МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул бетIерлъун лъабабилеб нухалдаги ХIусен ХIамзатов вищана


ХIусен ХIамзатов
ХIусен ХIамзатов

8 сентябралда Буйнакскалъул бетIерлъун лъабабилеб нухалдаги вищун вуго ХIамзатов ХIусен. Шагьаралъул мажлисалъул депутатазул 97 % кьун руго гьесие гьаркьал. ХIамзатовасде данде рукIарал кандидатазул цоясе цо, цойгидасе кIиго гьаракь щун буго. Гьел рищияздасаги, гьел тIоритIулел ругел куцалдасаги разигьечIел Буйнакскалдаса гIадамал кIиго къоялъ тIатIал гIарзалъ Россиялъул президентасул администрациялде щун руго.

Талат къоялъ Буйнакскалъул нухмалъулесул рищиязда бергьенлъи босана гьеб шагьаралъе 2007 соналдаса нахъе бетIерлъи гьабулев вукIарав ХIамзатов ХIусеница. Гьев гурониги Буйнакскалъул бетIерасул рищиязда цойги кIиго кандидатги гIахьаллъана. Шагьаралъул мажлисалъул депутатаз вищана Буйнакскалъул бетIер. 21 депутатасда гьоркьоб 18-яс ХIамзатовасул рахъккуна, 2 чияс гьаракь кьуна ЛДПРалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул координатор Ибрагьимова Мадинае ва цо депутатас рахъккуна Буйнакскалъул администрациялъул бетIерасул ишал тIуразарулев Ханов Расулил.

Республикаялъул къануналда гьарурал хиса-басиязда рекъон исанаялдаса нахъе мухъазулги шагьаразулги цо гурони нухмалъулев вукIине гьечIо. ГьанжелъагIан муниципалияб гIуцIиялъул бетIерги, администрациялъул нухмалъулевги вукIун ватани, гьанже администрациялъул бутIрулин абун чагIи рукIине гьечIо. Гьедин 8 сентябралда рукIарал рищиязул хIасилалда ХIамзатов ХIусен лъугьана Буйнакскалъул цого-цо бетIерлъун.

Рищиязда гIахьаллъарал Хановги Ибрагьимоваги ХIусен ХIамзатовасул чагIи кколарин, гьезда жал рищуралебги гIезегIан лъикI лъалаанила, амма гIадамазда жалго ракIалде щвеялъе, pr-алъе гIоло лъунила гьез шагьаралъул бетIерлъиялде кандидатурайилан абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиолъухъе.

Гьел рищияздасаги, гьезул хIасилаздасаги, гьел тIоритIулел ругел куцалдасаги разигьечIел Буйнкаскалъулалги руго гIезегIанго. Аслияб къагIидаялъ гьез тIалаб гьабулеб букIана Буйнакскалъул бетIерасул рищиял 8 сентябралда тIоритIичIого, 13 сентябралъ цIидасан шагьаралъул мажлисалъул депутатал рищун хадуб гьарейилан. Гьезул цо къокъа кIиго къоялъ тIатIала Москваялда Владимир Путинил администрациялде гIарзалъ щун руго.

Гьезул цояв ГIалиев МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жал президентасул гIадамал къабул гьарулеб бакIалде щун рукIанила итни къоялъ, гьениб жидер гIарзаги босанила. Талат къоялъ Путинил администрациялъул вакилзабигун дандчIвазе ахIун ругила жалилан. Гьесулго рагIабазда рекъон итни къоялъ гьезул гIарза къабул гьабун буго Россиялъул генералияб прокуратураялъги. «Единая Россия» партиялъул нухмалъиялъул вакилзабигунги.

Гьединго разигьечIезул кIиабилеб бутIа рищиял байбихьилалде бакIарулеб букIун буго Буйнакскалъул администрациялъул минаялда цебе, шагьаралъул аслияб майданалда. Амма полициялъулаз жидее гьеб акция тIобитIизе рес кьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб дандеруссин гIуцIулел рукIаразул цояв Буйнакскалдаса Жанхватов Шамилица.

