МагъчIваялъе рес

Нухмалъиялъулъ "кампанейщина" - цIоросаролъ ва дзюдо


ГIурус мацIалда буго "кампанейщина" абураб цо рагIи. Гьелъул магIна рагIула чIван къотIараб хIисаб, план, стратегия гьечIого киналго рахъун ххвалие цо жо гьаби. ТIаса-масагояб хIалтIи, жавабчилъи гьечIолъи, модаялда рекъон иш гьаби.

Гьеле гьеб "кампанейщинаялдаса" букIанин абизе бегьула Никита Хурущевас тIубараб улка цIоросаролъ гIезабизе тIамурабго щибниги гьелъул пайда хайиралъул хIисаб гьечIого кинабго пачалихъ цIоросаролъ гIезабизе лъугьин.

1955 абилеб соналъ СШАялде щварав Хрущевасда гьезул фермер Гарстил цIоросаролъ бихьун хIукму гьабула тIубараб СССР цIоросаролъ гIезабизе тIамизе, Казахстаналдаса бахъараб Таймыралде щун. Гьеб ахIмакъаб пикруялъ ва кампанейщинаялъ гIадада чIвала гIемераб заман. ЦIоросаролъил гIелму, академиял, данделъаби, конференциял, рекьари, тIубараб улка реххун тун хутIарал культурабигун цIоросаролъиде руссун, цо чиясул гIаданибе ахIмакъаб пикру бачIанин.

Гьеб "цIоросаролъил" унти ва "кампанейщина" цIакъ гIемер дандчIвала нухмалъиялъулъ. Хасго гьелъие хIаркат бахъула тIад вугев рази гьавизеян гъоркь ругел палугьабаца. Гьел президенталгун, генсекалги, республикабазул бутIрулги нилъго гIадинал гIадатиял гIадамал рукIуна, нилъеего гIадин цо жо цIикIкIун бокьулел, цогидаб рихарал. Россиялъул къираллъуда Б.Ельцин вугеб мехалда цIакъ ссиялда букIана теннис.

"Теннис - королевский вид спорта" абураб калима гIемер букIана информациялъул алатазул кIалдиб. ХIалица гали босулев, унтуцагун гьакълица вих-виххун унев Борис Николаевич цадахъ Наинагун паркъулаан теннисалъул халкъазда гьоркьосел къецазда. Теннисалъул корталда Коржаковгун вахъулаан, улкаялда жеги чIаго вугев лъазе. ХIасил калам, халат рахъарал хIалбихьияздаса хадув, чамалиго дунялалдаса бахчизе кIвечIеб циркги гьабун хIалхьиялде ана Ельцин.

Теннис цебе тIуниги федералияб тIалъи ва живго Ельцин загIипав вукIун гьеб машгьур гьабулеб кампанейщина лъугьинчIо улкаялда. Гьеб хисун вачIана В.Путин ва дзюдо. ХIалица гали босулев Ельцин хисун къартIаб лага-черхалъул В.Путин, дзюдоялъул приемал ва кимано бачIана цебеххун. Кинабго улкаялъе гьеб лъугьана цо хасаб мисаллъун. Дзюдо лъугьана улкаялъул аслияб спортлъун.

Регионазда гьелъул федерациялъул нухмалъи кодобе босана бищунго рагIи билълъарал ва В.Путинида берцин рихьизе бокьарал чагIаца. Дзюдо политикаялъул элемент букIин бичIчIана нилъеда араб анкьалъ Россиялъул дзюдоялъул тIаса бищараб командагун тренировкаби гьаризе заман батарав В.Путин вихьун. Жакъа Россия буго глобалиял масъалабазда цебе. Америкаялъулгун Европаялъул улкабазулгун гьогьоми, магърибалъул рахъалда Украиналъулгун тушманлъи, гIагараб машрикъалда Шамалъулгун рагъ. Турказулгун хварал гьркьорлъаби.

Жаниб улкаялда тIаде гIагарлъулеб финансовияб, экономикияб ва нухмалъиялъулаб кризис. Гьеб ахIвал-хIалалда щиб кьелеб нилъее дзюдоялъул приемаца? Дзюдоялъул приемазда пачалихъалъул аслияв чи вукIин буго нужеда ккарабгIан квеш гьечIо иш пачалихъалда абизе кьолеб сигнал. Гьеб политикияб рахъалъ битIараб гали батизеги рес буго. Амма экономикиялъе ва улкаялъул цебетIеялъе ва перспективаялъе щибха гьалъ кьелеб, гьелъие жаваб гьечIо. Щибха гьабизе бугеб гьаб хIалалда В.Путиница гьарулел тренировкабазухъги ралагьун 85 регионалъул нухмалъулеца? Гьелдего рачIарал жал - къецал, фестивалал, форумал, конференциял, концертал. Гьадабго Хрущевасул цIоросаролъил гIадаб кампанейщинаха.

Амма улкаялда цере руго бат1иял масъалаби. Киналъулго щекъер ккураб коррупция, гали бахъанщиналъур кьолел ва росулел ришватал, ахада речIараб гIелму ва производство, улка тун лъутулел киналго цIаларал, лъай щварал гIадамал, щибаб лъагIелалъ чамалиго нус-нус азаргоялъ гьарулездаса хваразул къадар цIикIкIунеб статистика ва азарго цоги масъалаби. ХIисабал, суалал, жаваб балагьулев чи дагьал, гьабунщиналъе гьурра ахIулел ва хъатчIвалел гIемерал. Поэтас абухъе, ахIи-хъуй гIемерал, пикраби дагьал. Кида алъий ахир лъелеб, лъица алъий ахир лъелеб, заман щвеч1ищ гIакълуялъ законалъе ва законалъ халкъалъе нухмалъи гьабулеб улка нилъер лъугьине? Хут1араб цебе т1ураб дунялалда релълъараб? Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG