МагъчIваялъе рес

Ставрополалъул дагъистаниязул митингалда


Ставрополь регионалда гIумру гьабун ругел дагъистанияз тIалаб гьабулеб буго къуваталъул идарабаз ункъго моцIица цеве ккурав Сулейбанов МухIамад эркен гьавеян. Хасал идарабазул щаклъи буго 2013 соналъ, цеве Нефтекумск мухъалъул колхозалъул бетIерлъун вукIарав Шандиев Гадильбек чIваялда. Сулейбановасда щибго гIайиб гьечIин, низам цIунулезе лъиде букIаниги гIайиб реххизе къваригIиналъ жанив тIамун вугин гьевилан лъазабулеб буго гьесул рахъккураз.

Сулейбанов МухIамад эркен гьавейин тIалаб гьабун 19 апрелалда Ставрополь икълималъул Нефтекумск шагьаралда 400 гIан чи гIахьаллъараб митинг тIобитIун буго. Гьев хасал идарабазул хIалтIухъабаз Шантиев чIваялда щаклъи букIун ункъго моцIица цеве ккун вукIун вуго. ЦIех-рехалъул идарабазул баяназда рекъон Сулейбановас гьев ракьалъул суалазе гIоло чIван вуго.

Шандиев Гадильбег жиндирго автомобилалда жанив кьвагьизавуна 2013 соналъул 12 июналда, гьебго соналъул ноябрь моцIалда гьединго кьвагьизавуна СагIид АджахIмадовги. Гьев Шандиевасул чи вукIанин абулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Шандиев вукIун вуго жиндир заманалда цIарги, гIемераб ракьги бугеб «Махмуд-Мектебское» абулеб фермеразул магIишаталъул нухмалъулев. Гьелда цебе «Возрождение» ва «Восток» абулел гьединалго магIишаталъул бетIерлъун вукIун вуго гьев. Гьел гIуцIаби цебе букIараб колхозалъул бакIалда гьарун рукIун руго. Гьезда гьоркьоре унел ракьалги г Iадамазда гьоркьор рикьун рукIун руго. Амма цоцада хадуб цояб гьабун ункъго соналда жаниб гьеб кIиябго магIишат биххун буго, ай банкроталде ккун буго. МухIканал гурел баяназда рекъон Шандиевас ургъунго гьеб хIалалде ккезабун буго магIишат ва живго нухмлаъулев вукIиналдаса пайдаги босун банкроталде ккараб гьеб гIуцIиялъул ракьал цIакъго учузаб багьаялде жиндиего росун руго. БакIалъул гIадамаз лъазабулеб буго гьеб хIила-рекIкIалда гъорлъ АджахIмадовги вукIун вугилан. Гьеб ракь гьез жидедего буссинабиялдаса кутакалда разигьечIого бутIадулалги рукIун руго. Гьезда гьоркьов вукIанин МухIамад Сулейбановги, гьес хIадуранин Шандиев чIвайилан лъазабулеб буго цIех-рехалъ. АджахIмадовги гьесго чIван ватизе бегьулин абураб информациялъул цIех-рех гьабулеб буго.

ЦIех-рехалъул гьеб баяналда рази гьечIо Нефтекумск мухъалда гIумру гьабун ругел дагъистаниял. Гьез рикIкIунеб буго хасал идарабаз лъиде букIаниги реххизе къваригIун бугин гьеб такъсир, гьезул къурбанлъун кканин Сулейбановгийилан.

Гьесул рахъккураз лъазабулеб буго чIварав Шандиевас тIалъиялъул вакилзабигун цадахъ рекъон 400 миллион гъурущ кредиталъ босун букIанилан. Гьеб гIарцуе гIоло чIванги вугин гьевилан.

