МагъчIваялъе рес

Буйнакскалъул нухмалъи хиси тIалаб гьабулеб буго гIадамаз


25 августалда Буйнакскалда «Россиялъул ветераназул партиялъ» шагьаралда бугеб коррупциялде ва тухумчилъиялде данде 500 гIан чи гIахьаллъараб, митинг тIобитIана. Гьеб акция гIуцIараз лъазабулеб буго Буйнакскалъул нухмалъиялъ шагьаралъе зарал ругеб жо гьабулеб гьечIила, ахираб анцIго соналда жаниб шагьар къачIаялъе яги гIадамазе санагIалъиялъе щибниги хIалтIи гьабичIилан. Митингалъул гIахьалчагIазги лъазабуна жидее цIияв, халкъалъе пайдаялъе хIалтIулев мэр хIажат вугилан.

Талат къоялъ Буйнакскалда Чкаловасул къотIноб тIобитIана коррупциялде ва тухумчилъиялде дандечIараб митинг. Гьеб гIуцIана «Россияблъул ветераназул партиялъул» гIахьалчагIаз. Гьезда тIоцебе ракIалда букIана гьеб къотIносан шагьаралъул асиляб майданалде щвезегIан рилълъун ун, Буйнакскалъул нухмалъиялдаса разигьечIолъи лъазабизе ва жидерго тIалабал загьир гьаризе. Шагьаралъул администрациялда лъазабунги букIун буго гьез жидеца гьеб акция тIобитIизе бугилан. Амма гьезие квалквал гьабуна полициялъгун аскарияз. Гьеб партиялъул офисалъул кIалтIе гIадамал ракIаризе лъугьараб мехалда Чкаловасул къватI гьоркьосаги къотIун, полициялъул хасаб къокъаялъ ва аскарияз, гIадамал гьенисан хьвадизе риччачIо. Гьеб мехалда гьебго къотIноб бугеб жидерго офисалда цебе митинг тIобитIизе бугин лъазабуна партиячагIаз, амма гьеб митингалдеги къуваталъул идарабаз цин риччалел рукIинчIо гIадамал, хадурги жамагIатчагIи гьоркьоре лъугьун, гIадамаз ахIи бахъинабун халкъ биччана гьез данделъизе. Щайин гIадамал гьенире риччаларелилан цIехараб мехалда низам цIунулез абуна шагьаралъул нухмалъиялъ жидеда лъазабун бугила гьеб акция тIобитIизе тогейилан абун. МахIачхъалаялъул рахъалдасан рачIунеб мехалда ратулел киналго шагьаралъул аслиял нухалги, Чкаловасул къотIноре унел нухалги, Буйнакск мухъалъул Ишкары ва Хъарани росабалъан шагьаралде рачIунел нухалги хасал идарабазул хIалтIухъабаз ккун рукIана. ГIадамал гьеб тадбралде риччачIого рукIиналъе гIоло гьарулел рукIанин гьел хасал тадбиралин лъазабуна акциялъул гIахьалчагIаз. Митинг полциялъулгун тунка-гIуси ккечIого берцинго ана. ГIага-шагьарго акциялда гIахьаллъана 500 гIан чи.

Аслияб къагIидаялъ митингалда кIалъазе рахъараз разигьечIолъи загьир гьабулеб букIана шагьаралъул жакъа бугеб нухмалъиялдасан. Буйнакскалъул мэр ХIусен ХIамзатовас ва гьесул сверухълъиялъ шагьаралъе щибго пайдаяб жо гьабулеб гьечIила, ахираб анцIго соналда жаниб Буйнакскалда цониги лъиикIаб хиса-баси ккечIила ва шагьар чIунтун унеб бугилан бицана гьез. Гьединго «Россиялъул ветераназул партиялъул» вакил ГIазизов Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе бицана 13 сентябралда тIоритIизе ругел шагьаралъул депутатазул рищиязда гIахьаллъи гьабичIого букIине жидер кандидатазе квалквалал гьарулел рукIанила шагьаралъул нухмалъиялъ. Депутатаз вищулелъул мэр, гьезие жидерго чагIи ккезе къваригIун бугила депутаталлъунилан. Гьелда тIадеги, хIилла-рекIкIги гьабун иргадулаб нухалда мэрлъун вахъине ракIалда бугин ХIусен ХIамзатовасдайилан бицана гьес.

