МагъчIваялъе рес

ГьересихIисабал ва Хебалъ школалда тIаделъараб пачалихъ


Дир суал буго районалъул администрациялъе ва лъайкьеялъул министерствоялъе, ноябрь моцI щвезегIан кир ралагьун ал рукIарал жаниб хасел сверизениги гIурал шартIал школалъе чIезаричIого?

Прокуратураялъ тIалаб гьабулеб рагIула ЦIунтIа районалъул Хебалъ росдал гьоркьохъеб школа къазе, жанир цIалдохъаби чIезе санагIалъаби ва шартIал гьечIолъиялда бан. Ноябралъул 23 абилеб къоялъ комиссиялъ халги гьабун гьеб гъаримаб аза-азар цIалдохъаби риччараб школа чIезабун рагIула "ветхо-аварийнийлъун" ва къазе кколин хIукму къотIун рагIула.

Дир суал буго районалъул администрациялъе ва лъайкьеялъул министерствоялъе, ноябрь моцI щвезегIан кир ралагьун ал рукIарал жаниб хасел сверизениги гIурал шартIал школалъе чIезаричIого? Суал буго прокуратураялъе, рес букIинчIищ гьеб хал-шал августалда гьабизе, цIалул сон байбихьиледениги гIадамаз лъималазе санагIалъи гьабизе? Гьелго суалал цIунтIадерил школаги къан къватIир лъимал ккарал умумузулги ратила.

Пайда щиб, нилъер республикаялда ва улкаялда кидаго суалал гIемер рукIуна жавабаздаса. ХIисаб гьабеха лъугьа-бахъун бугеб гIажаибаб ахIвал-хIал гьел школазулги, больницабигун медицинаялъул пунктазулги мугIрузулаб Дагъистаналда. 2007 абилеб соналъ Дагъистаналъ Россиялда тIоцересезда гъорлъ къабул гьабуна 131 федаралияб закон бакIалъул нухмалъиялъул хIакъалъулъ. Гьеб къабул гьабурабго гIемерал бахIсалги, дагIбаялги рукIана гьеб лъикIин цоял квешин цогидал.

Законалъул аслияб хаслъи буго муниципалитетаз кIванагIан ресалги, ихтиярал ва кверщелги жидехъе босун бакIалъул нухмалъи гIуцIи, жаниса бюджеталъе сурсатал ралагьи, бакIалъул нухмалъиялдалъун муниципалитетал жалго жидедаго чIарал, камилал ва цере тIурал гьари. Гьеб законалъул принципалда рекъон шагьаразе, районазе ва росабазе гIарацги кьезе ккола гьенир ругел рухIазул къадаралда рекъон. Щибха гьаб законаъ кьураб?

Масала, ЛъаратIа районалъе бюджет кьола 25 азарго тIувачIев чиясул хIисаб гьабун. Районалда буго 19 росдал администрацияги, 105 росуги. Росаби руго цо-цо бакIалда лъабго, щуго рукъ бугел, кулаби гIадал. Гьел кулабазе хIажалъулел руго нухалги, инфрастурктураги, байбихьул школалгун медпунктал ва цогидал санагIалъабиги. ТIаде жоялъе доб заманалда республикаялъул бетIерлъун вукIарав МухIу ГIалиевасул амру букIана цохIо лъимер бугониги школал къагеян.

Щибха гьабураб муниципалитетаз? ГIаммаб районалъул лъайкьеялъе биччараб гIарац гIемерал гIадамал ругел росдал администрацияздаса рахъун дагьазе кьуна киналго цIуниялъул мурадалда. Муниципалиял гIуцIабазул бутIруз ва бакIалъул нухмалъулез кинабгIаги хIалтIи гьабичIо я производство, я экономика, я магъалаби, я жанисел сурсатал ралагьизе. Гьелъул бакIалда районазе бюджет цIикIкIун бачIинеян аз иргадулаб переписалда понцIозабуна статистика ва "гIемерлъизаруна" жидер муниципалитазда гIадамал. Киналго тIаделъана гьереси хъвай-хъвагIаязде, гьел цо "приписки" абурал жалазде.

Гьел макрабазда хутIарал бутIруз тIалаб гьабичIо жакъа прокуратураялъ къалеб Хебалъ росдал гьоркьохъеб школа гIадинал бакIазул. Гьединал, пачалихъалъул стандарталда данде кколел школал мугIрузул районазда ращдалцин ратиларо. Щай гьаб ахIвал-хIал лъугьун бугеб магIарухъ?

Щай гурелъул жакъа Россиялдаги Дагъистаналдаги киналго, гIадамалги, тIадчагIиги ругьунлъун руго гьел цо "двойной стандартал" абурал жалазде. Цо бакIалда хвезабизе бегьулеб буго закон, цогидалъуб гьечIо. Гьединабго кIиго "хIакъикъатги" буго сундулъго, цояб хIисабалъе ва статистикаялъе хIалтIулеб, цогидаб хIакъикъталда бугеб? Отчетал, документал, докладал, данделъиял, рищиял, гьезул хIасилал, проверкаби, актал кинабго буго гьересикагъатаз бахчараб, хIакъикъаталдаса кьурараб. Абулеб - цо, гьабулеб - цойги.

Лъабкъоялда анцIго соналъ гьерсал рицана СССРалъул заманалда, хIатта улкаялъул Конституциялда бихьизабураб " диналъе эркенлъи" бугин абураб хъвай-хъвагIаялдаса байбихьун. Нилъеда лъалагури кинаб "эркенлъи" диналъе СССРалъ кьун букIарабали. Азарго гIунгутIи букIаниги доб пачалихъалъул лъайкьей, нухмалъи квешаб букIинчIин абизе бегьула. Долдаса жакъасеб Россиялъ ирсалъе босараб жо цохIо буго - гьерсал рицин ва гьересиотчетал. Гьелъул хIасилалда лъугьун буго жакъа магIарухъ щиб гьабизе кколебали лъалареб ахIвал-хIал. Цояб рахъалъ нилъеда абулеб буго росаби цIунизе кколин, росабалъ гIумруги,гIадамалги, динги, гIадатги цIунизе кколин. Росу билани нилъеца кинабго билулин.

Цогидаб рахъалъ хасал цIогьодулел ва ришватал росулел чагIазул ва гьезул гьересиотчетазул къайимлъиялда тун руго росаби. ГIолохъаби унел руго гочун. ГьечIо кидаго ток, тIагIунеб буго, гьечIо мадарал нухал, хIалтIизе бакIал, бищунго гIадаталниги шартIал. Жакъа экономикияб кризисалъ гьеб "оптимизация бюджета" абураб жо гьабулаго тIоцебе квер борхулеб буго бищунго мискинаб халкъалде, абухъе "социалкаялде". КIиго джипалъул бакIалда цо гIолин абулев, охрана, машина, кабинет, курортазда бакI кIваричIин абулев чиновник рагIичIо цониги. Байбихьи гьабулеб буго бищунго мискинал бюджеталъул хIалтIухъабазул харжаздаса ва Хебалъ школалдаса. ГIажаибаб пачалихъ, гIажаибаб тIалъи.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго

XS
SM
MD
LG