МагъчIваялъе рес

Радикалияв вагIзачи сабаблъун сайт «Медуза» къазе бегьула


"Медуза" сайталдаса скриншот
"Медуза" сайталдаса скриншот

Генералияб прокуратураялде ва цIех-рехалъулаб комитеталде гьес хасаб гIарза битIана. Берлиналъул мажгиталъул имам Мурад Атаевгун гьабуна интервью «Медузаялъул» журналист Даниил Туровскияс. Гьев имам Германиялде Дагъистаналдаса гочана. Республикаялда жиндие - салафитасе - рахIат толеб букIинчIин низам цIунулезилан, бицана гара-чIвариялда Атаевас.

Гьеб гара-чIвари депутат Деньгинида бихьана «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе гьабураб рекламалъун. «Гьеб интерьвюялдаса гIадатиял гIадамазда ккезе бегьула «Исламияб пачалихъ» нормалияб гIуцIи бугин, терроралъул ва экстремизмалъул ишал гьез гьаричIин. Гьалдалъун низам цIунулез къимат кьезе ккола гьеб макъалаялъе», - илан абуна «Известия» газеталъе Думаялъул депутатас.

Гьеб макъала рекIее гьечIо Москваялдаса политтехнолог Владислав Калашникасеги. Гьес абухъе, имам Атаевас интервьюялдаса загьир гьабуна пикру, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ, мисалалъе, СШАялдаса журналистал рекъон чIванин. «Сенсациял ралагьулаго журналистазда бичIчIулеб гьечIо жидеца кинал ишал гьарулел ругелали. Этикаялъулаб цензура букIине ккола щивав журналистасул», - илан абуна политтехнологас.

Дагъистаналдаса имамгун гара-чIвари жиндаги бихьанин «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рекламаялъун илан абуна ГIагараб машрикъалъул институталъул президент Евгений Сатановскияс. «Жигьадистгун интервью гьабурал чагIи рихьула такъсиралда гIахьаллъи гьабураллъун. ГьедигIан гIантал рукIине бегьулищ журналистал? Пиаргун реклама - гьединал мурадал руго жигьадистазул», - илан бичIчIизабуна жиндирго позиция Сатановскияс.

Журналистасда чIвалел гьел гIайибазе жаваб кьуна «Медуза» сайталъул бетIерай редактор Галина Тимченколъ. «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул ругелщинал квешал рахъал рихьизарурал интервью гьабунин журналист Туровскис илан хъвана Тимченколъ фейсбукалда бугеб жиндирго гьумералда. «Гьеб интервьюялдаса бичIчIулеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIи кколин гьоркьохъел гIасруязул бербалагьиял ругел, чилъи гьечIеб, нахъгIанасел идеябазул гIуцIилъун. Имамас абурабщиналда хадуб лъун руго гьеб гIуцIиялъ гьарурал такъсиразул суратал. Нормалиял чагIазул гьеб интервью цIалун хадуб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялдехун квешаб гурони бербалагьи баккине рес гьечIо», - илан загьир гьабуна пикру Тимченколъ.

ТIадежоялъе гьелъ бицана, гьеб интервью цIаланин Германиялъул полициялъ ва гьез такъсир гьабиялъул иш рагьанин. «Уголовияб иш журналистасда тIаса рагьичIо немцазул полициялъ, рагьана дов имамасда тIаса. Гьев имамги гьанже тIурун вуго Берлиналдаса, цIех-рехалда лъуна гьев Германиялъул низам цIунулез», - илан хъвана «Медуза» сайталъул бетIерай редакторалъ. Цоязда уял масъалаби рихьула ва гьезда тIад хIалтIула, цогидални рортула гьел масъалабазул бицунезул кIал букъизеян тIадеги жубана Тимченколъ.