ГIазизов Шамиль, митинг гIуцIаразул цояв
ГIазизов Шамиль, митинг гIуцIаразул цояв

ГIазизов Шамиль: «13 сентябралда рищизе ккола шагьаралъул депутатал. Гьел рищун хадуб, чанго къоялдасан гьез вищизе ккола Буйнакскалъул мэр. Амма нижер шагьаралъул нухмалъиялъ хIукму къотIун буго церего рукIарал депутатаз 8 сентябралда мэр вищизе. Гьедин рищиял тIоритIани иргадулаб нухалда ХIусен ХIамзатов вачIинарищха шагьаралъул бетIерлъуде. Гьеб буго рагьун къанун хвезаби, гьедин кIал гьикъун жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб буго Буйнкаскалъул нухмалъиялъги гьезул сверухълъиялъги. Гьеб кинабгоги чIалгIун, дагьабниги шагьаралда цIилъичIвазе букIине, гIадамазе гIумру гьабизе санагIалъиги шартIалги чIезаризе рукIине нижее цIияв мэр къваригIун вуго. Гьанжеялдаса хадубги гьез гьабунщинабги хIехьон чIчIани гьез гьаниб шагьаралда бугеб ахIвал-хIал дагьабги квешаб бакIалде ккезабизе буго. Гьединлъидал тIобитIана нижеца гьаб митингги».

Гьединго митингалда кIалъазе рахъана гIадатиял гIадамал. Гьез абулеб букIана гIемерал саназда жаниб жидее тIоцебе рес щванила жидер ругел къварилъабазул бицине, гьадинаб бакIалда бицун, ахIи –хIур бахъинабун хадуб гIаги дагьабниги мадар лъугьинародайин жидер шагьарлдайилан абураб хьул бугилан абулеб букIан гьез. Буйканскалъулаз загьир гьабулеб букIана шагьаралъул нухмалъиялдаса разигьечIолъи. Цониги къачIараб къватI гьечIила Буйнакскалда, шагьарилан абун бугеб бакIалда кIи-кIи къоялдасан гурони лъим букIунарила, хIатта жеги чанги газ гьечIел бакIалги ругила шагьаралда, амма жидер гьел суалазухъ гIинтIамизе ва гьел тIуразе регIарав чи ватулев гьечIила Буйнакскалъул бетIерлъудайилан абун ццин бахъун йигоан митингалда гIахьаллъарай ГIалиева Марьямица.

ГIалиева Марьям: «Дир руго щуго лъимал, гьезул лъабгоял гIажизал руго. Гьаб шагьаралда щибаб къойил гIадин, киехун аниги дида коррупция гьечIеб бакI батичIо. Лъайкьеялъул идарабаздаса бахъараб сахлъицIуниялъул идарабазде щвезегIан киса кибего тIалаб гьабула гIарац ниже хIукуматалъ бихьизабураб жо кьоларого. Социалиял хъулухъаздасанги пайда щоларо, шагьаралъул нухмалъиялъги гIинго тIамуларо, кумек гьарун дун инчIеб бакI хутIичIо. Рес къотIиялъ унтарал лъималги рокъоре реххун тун дун базаралда йичаризе яхъана. Бадиб магIу ххулун йикIуна дун, гьел лъимал рукIине кколедухъ хьихьизе кIолел гьечIин дидагойилан абун».

Гьеб митингIуцIараз акциялде ахIун рукIун руго Буйнакскалъул нухмалъиги, амма гьезул цониги вакил гIахьаллъичIо гьеб тадбиралда. «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул администрациялъул гIадамал къабул гьарулеб бутIаялда лъазабуна мэр гьаб сагIат хIухьбахъиялда вугила, нужер суалазе жаваб кьезе регIарав чи гьанивги гьечIилан.

МитингчагIаз лъазабуна жидеца цIидасан 5 сентябралдаги тIобитIизе бугила гьадинабго тадбириланги.

XS
SM
MD
LG