Расул АхIмадов: «Митинг гьабиялъе гIиллалъун ккана жанисел ишазул идарабаз МухIамадида хурхун ритIухълъи цIунулеб гьечIолъи. Щибго гIайиб гьечIев чи ккун вуго гьез. Гьабщинаб мехалда гьесде я букIине кколедухъ гIайиб гIунтIизабулеб гьечIо, я цойгидал хасал тадбиралги тIоритIулел гьечIо гьеб ишалда бан. Гьезие лъиде букIаниги гIайиб реххизе къваригIун буго. ГIодой виччарав лъиениги квешлъи гьабуларев, данде кIалъан бажаруларев чи Сулейбанов ватун вуго гьезда. Гьесила жинцаго гьарун ругила кьвагьизе жал, жиндирго автомобилалда доре гьанире раччулел рукIун ругила гьелилан абураб баян кьолеб буго хасал идарабаз. Гьеб буго гьадингояб чIанда. ГIумруялъ гIи-боцIухъанлъиялда вукIарав вехьас кин кьвагьулел жал гьарулел ? Щиб бицунел чагIи гьел? Гьел чIварал чагIи дандекколарев гIезегIан чи вукIана гьанив, кинха гьелги гIадамазе рокьилел, гьез халкъалъул ракь гьоркьоб инабураблъидал. Амма МухIамад гьеб ишалъул чи гуро. 56 сон барав гьесие гьанже вахъун гьеб такъсир щибизе, гьев гIезегIан ресалда вугев чиги вуго, тIубарал лъималги руго гьесул. Ургъунго гьеб ишалда гъорлъ тIалъиялъул чагIи рукIин лъачIого букIине гьабураб жо буго гьеб. Щай гурелъул нижехъе баян щун рукIана Шандиевас колхозалъул рукIарал ракьалги гъоркьлъалие кьун 400 миллион гъурущ кредит босун букIун бугилан. Гьес жинцаго гьеб босун батулареблъи хIакъаб жо буго, гьесие тIалъиялъул чагIаз кумек гьабун батула. Гьеб кредит нахъбуссинабизе заман щвараб мехалда, гьел чагIазда Шандиевас абун бугила гьеб суал роцIцIинабейилан. Гьес жидер хIакъалъулъ баянал къватIире кьелин, гьеб гIарац араб бакIги рагьилин абун хIинкъиялъ гьез чIван вугин Шандиевилан рикIкIунеб буго бакIалъул гIадамаз».

Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе митингалъул гIахьалчи ГIалиахIмадов Расулица. Гьесулго рагIабазда рекъон гьел такъсирал гьариялда щаклъи букIун цойги чанго чиги ккун рагIула цIех-рехчагIаз. Амма гьел щалали лъазабизе кIолеб гьечIила жидедайилан абулеб буго гьес. БакIалъул гIадамазул щаклъи буго чанго моцIица цеве тIагIарав Нефтекумск мухъалда гIумру гьабун вукIарав Ибрагьимов Заурги ккуразда гьоркьов вугилан.

Нефтекумскалъул ЦIех-рехалъул идараялъул дежурныяс гьеб такъсир гьабиялда хурхун ккурал чагIазул цIарал рицине инкар гьабуна.

Дежурный: «Гьел ккурал чагIазул фамилиял рициналъ гьаб сагIат щибниги кьезе гьечIо. ЦохIо Сулейбанов гурони цойги чагIиги ккун ругин абун гурони тIокIаб баян кьун бажаруларо дица. Гьаб сагIат цIех-рех унеб буго, гьесги живго такъсирчилъун вугин рикIкIунеб гьечIо, ва кинал рукIаниги баяналги кьолел гьечIо. Россиялъул къануналъул 51 бутIаялда рекъон жинцаго жиндего данде баян кьечIого тезе ихтияр буго гьесул».

Митингалъул ахиралда гьелъул гIахьалчагIаз Сулейбанов эркен гьавейин ва унголъунги гьел церехун рехсарал такъсирал гьарурал чагIи ралагьейин тIалаб гьабун Россиялъул жанисел ишазул министрасухъе ва ЦIех-рехалул идараялъул бетIерасухъе хитIаб къабул гьабун буго. Гьединго гьеб ишалде кIвар кьейин абун гьез Россиялъул президент Владимир Путинихъеги кагъат хъван буго.

XS
SM
MD
LG