МагъчIваялъе рес

Тохтураз кумек гьабичIого тарав Билал


2 моцI барав Билял ТIалхIатов, Авг2015
2 моцI барав Билял ТIалхIатов, Авг2015

МахIачхъалаялъул азарханаялдаса захIматаб хIалалда бугеб, гьабуралдасаго сакъкатлъаби ругеб лъимер рокъобе битIун, тIокIаб агъаз гьабичIого танин абулеб буго лъимадул эмен ТIалхIатов Къурбаница. Гьел къояз лъимер цIидасан азарханаялде къабул гьабун буго жамгIияталъул квербакъиялдалъун, амма щибго тIалаб гьаби гьечIин тохтуразл рахъалдасанилан абулеб буго гьес.

КIиго моцI барав ТIалхIатов Билял гьавураб къоялдаса нахъе гидроцефалия ва гьодил мохъалъул грыжа бугев, гьабураб къоялдаса нахъе азарханаялда тохтуразул бербалагьиялда гъоркь вукIине кколев вукIун вуго, амма Дагъистаналъул республикаялъулаб Лъималазул азарханаялда цогидал чIахIиял лъимал ругеб гIаммаб палатаялда тун, лъимадул гьенисан тIадеги инфекция ккун бакьазе операция гьабизе ккун буго. Гьелдаса хадуб, 19 июлалда лъимада хьул гьечIилан абун гьел рокъоре ритIун руго. Лъимадул эмен Къурбан ТIалхIатовас баян гьабухъе, цIа бахун, ва рагьарал ругънар ругеб лъимер кин бугебали тохтур вачIун гьечIо гьезухъе щвезе, жалго хехаб кумекалъул машина ахIун азарханаялде индал, гьел рокъоре ралагьизарун руго. Гьеб х1алалда кIиго анкъидаса цIикIкIун заман бан буго гьез.

ТIалхIатов Къурбан: «39 бахун букIана гьесул цIа, тохтуразин абуни цIорораб лъеца жанисан чурулеб букIана кванирукъ, цIа гIодобе ккезабизейилан абун, гьебги бакьада операция гьабураб ругъун сахлъилалде, цинги ритIана рокъоре, гьодил мохъалда грыжа бугеб ва гидроцефалия бугеб лъимер реанимациялде къабул гьабулеб гьечIо.

РахIмуялъул гIуцIабазул кумакалдалъун, нижецаго республика тун бачинин лъимерин социалиял гьиназда хъвана кумак гьарун, гьенисан «Сердцем мы вместе» абураб рахIмуялъул проекталъ Сахлъи цIуниялъул министерлъиялде кIалъан, гьенисан тIалаб гьабуна азарханаялде къабул гьари, амма гьанжеги ниж кинго реанимациялде къабул гьарулел гьечIо, гIаммаб палатаялда тун руго, гIицIго Москваялде лъимер бачине квота щвелилан хьул буго. Тохтураз хвезегIан тIалаб гьабейин пенсияги бахъейин, цинги къадар бугеб мехалда хвелилан ритIана ниж рокъоре, гьабсагIатги щайин ахIи бахъинабурабилан кIалгьикъиял щвана».


ТIалхIатовазул хъизам кколеб буго Лаваша мухъалъул Хъупа росулъа, лъимер гьабизе заман щведал Къурбанил хъизам МахIачхъалаялъул ТIоцебесеб лъимал гьарулеб рокъой йегизаюн йиго. Гьениб лъикIаб букIинин тIалаб-агъазилан абун. Кесароево ссуй гьабун тохтураз 10 азарго гъурущ тIалаб гьабун бугила гьесухъа, цинги лъимер унтараб букIиндал, лъимер гьабизе бугеб заманалдаго эбелалъул букIун бугин унтабийилан абун хъвай-хъвагIайиги гьабун гьел ритIун ругила Республикаялъулаб лъималазул азарханаялде. Амма лъимер гьабизе йигеб заманалда гьелъухъ халгьабиял тIоритIун хъвай-хъвагIаял гьарураб документазда гьей тIуян сахай, щибго унти гьечIей йигилан хъван бугила. Лъимал гьарулеб рукъалъул тохрураз гIайиб жидедего ккечIого букIиналъе хъван бугин гьединилан абулеб буго «Инстаграм» социялияб гьиналда бугеб «Сердцем мы вместе» абураб рахIмуялъул проекталъул вакил Лейлаца.

Гьеб проект социалияб гьиналда гIуцIаралдаса нахъе Дагъистаналдаса гIадамаз хъвалила азарханаязда бугеб тIасанккеялда хурхун. Жидеца ТIалхIатовазул лъимер азарханаялде къабул гьабулеб гьечIилан Сахлъи цIуниялъул министерлъиялде гIарз гьабидал, гьез бокьичIогон нахъеги къабул гьабунила лъимер азарханаялде.


Лейла: «Гьединаб хIалалда бугеб лъимер хехаб кумакалъул машинаялда азарханаялде бачIиндал гьез тIад буссун рокьоре ралагьизарун руго, гьабизе кIолеб жо гьечIилан. Гьелдаса хадуб, нижеца Сахлъи цIуниялъул министерлъиялде ахIун, гьенисан Лъималазул гIемерпрофилазул азарханаялъул бетIерав тохтур хисулей Бурлият Имамудиновалъ хадуй жийго ун рачун руго лъимерги эбелги азарханаялде. Цинги бадибчIвайги гьабун буго, щайин ахIи бахъинабураб, лъимаде щибго гьабун бажаруларин абун. ГьабсагIаталда нижеца Пачалихъияб Думаялъул депутат Мария Кожевниковагун бухьен гьабун, гьелъ тIалаб гьабуна ТIалхIатов Билялие квота Москваялда азарханаялда вегизавизе, гьелдаса цебе Дагъистаналъул тохтураз гьеб квота кьолеб букIинчIо батI-батIиял гIиллаби рачун».

ГьабсагIаталда ТIалхIатовазул хъизам хIадурулеб буго Москаваялде роржине, амма гьединал захIматал анцI-анцI лъимал холин, тохтуразул кумак щвечIогон, азарханаялдаса рокьоре хвезе ритIулел рукIиналъин абулеб буго Лейлаца.

Щай ТIалхIатовазул лъимер квер хьвагIун тараб тохтураз ва кинаб гIиллаялдалъун реанимациялъулаб бутIаялде лъимер бегизабичIеб? Гьел суалал цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Республикаялъул лъималазул азарханаялъул нухмалъигун, амма гьениб телефоналдасан жаваб кьурай гIаданалъ цин нижер суалалъухъги гIенеккун цинги абуна нужее жаваб кьезе чи гьанив гьечIилан.

XS
SM
MD
LG