Щибха гьеб интервьюялда хъван букIараб, щиб бицараб Дагъистаналдаса имам Атаевас? Гьес абухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIи ккола глобалияб территориялъун. «Интернеталда халифат гIуцIана, медиа-алаталги руго кодор, гьелдалъун гIуцIиялъул идеябазул пропаганда тIолго дуниялалда унеб буго», - ян абуна имамас. Живго жинцаго гIуцIиялъул вагIзачилъун рикIкIунев Атаевас.

Журналистал чIваялда тIаса Атаевас абуна гьел журналистал хасал хъулухъазул агенталлъун рукIине бегьулин. «Журналист хIисабалда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ ккурал ракьазда хIалтIизе бокьарас тIалаб гьабизе ккола хасаб сертификат. Гьел сертификатал ругезул бутIрул къотIуларо», - ян абуна имамас. Гьеб сертификат щвезе кканани журналистас гIуцIиялъе гьа базе кколаан.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ ккурал ракьазда гIадатияб ракълилаб гIумру унеб бугин бицана интервьюялда Атаевас. Гьес абухъе, мисалалъе, Рамади шагьаралда гIадамаз гIумру гьабулеб буго шаргIалда рекъон, гьениб кисса-кибего низам чIезабун буго, тукаби хIалтIулел руго, социалиял хъулухъал хIалтIулел руго - гьелдалъун гIадамал рази руго шагьар гIуцIиялъул нухмалъиялда ккеялдаса. Амма «Медуза» сайталъ Атаевасул гьел рагIабазда аскIоб лъун буго Рамади шагьаралдаса сурат. «Исламияб пачалихъ» гIуцIи шагьаралде бачIунеб бугин рагIарал Рамадиялдаса тIурулел гIадамал рахъун руго сураталда.

ТIадежоялъе гIуцIиялъул такъсирал рехсарал докладаздаса цитатабиги ратизе бегьула гьеб материалалда. ГIадатиял гIадамал чIвай, руччаби рикъи, тарихалъул памятникал хвезари - «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул гьелги цогидалги такъсирал рехсон руго «Медуза» сайталда ругел материалазда.

Кавказалъул исламиял цIех-рехалъул централъул директор Руслан Гереевас абухъе «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде гъорлъе унелгун рагьарал диалогал рукIине ккола.

Руслан Гереев: «Исламияб, шаргIалуъаб пачалихъ гIуцIи гIумрудал аслияб мурадлъун рихьулел чагIи руго гьеб гIуцIиялда гъорлъ. Амма гьел батIаго гIемер ругиланги абизе захIмат буго. Гьеб гIуцIиялъул гIемерисел ишал шаргIалда рекъечIел руго. Амма гIуцIиялда гъорлъ ругелгун диалог букIине ккола. Гьеб диалогалдаса бихьизе буго гьел щал чагIи ругелали, кинал мурадал гьезул ругелали ва кинал пикраби ругелали. Гьеб темаялдехун интерес бугезда бихьила «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул уяб гьумер, радикалиял бербалагьиял бугезул пикрабиги хисизе бегьула гьединал диалогаздаса».

«Медуза» сайталда бахъараб интервьюялда Германиялда вугев Дагъистаналдаса имам Атаевас бицухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялда гъорлъ гIурус мацI лъалел гIемер чагIи руго. Гьесул къиматалда рекъон, гIага-шагарго щуазарго чи ватизе бегьула. Шималияб Кавказалдаса 1500 чи вугилан бицана имамас.

«ГIурус школаби ва ясли-ахалги руго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул контролалда гъорлъ ругел цо-цо ракьазда. ГIаммаб къагIидаялъ, гьенире цIалула Россиялдаса гочарал чагIазул лъимал. Дарсалги гьенир кьола шаргIалда рекъарал», - илан абуна «Медуза» сайталъе кьураб интервьюялда имам Атаевас.

«Медуза» сайталда ругел материалазени къимат гIагараб заманалда кьезе бугин лъазабуна журналистазе гепрокуратураялъул ва цIех-рехалъул комитеталъул вакилаз.

XS
SM
MD
LG