Жанхватов Шамиль: «Берцинго нижее митинг тIобитIизе течIо жакъаги, рачIун полициялъулаз нахъе гъуна гIадамал. Нижеца щибниги бегьулареб жо гьабулеб букIинчIо, къануналъ гьукъараб иш гьабизе ракIалдаги букIинчIо. Нилъер демократия бугеб пачалихъ бугелъул, улкаялъул конституциялъ кьураб ресалдаса пайдаги босун нижерго пикруги, разигьечIолъиги, тIалабалги загьир гьаризе ракIаризехъин рукIана гIадамал.

ЧIалгIун вуго ХIамзатовги гьесул сиясатги буйнакскалъулазда. Халкъалъе къваригIун вуго хIалтIиги гьабулев, нухмалъиги гьабун бажарулев чи. Рищиялин абун щибаб нухалъ ХIамзатовас гьабураб циркалъул хIасилаздаса щай ниж разиял рукIине кколел. Гьес жидерго тухум-кьибилалъеги жиндирго торгIокколел чагIазе гурони тIокIаб щибниги пайдаяб жо гьабичIо гьаб шагьаралъе 8 соналда жаниб.

Гьебщинаб мехалъ гьабичIеб хIалтIи гьес гьанжеги гьабуларо. Шагьаралъул нухазухъ балагьун битIахъе гIодизе бачIуна, шагьарин цIар бугеб бакIалда жеги лъел проблема тIубан гьечIо, хIалтIизе бакIал гьечIо гьанир, цохIого цо бугеб «Авиаагрегат» заводги жакъа-метер къаялде ккун буго. КидаллъагIан халкъалъ гьеб хIехьезе кколеб, нижеда чIалгIун буго гьаб сагIат шагьаралда бугеб санагIалъи бахъараб ахIвал-хIал. Нижее къваригIун буго шагьаралда гIадлу букIине, гIадамал берцинго хIинкъичIого къватIире рахъун бажарулеб хIал гьаниб лъугьине».

Официалияб къагIидаялъ ХIамзатов ХIусеница гьесде халкъалъ гьарулел ругел гIайибазда хурхун ва гьезул разигьечIолъиялда бан кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Гьебго позиция буго гьесул прес-хъулухъалъулги. Амма гьал къоязда «Черновик» газеталъул рекламаялъулал макъалаби рахъулеб бутIаялда ХIамзатовасул интервью бахъун бугоан.

Журналистас шагьаралъул нухал щиб хIалалдайин ругелин цIехараб мехалда ХIамзатовас абулеб буго 10-15 соналъ цебе букIаралде данде гьанже гIезегIан лъалалда ругин гьелилан. ХIамзатовас абулеб буго шагьаралда гIезегIан проблемаби ругила, гьел камун хутIуларила, амма гIаммаб къагIидаялъ шагьаралда квешаб ахIвал-хIал гьечIилан. Шагьаралъул инфраструктураялъул бицунаго гьес рехсолеб буго бищун аслиязул цояблъун бугеб лъел пробема тIубазеялъе гIоло Буйнакскалъул «Дружба» мухъалде лъим бачIунеб хIал гьабун бугила, цойги мухъаздаги гьеб масъала тIубаялъе хIалтIи гьабулеб бугила. ХIукуматалъ гьел хIалтIабазе биччалеб гIарцуда базабулеб буго ХIамзатовас кинабго.

Гьебго интервьюялда Буйнакскалъул бетIерас абулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон 2014 соналъ Буйнакск республикаялъул бищун гIодобе биччараб шагьарлъун рикIкIун буго. Тухумчилъиялъул бицунаго гьес абулеб буго жиндир бугила гIемер миллатал жубараб кIудияб хъизан. Гьедин хъулухъалда вугев чи жиндир гIагарлъиялъул вакил вукIунин абун жинца гьев хIалтIудаса щайила вахъизе кколев, хасго гьев лъикIав хIалтIухъанги вугонийилан.

XS
SM
MD
LG