къуваталъул идарабазде.

Дун къогогIан соналъ цин юристлъун хадуй адвокатлъун хIалтIилей йиго дида Дагъистаналда кIиго гурони лъаларо гьедин чIварал ясазул улбуз хъван полициялде гIарзагун гьеб такъсир гьабурал гIадамал жанир тIамураб.

Хъизан, тухум, росу сурулеб иш бугин абун гьеб рокъор рагъ-кьал бугеблъиги, россас гIазаб кьолеб букIинги къватIиб лъазе толаро нилъер руччабаз. ЦIакъго хIехьезе кIвечIого гьеб иш къватIибе бахъизе яги гьев чи тамихIалде цIазейилан лъугьарал руччабиги гIагарлъиялъ риччаларо гьеб гьабизе.

МунлъагIанги рухулила, гьебги добги хIехьезе рукIунила руччабийилан абулеб рагIана цо нухалда гьедин рокъоб росас лъималазеги гьелъие жиндиегоги рахIат толеб букIинчIого кумек гьарун ячIарай ясалъул эбелалъ дида.

Лъималазул улбуллъун рахъарал руччабигицин гьелъул бицине хIинкъулелъул лъималазул бицинегойищ ккелеб. Киназулго бищун кIудияб хIинкъи букIуна жамгIияталъ щибдай абила, гIагарлъиялъул щиб пикрудай букIина абун. Жидерго ургъел гьабулев чи ватуларо».

Жиндиего гIоло гьабичIониги лъималазе гIологIаги гьеб рокъоб бугеб тIадецуялдеги, рагъ-кьалалдеги дандечIей гьабизе тIадаб бугила чIужугIаданалда. Гьединал ишазда хурхун гIемер ахIи-хIур бахъинабун, гьел лъудби ва лъимал рухулел бихьиназеги тамихI гьабулеблъи бихьизабуни гурони, гьеб руччабазеги лъималазеги гIазаб кьей лъугIизе гьечIин абулеб буго адвокаталъ.

Елена Денисенко: «Гьединал лъугьа-бахъиназда ва гьеб рекъечIеб иш гьабулел бихьиназда сверун ахIи-хIур бахъинабун, жамгIиятго багъаризабун гьеб ишалъул резонанс букIунеб хIал гьабизе ккола. Киназдаго бихьизабизе ккола цониги гьединав рокъоб хъизан-агьлуялъе гIазаб кьолев вукIарав бихьинчи тамихIалде цIан. ЦохIо светияб жамгIият гурониги диниял чагIиги рагъаризаризе ккола. Бокьараб диналдаги гьукъараб жо буго гурони лъудбиги лъималги рухи.

Нагагьлъун гьединав росасдаса жийги лъималги цIунейин абун къуваталъул идарабазде руччабаз хъварал гIарзазулги хIасил кколеб гьечIо гьелъул росасул гIагарлъи яги лъалел –хъвалел чагIи гьеб системаялда хIалтIулел ругони. Гьединлъидал къуваталъул идарабазда божун чIчIун жо кколаро, гьеб иш роцIцIинабиялъул хьул цохIо жамгIияталде буго.

Психолог ГIабдулова Маринаца абулеб буго кьабулев чиясда бугеб гIайибалъул бащадаб гIайиб гьеб хIехьолездаги бугилан. ГIемерисел руччабаз жидерго бихьиназдаса тIаса лъугьине нухал ралагьулила, хIатта щибниги гIайиб жиндаго гьечIониги гьеб рагъ-кьалалъе гIайибияйлъун жийго йигилан чIчIезабулила.

Гьелдаса пайда босун дагьабги цIакъ гьелъие гIазаб кьезе бихьинчиги лъугьунила. Маринаца абулеб буго цо, кIицIул кьабун хадуб гьелда лъугIулин гьеб рагъ-кьалилан абураб пикру мекъаб бугила. ТIоцебе кьабаралдаса бигьаяб букIунарила хадуб кьарабги, цо-кIицIул чIужуялде квер борхарав чияс гьеб кидаго борхулилан.

Марина ГIабдулова : «Руччабазе бокьун букIуна хъизан цIунизе, лъимал гьаризе. Гьелъие гIоло хIехьола гьез руха-кьабиги. Нилъер руччабазда гьедин букIине кколин чIужугIаданалъ хъизаналъе гIоло кинабго хIехьезе кколин абураб пикру ботIролъ бугIун букIуна, амма дун гьелда разияй гьечIо. ЧIужугIаданалъеги гьелъул лъималазеги бихьинчиясдасан хIинкъи бугони, гьес гьелги рухулел ругони гьединаб хъизан букIинегIан букIинчIого лъикI.

Лъималазулги психикаги хола, сахлъиги нахъе ккола гьединал хъизаназда. Нилъер руччаби цIакъго къурбаналлъун рукIуна, гьедин бегьуларо. Дица гьезда кидаго малъула нужеца нужгоги лъималги цIунизе кколин бищун цере, нуж тухумазулги гIагарлъиялъ абураб таралъулги ургъалида рукIине кколарин. Амма гIадатазул тIадецуй букIиналъ руччабазе захIмалъулеб буго гьединаб хъизаналдаса нахъе рилълъине».

Гьединго Маринал цIакъ рахIат хун бугоан Россиялъул къануналда хас гьабун хъизаналда рагъ-кьал гьабуралъухъ кьаварараб тамихI бихьизабун гьечIеблъи. Гьединго гьелъ абулеб буго росаз рухулел-кьабулел руччабазе кумек гьабулеб хасаб кризисалъулаб центрги цIакъ хIажат бугин республикаялдайилан.

XS
SM
MD
LG