МагъчIваялъе рес

Тохтурзабаз лъимер хвасар гьабун гьечIо


Гьал къоязда Каспийскалъул азарханаялда 10 моцI барав вас хун вуго. Гьесул эбелалъ азарханаядла васасе букIине кколеб кумек гьабичIин, тохтурзабазул гIайибалдалъун хванин гьевилан рикIкIунеб буго. Жиндир вас хвеялъе гIайибиязе букIине кколеб тамихI гьабейин тIалаб гьабун республикаялъул прокуратураялде гIарза хъван буго гьей гIаданалъ. Бицунеб буго нижер мухбир МахIмудова ПатIиматица.

Каспийскалдаса Исламова Дианал 10 моцI барав вас хун вуго азарханаялда. ТIубан гьелъие гIайибиияллъул Каспийскалъул азарханаялъул тохтурзаби ругин рикIкIунеб буго хварав васасул эбелалъ. Гьелъ бицухъе тохтурзабаз гьелъул унтарав васасухъ гIинцин тIамун гьечIо. Гьел тохтурзабазда тIасан гIарза хъван буго Дианаца Дагъистаналъул прокуратураялде.

Исламова Диана: «Дир вас 10 марталда унтун лъугьана, гьев кьижаралъуса ворчIизавулев вукIана квешаб, хIапдолеб гIадаб хъегIиялъ. ЦIа-канги бахун букIана гьесул. Дица рокъобго дару кьуна гьесие.

Гьелъ дагьаб мадарги гьабун кьижун ккарав гьев кIиго-лъабго сагIаталдасан дагьабги цIакъ унтун лъугьана. Гьеб мехал къаси 7 тIубараб гIадаб мехалда дица хехаб медицинаялъул кумек ахIана, нужехъе битIизе автомоль гьечIиланги абун гьелги рачIинчIо. Чара къосарай дун эменги ахIун гьесул автомобилалда щвана Каспийскалъул азарханаялде.

Гьенир лъималазул бутIаялдаса ниж рахунел унтабазул бутIаялде ритIана, васасул бахунеб хIалцен бугинги абун. Гьениб нижеда абуна васасул щекъер унтун бугила, гьесие къваригIунел дарабиги гьечIила гьанирилан. Нижецаго росана гьелги. Гьеб мехалда тохтуралъ цоцада хадуб цояб гьабун тIатIалаго лъабго батIияб дару биччана гьесие. Гьебги цIакъ хехго-хехго гьабуна. Гьелъги расги мадар гьабичIо васасе, гIанкъулев вукIана гьев».

Гьедин захIматаб хIалалда вугониги, дарабазги кумек гьабулеб гьечIолъи бихьаниги тохтурзабаз унтарал регулеб рокъоре жалги ритIун, тIокIаб гIинго тIамичIила жидехъилан, тохтурги кьижун вукIанила, медсестраги жидеде регIун йикIинчIилан абулеб буго Диана Исламовалъ. Гьеб мехалда ахIи-хIур бахъинабизе лъугьун йиго гьей.

Исламова Диана: «Дица ниж реанимациялде рачейин, цойги тохтурзаби ахIейин абун дун лъугьаниги, дихъ гIенеккулев чи вукIинчIо. Гьедин къаси 8 тIубаралдаса радакь 5 тIубазегIан рукIана ниж. Нижер ургъел гьабулев чи гьечIолъи бихьараб мехалда дун хIатIилгIицIго кодов васги ккун ренимациялде екерана.

Гьенив реанимациялда вукIарав тохтур дун ячIараб мехалда кьижаралъуса вахъун вачIана. Диде ахIдезе лъугьана гьев, унтарал регулеб рокъоса къватIий къотIана дун. Унтун холев вугев дир васасде аскIовегицин къачIого гьесие щибго къварилъи гьечIи вуго тохтур дида вахъунев. Хинаб лъелъ хIатIал лъейила гьесул, цIакъго квеш лъугьани жиндица хасаб мащу кьелила хIохьел цIазе бигьалъиялъейилан абуна гьес.

ТIокIабги кигIан цIакъгIаги гьев дир вас унтизе кколев вукIаравали. Дица гьесда абуна дир васасун унтул хъвай-хъвагIай гьабураб кагътал кьейилан, гьелги кьечIо гьес, гьев къабул гьавизе инкар гьабулеб бугин абураб кагъат кьейин, дун МахIачхъалаялде йиччайин васги вачунин абураб мехалдаги инкар гьабуна гьес.

Гьедин ниж цIидасан рахунел унтабазул бутIаялде ине ккана, гьелъул нухмалъулей ячIинегIан чIайилан лъазабуна дида. Амма гьелъги щибго кумек гьабичIо, диде тIаде ахIдон, дир йихха-хочи бихьараб мехалда дун хIакъир гьарулел рагIабиги абун ана гьей».

Гьеб бакIалда комаялде ун вуго Дианал вас. Гьелдаса хадуб ахIи-хIур бахъинабизе лъугьанила тохтурзаби, гьесие кумек гьабизейин абун жал-жал гьарулел рукIанила, амма гьелъул щибго хIасилги ккечIоо 4 къоялдасан жиндир вас хванилан бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Вас хун хадуб тохтурзаби Дианада гIайибал чIвазе лъугьун руго. Дуца гьев цIакъго кватIун вачIанин азарханаялде вачун, гьедин захIматго унтарав чи рокъов сах гьавизейищила хIалал рихьулелин абун тIаделъун руго гьел васасул эбелалде. Дианал вас хун хадуб гьесие щибго къварилъи гьечIин абулев вукIарав реанимациялъул тохтур азарханялдаса нахъе ун вуго.

Жиндие гьел гьедигIан ургъел гьечIел, жидерго хIалтIи гьабун бажаруларел тохтурзаби киналго хIалтIудаса рачахъизе къваригIун бугила, цойги бакIалда хIалтIизе рес щолареб хIал гьабизе къваригIун бугин абулеб буго гьелъ. Жиндица гьел тохтурзаби тамихIалде цIачIого тезе гьечIила, гьеб тIоцебесеб гьединаб лъугьа-бахъин гурила, жакъа жинда бихьараб къо метер цойгидаздаги бихьизе бегьулила гьединлъидал гьеб иш кIвар кьечIого тезе бегьуларин абулеб буго Исламова Дианаца.

Гьел тохтурзаби тамихIалде цIайилан тIалаб гьабун гьелъ прокуратурялде гурониги гIарзал хъван руго Дагъистаналъул сахлъикьеялъул министерлъиялдеги, медицинаялъулаб страхование гьабулеб идараялдеги.

Cахлъиякьеялъул министерлъиялъ гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан хасаб халгьаби тIобитIулеб бугила, гьелъул хIасилаздаса хадуб гурони кинабгIаги хIукму къотIуларилан абураб баян кьун буго гьез тIибитIизабураб баяналда. Исламовалъул вас хвеялда бан цониги Каспийскалъул азарханаялъул хIалтIухъан заманалъгIаги хъулухъалдаса ватIа гьавунги гьечIо.

XS
SM
MD
LG