МагъчIваялъе рес

Имам Магьди вахъиндалгIаги цолъизе кколелъул….


Ахирисел лъугьа-бахъиназдаса хадуб Дагъистаналда радикалиял бусурбабаздаги, тIарикъаталъул церехъабаздаги гьоркьор ракълилал къотIи-къаял гьариялъул тадбир жеги лъикIаланго мехалъ чIун хутIизе бугилан рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.

Рес бугиш Дагъистаналда бусурбаби цо пикруялде рачIине ва кинаб политика билъанхъизабизе кколеб Дагъистаналъул цIияв нухмалъулес диниял суалазда сверун?

Гьаб анкьалда Дагъистаналъул информалатаз кIвар кьурал хIужабилъун ккана Лаваша мухъалъул ХважалмархьутIаги, Унсоколо мухъалъул ГIашилтIа росулъги ккарал чIвай- хъвеял. ХважалмархьутIа цере хадур гIадин чIван ратана гьенир гIумру гьабун рукIарал лъабго чи. Абулеб букIана гьел вагьабязул рахъккурал чагIи рукIанилан.

ГIашилтIа росулъ чIварав гIолохъанчи ккола араб соналъ августалъул 28-б къоялъ ЧIикIаса СагIид-Афанди чIваялда щаклъи букIун декабрь моцIалда ккун вукIарав МухIамадгIали ГIамирхановасул вац.

МухIкан гьаричIел баяназда рекъон гьеб кIиябго такъсир гьабурал чагIи рукIине бегьула къватIиса регионаздаса гьанире рачIарал ва республикаялда гIумру гьабун рукIаралги низам цIунулел хIалтIухъаби. Жидедаго цадахъ хIалтIулел рукIарал батIи –батIияб заманалда хасал операциязда чIварал жидерго гьалмагъзабазе гIоло босараб рецIел букIине бегьулин гьезул гьеб ва гьелдалъун тIарикъаталъул бусурбабазде салафиязул щаклъи ккезабизе ургъунго гьабураб хIалтIигиян рикIкIунелги руго.

Цо-цо экспертаз рикIкIунеб буго рехсарал чIвай-хъвеяздаса хадур салафияздаги суфияздаги гьоркьор ракълилал къотIи-къаял гьариялъе гьабулеб хIалтIуе кIудияб квал-квал ккезе бугилан.

2012 соналъул маялда дагъистаналъул аслияб мажгиталда данделъун рукIана кIиябго рахъалдаса вакилзаби цоцада гьоркьор ругел рагIи дандеккунгутIиял лъугIизариялъул мурадалда. Амма цохIо гьеб дандчIваялдалъун лъугIана гьеб диалогалъул бицен. Августалда тIарикъаталъул устар СагIид-Афанди чIван хадуб киназго абулеб букIана гьеб диалогалъул хIалтIи чIун хутIизе бугилан. РухIияб идараялъулъги Дагъистаналъул аслияб мажгиталъул нухмалъулесги абулеб букIана лъугIичIин диалогалъ жиндирго хIалтIи цIигьабизе бугилан.

Салафияздаги суфияздаги гьоркьоб ракълилал къотIи-къаял гьариялъе Дагъистаналъул динияб идараялъ гьабулеб хIалтIи гIей гьечIеблъун бихьулеб буго Гереев Русланида. Гьес мисалалъе бачана мадугьалихъ бугеб Гъалгъаязул республикаялда гьелда хурхун тIалъиялъ гьабулеб хIалтIи. Диналда хурхун гьабулеб кинабго политика гьезул юстициялъул министерлъиялъул бербалагьиялда гъоркь бугилан бицана Русланица. Гьелъул хIасилалда Гъалгъаязул дора цоял салафиялин цогиял суфиялин ратIа тIурал бусурбаби гьечIин, жакъа киналго цоцалъ рекъон хIалтIулел ругин. Нилъер гьанибин абуни рухIиял церехъабаз гьабулеб хIалтIи бугин цохIо тIарикъаталъул кьучIалда куцараб, республикаялъул гIемериселщинал бакIазда имамзабазул щвалде щвараб лъай гьечIолъиялъ дагъистаналъул гIолохъабазул цIикIкIарасеб бутIаялъ тIасабищулеб буго салафиязул нух, щайгурелъул гьезул церехъабазул кIалъазе махщел кIудияб букIиналъ

Дагъистаналъул цIияв нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница динияб политикаялда хурхун гьабизе кколеб хIалтIуда тIасан гьадинаб пикру буго Русланил:

