МагъчIваялъе рес

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде данде кин къеркьолел ругел Кавказалда


Щай Россиялъул пропаганда къолеб бугеб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул пропагандаялдаса? ГIолилал Сириялда инчIого рукIиналъе кинал механизмал ургъарал экспертаз? Низам цIунулезул хIалтIи кинаб бугеб гьеб масъалаялда тIаса?

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ ккун Сириялда рагъулел рукIарал чанги россиялъулазе хIукму къотIана диваназда ахирисеб заманалда. Цо-цо мажгитазул имамазда тIасагицин тIоритIана диваналъул процессал.

Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда вугев Россиялъул президентасул хасав вакил ай полпред Сергей Меликовас абухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул кьеразда вагъулев вуго 1500 цIикIкIун кавказалъулав. Гьел чагIи рагъулел руго жидерго къукъаби гIуцIун яги цогидал къукъабазде гъорлъе лъугьун.

Хасав вакиласул рагIабазда рекъон, Сириялдаса цо-цоял тIадруссунел руго Россиялде ва низам цIунулезухъ щвана информация гьел чагIазда гъорлъан цо-цояз терактал хIадурулел ругин. Мисаллъун вачине бегьула Хасавюрт мухъалдаса ГIабдулхаликъ МухIамаднабиев. Араб соналъул ахиралда хасаб операция унеб мехалда гьесухъ рокъоб батана тротилл хIисабалда ичIго килограмм бугеб бомба. Низам цIунулез лъазабухъе, 24 сон бугев МухIамаднабиевас цо сон бана Сириялда ва сепаратистазул рахъалда вагъулев вукIана гьев.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул пропагандаялдаса гIолилал цIуниялъе хасаб программа ургъеян экспертазда тIадкъана Меликовас. Гьеб программаялда рекъон, мисалалъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул ругел квешалщинал рахъазул медиа-алатаздаса бицине ккола гIолилазул кумираз, гIолилаз авторитеталлъун рикIкIунел чагIаз. Гьединго информалатаздаса гIемер бицине кколаан Сириялда экстремистазе тIоритIине кIвечIел операциязул, гьезул рагъул къеязул, гьезул квешалщинал рахъазул.

Экспертаз рикIкIухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде ахIулел сайтал ургъунго гIуцIизе ккола. Гьел сайтаздаса бичIчIизе бегьула гIолилазда гъорлъ гIуцIиялдехун кигIанасеб интерес бугебали. Гьединго гьез абухъе, вузалгун школабазда информациялъулаб хIалтIи букIине ккола ва бицине ккола исламалъ террор къабул гьабулареблъи.

Амма экспертазул гIакълуял рукIаниги Сириялде инехъин къасд букIарал гIемерисел чагIи гьенир некIого ругин, абун букIана «Эркенлъиялъе» политолог АхIмад Ярлыкаповас. Гьес рикIкIухъе жакъа къоялда хIалтIи гьабизе ккола тIадруссаралгун ва Сириялде гIолилал ахIулелгун.

«Кавказский узел» информалаталъул баяназда рекъон, «Исламияб пачалихъ гIуцIиялъул» кьеразда гIолилал ахIулезда ай вербовщиказда тIаса 50-ялдаса цIикIкIун уголовияб иш рагьун буго Россиялда. Гьел ишазул цо-цоял диваналде ритIана. Мисалалъе, Нальчикалдаса вербовщик Мурат Нагоев ункъго соналъ туснахъ гьавун диваналъ. Гьев Сириялда вагъулев вукIун вуго ва гьениве гьев Дагъистаналдаса экстремистаз ахIун вуго.

Такъсир гьабиялъул ишални рагьана гIемер чагIазда тIаса, амма гьезда гъорлъан гIемерисел Сириялда руго. Ишал Россиялда рагьанин Сириялда ругел гьезие ургъел букIине батиларин рикIкIунеб буго экспертаз. Гьел чагIи нахъруссинеги ратиларин тIаде жубана политолог Ярлыкаповас. Низам цIунулезе жидерго хIалтIи бихьизабизе бокьун бугин хIасилазул гьез ургъел гьабулеб гьечIин абизе бегьула. Гьел рагIабазе далиллъун рачине бегьула Хасавюрт мухъалъул диваналъул хIукмуял. Цо къойида жаниб диванчи АхIамаднаби Дибирасулаевас полициялъул гIарзаб къабул гьаруна ва гьезда рекъон гьез аресталде лъезе кколеллъун I2 чи вихьизавуна. Гьел чагIи Сириялда руго ва Россиялде тIадруссани гьезул щивасе, къануназда рекъон, туснахъул 15 сон кьезе бегьулаан. Гьелдалъун щаклъи буго гьел тIадруссинин.

Гьебгун цадахъ, исламияб моделалъул рахъкколелги цIикIкIунел руго Дагъистаналдаилан, рикIкIунеб буго Ярлыкаповас. «Социалиял институтал хIалтIунгутIи, ришватчилъи тIибитIи, диваналъул ва низам цIуниялъул системаялда ругел масъалаби, тухумчилъи - гьел гIунгутIабаз исламияб моделалде цIалел руго гIадамал», - илан загьир гьабуна пикру экспертас.

АхIмад Ярлыкапов: «Рагъулаб жигьад тIолго дуниялалда тIибитIизаби - гьеб ккола «Исламияб пачалихъалъул» идеологиялъун. Гьеб идеологиялъул рахъкколел тIадуруссунезда гъорлъ гIемер рукIине бегьула. Жалго гьел тIадруссунел щал ругел? Гьел руго рагъда гIахьаллъарал чагIи, рагъизе ругьун гьарурал чагIи. «Исламияб пачалихъалъул» рахъ кколезда гъорлъ федерализациялъулал пикраби тIиритIун руго. Гьел бербалагьиялгун нахъруссунел дагъистаниязда гъорлъ рукIине гьечIилан абураб жоялда дун божуларо. Гьелдалъун, Россиялъул низам цIунулез хасаб хIисабалде босизе ккола гьеб кинабго».

ЦIех-рехалъул Дагъистаналда бугеб идараялдаса щварал баяназда рекъон, Сириялда рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел рукIарал дагъистаниязда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул кIиго иш. ФСБялъул республикаялда бугеб идараялъги кIиго иш рагьун бугин лъазабуна гьезул пресс-хъулухъалъ. Регионалъул жанисел ишазул министерлъиялъул цIех-рехалъулаб бутIаялда Сириялда рукIаразул хIакъалъулъ бакIарараб нусгоялдаса цIикIкIун папка бугин абуна МВДялъул вакилас. Гьел папкабазда такъсир гьабиялъул ишал чан ругелали гьес мухIкан гьабичIо.

«Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къукъаялъул» эксперт Варвара Пахоменкол пикруялда рекъон, гьел папкабазда гъорлъ рукIине бегьула исламиял университетал лъугIизаруразул цIаралги. Ахирисел 20 соназда жаниб исламиял университетазде цIализе ана чанги дагъистаниял. «Мисалалъе, Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялъ чанги чи витIана цIализе Сириялъул университетазде. Сириялда цIалана «Имарат Кавказалъул» цевехъан Кебековги. Кин ратIа гьаризе ругел гьанже «рохьилазул» кумекчагIи, радикалиял бербалагьиял ругел, суфиязул рахъкколел? Суфиязени хIинкъизе батIаго ккеларо. Амма салафияздехун гьужумал жеги цIикIкIине рес буго», - илан абуна Пахоменкоца.

XS
SM
MD
LG