МагъчIваялъе рес

ЦIидасан чIвана имам


МухIамад Хидиров
МухIамад Хидиров

Жакъа 9 сентябралда Хасавюрт мухъалъул ЦIияб Къуруш росулъ щалали лъаларел яргъид гIуцIараз чIвана росдал имам МухIамад Хидиров. ЦIех-рехалъул идарабаз такъсиралъе аслияб гIиллалъун рикIкIунеб буго имамасул пиша. Гьев вукIун вуго Дагъистаналъул динияб идараялъул хIалтIухъан. Экспертазул пикруялда рекъон, Дагъистаналда ва тIолабго Кавказалда рухIаниял чIваялъе аслияб гIиллалъун буго пачалихъалъул ургъичIеб рухIияб политика.

ЦIияб Къуруш росдал имам чIвана радал сагIат ункъоялда росдал мажгиталъуве унаго. Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул баяназда рекъон, щалали лъаларел маскаби ххурал кIигояв кьвагьдон вуго как базе унев гьесде. 34 сон барав МухIамад Хидиров гьеб бакIалда хун вуго, такъсирчагIазда рахчизе кIвана. Такъсиралда хурхун уголовияб хIалтIи рагьун буго. ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Расул Темирбековас «Эркенлъи» радиоялъе бицана цIех-рехчагIаз имам чIваялъе аслияб гIиллалъун гьесул пиша рикIкIунеб бугилан.

Расул Темирбеков: ГьабсагIаталда аслияб гIиллалъун рикIкIунеб буго гьесул динияб хIалтIи, жеги цIех-рехалъул процесс унеб буго, гIагарлъиялъул, нугIзазул ва цоги бакIалъулазул баяназда рекъон жеги мухIканго лъазабулеб буго. Официалияб къагIидаялда жеги чIезабун гьечIо, амма цо-цо харбазда рекъон гьесул бакIалъулал салафиязулгун рагIи дандеккунгутIи букIанилан абулеб буго. Кинабго мухIканго лъазе буго цIех-рех лъугIун хадуб.

ЧIварав имам вукIана Дагъистаналъул динияб идараялъулгун бухьенги бугев, батIи-батIиял гIелмиял данделъиязулъ гIахьаллъи гьабулев жигарав жамгIиятчи. Росулъ гьесулгун дагIба лъилниги букIинчIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Гереев Русланица.

Гереев Руслан: «МухIамад дида лъалаан, гьев вукIана жиндихъ тIарикъатги бугев, росулъ ва динияб идараялда рагIи билълъарав, лъикIаб исламияб лъай щварав чи. Гьесда лъалаан чанго мацI ва диниял суалалгун рачIарал гIадамазе гIакълу кьезе, фатва гьабизе. Живгоги тIадбалагьун вихьизе бокьулеб сипаталъул ва гIамалалъул чи вукIун, гIолилазда гьоркьоб гьесул къадру букIана. ГIелмияб хIалтиги гIемер гьабулаан гьес, динияб идараялъ тIоритIулел батIи-батIиял гIелмиял, теоретикиял конференциязда ва форумазда жигараб гIахьаллъи гьабулаан МухIамад Хидировас. Гьелдаго цадахъ, гьев вукIана рекъел бокьулев, гIадамазулгун дагIба-рагIи гьечIев чи. Дида абизе кIоларо гьев чIваялъе гIиллалъун динияб хIалтIи гуреб, кинабалиго батIияб конфликт букIанилан».

Щай Дагъистаналда имамзаби ва цоги диниял церехъаби чIвалел ва кин гьелда дандечIчIезе кколел абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб группа абураб инсанасул ихтиярал цIуниялда хадуб хал кколеб жамгIияб гIуцIиялъул вакил Пахоменко Варварада. Гьелъул пикруялда рекъон, диниял церехъаби чIваялъе аслияб гIилла буго кIиго исламияб рикьиялда гьоркьоб унеб идеологияб дандечIеялде гьоркьоре пачалихъгун къуваталъул идараби журай.

Пахоменко Варвара: ТIоцебесеб иргаялда пачалихъалъ гIадамазе кьезе ккола къанунал ва инсанасул ихтияр цIуниялъул, гIадлу чIезабиялъул гарантия. Гьелдаго цадахъ гарантия кьезе ккола инсанасе жиндие бокьараб дин гьабиялъе бугеб ихтияралъул. Ай, жинца цониги къануналда данде кколареб иш гьабуларев, кьвагьа-гIанхъиялда гъорлъе жувачIев чиясе жиндирго дин гьабизе гьукъизе бегьуларо, гьедин хъван буго Конституциялдаги. ГьабсагIаталда тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго радикалияб исламалъул асар. Гьеб бихьулеб буго Исламияб пачалихъалъул рахъ кколел чагIи цIикIкIунел рихьарабго. Гьез хIинкъаби кьолел руго гIицIго пачалихъалъул рахъ кколел диниял жигарчагIазе гуреб, киналго жалгун рази гьечIел чагIазе. Гьеб буго цIияб хIинкъи.

Пачалихъ цохIо къуваталдалъун хIалтIани, гьелъ рикIкIад гьаризе руго ва радикализмалде тункизе руго киналго диниял церехъаби. Гьединлъидал, цохIо къуват хIалтIизабизе бегьуларо. Диниял церехъаби чIвай буго иделогияб конфликталда гьоркьобеги жубан, пачалихъалъ цоязул рахъги ккун, цогидазде тIадецуй гьабиялъул хIасил. Гьелъул гIаксалда, гьабсагIаталда хIукуматалъ рахъ кквезе ккола суфияв ва салафияв балагьичIого, ракълиде ахIулел диниял жигарчагIи. Хадубги, пачалихъалда къанунал хIалтIизе ккола, гьелдаса ракIги буссун бусурбаби Исламияб пачалихъалде унгутIизе. Полициялъул хIалтIухъабаз гьел такъсиразда дандечIей гьабизе кколеб бакIалда такъсирчагIиги хIан бизнесчагIазухъа гIараз бахъулеб бугони, хадусеб бицун щай? Гьелъ унел руго радикализмалъул асаралда гъоркье.

Ахираб щуго соналда жаниб Шималияб Кавказалда чIван вуго 4I динияв цевехъан. Гьезда гъорлъ – шайих ЧIикIаса СагIид Афанди. Гьединал баянал кьолел руго «Кавказ узел» сайталъ. Такъсиразул 3I-яб гьабун буго Дагъистаналда.

XS
SM
MD
LG