Гереев Руслан
Гереев Руслан
Гереев Руслан: «ТIоцебесеб иргаялда жиндаго сверухъ гьес гIуцIизе ккола диниял суалазда сверун халтIи гьабун бажарулел чагIаздасан гIуцIараб аппарат. КIиабизе босани абизе ккола жакъа хIукуматалъул жавабиял хъулухъазда руго гIицIго тIарикъаталъул церехъаби. Гьеб гIуцIи буго хисизабизе къваригIун. Щайин абуни гьел чагIазухъа цохIо тIарикъаталда хурхарал гурони суалал тIуран бажаруларо. ХIукуматалда рукIине ккола кинабго диналъул вакилзаби: бусурбабиги, насраниялги жугьутIалги ва хIатта протестанталги. ХIисаб гьабе республикаялда буго 28 батIияб динияб гIуцIи. Гьелда сверухъ хIалтIийин абуни лъицагIаги гьабулеб гьечIо»

Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъа Шапиев Рустам ккола тIарикъаталъул рахъкколев гIолилав. Гьесул тIулбикьарав вац вуго салафиязул рахъалда. Амма гьелъ кинабгIаги квал-квал гьабуларин жидее цоцалъ рекъон рукIинеян бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе. Ахираб заманалда жидер мажгиталъул имамзабаца гьарурал вагIазабазда хадур цо гьитIинабго букIаниги хиса-баси лъугьанин кIиябго рахъалда. Жидер мажгиталде гьелаги рачIунин гьезул мажгиталде нижги унин.

КIиябго рахъалдаса вакилзабиги цадахъ гIдорги чIун цо пикруялде рачIине къасд гьабураб нужецаян гьикъидал гьадин бицана Рустамица.


Шапиев Рустам: «Чанги церетIурал гIалимзабаца цебго гьабураб къасд буго гьеб, нижер гьитIинаб росуги данделъун гьеб хисизабизе лъугьин гIададисеб жо бихьула дида. Нижер дибирзабацани абулеб буго гьезда тейила гьаб чIвей-хъвейги, гIала-гъважаги абун. Имам Магьди вахъун кингоги цолъизе кколел чIагIи ругила нилъ, гьев вахъун хадуб гьесда цебе нечезе ккараб пишаялда ругила нуж гьабсагIатилан.

Шапиев Рустам: «Нижер гьанир цо къотIнор гIумру гььабун руго къороллъарай кIиго чIужугIадан. Цоялъул рос вукIана вагьабияв, цогиялъул рос полициялъулав. Цере хадур гIадин чIвана гьел. Гьа щибха кьураб гьеб рикьиялъ гIадамазе, магIуги цинги, къороллъарал руччабиги. Бесдалзаби цIикIкIун гурони тIокIаб гьелдасан бугеб мунпагIат гьечIо».

Жакъа дур рес букIарабани диалог цIигьабизе сундасайин дуца тIоцебе байбихьилебан гьикъана нижеца хадубги Рустамида:

Рустам: «Ракълилаб къотIи-къаялдаса байбихьилаан дица тIоцебесеб иргаялда. Жиндир баракат щваяв муфтияс байбихьунги букIана гьеб. Амма гьеб рагIалде бахъине толеб гьечIо. Иламалъул тарихалде балагье я ГIумарасхIабас, я ГIалиасхIабас чIвачIо цониги насранияв, цониги гьезул килиса биххизабичIо гьез. Жакъа гьаз гьабулеб бугелъухъ балагье, Лаилагьа Илаллагь МухIаммад Расулуллагьиланги ахIун чIвалел руго бусурбаби. Щив чи гьев ватаниги гьев вуго тIоцебесеб иргаялда Аллагьасул лагъ. Гьес къотIизе биччай гьесие тамихIги. Нилъер ихтияр гьечIо гури гьелъие»

Кин букIаниги фейсбукалдаги цогидал социалиял сетаздаги салафиязул рахъалдаса тIарикъаталъул бусурбабде тIолеб чорклъи цIикIкIунеб буго жиб-жиб къоялъ. Гьединалги цогидалги мисалал жакъа кигIан бокьаниги рукIаго диалог цIигьиялъул хабар жеги гIемераб мехалъ нахъетIамун хутIилилан рикIкIунеб буго Каспийскалда бугеб мажгиталъул имам МухIамадов ГIабдулалцаги. Кинабго бараб бугин рухIияб идарялъ гьабулtб хIалтIудаги, цоцалъ рекъон рукIине цояб рахъалда ругел чагIаз бахъулеб хIаракаталдаги.

XS
SM
MD
LG