МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда цIияб сон полициял жавабалде цIаялдасан байбихьана


МахIачхъала, коррупциялде данде митингалъул гIахьалчагIи полициязул кьералда цере, 4Oкт2011
МахIачхъала, коррупциялде данде митингалъул гIахьалчагIи полициязул кьералда цере, 4Oкт2011

Гьал къоязда Дагъистаналъул жанисел ишазул идарабазул щуго хIалтIухъанасда тIад рагьун буго такъсир гьабиялъул иш. Гьезул цоязда ришват тIалаб гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго, цойгидал, нухда авария ккараб бакIалда, чи хвеялъул баянал рахчиялъе гIайибиял ругин рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз. Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъ лъазабулеб буго гьел киназего букIине кколеб тамихIги гьабизе бугилан.

Дагъистаналдаса жамгIиял хIаракатчагIаз рикIкIунеб буго такъсир гьабурав низамцIунулесдаго цадахъ кьварараб тамихI гьесул нухмалъиялъеги гьабизе кколилан, гIемерисеб нухалда гьез такъсирал цоцалъ рекъон гьарун рукIунилан.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ кьолел мухIканал гурел баяназда рекъон 2014 соналда жаниб гьеб идараялъул кьерулъа батIи-батIиял такъсиразе гIоло 60 гIан чи нахъе реххун вуго. Гьезул гIемерисез хъулухъ тезе ккун буго ришват босулеб букIинаялъ яги гьеб тIалаб гьабулеб букIиналда бан. Гьедин жидерго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда щаклъи букIун, яги гьеб гIайиб тIаде гIунтIизабун гьаб сагIаталда цIех-рех унеб бугила 17 чиясул ишалда сверунилан. Амма 2015 сон тIаде щун бахъиналдегоги гьел церехун реххсарал къуваталъул идарабазул сияхI лъалаго кIодолъанин абизе бегьула. Гьедин 2015 соналъул 12 январалда МахIачхъалаялда хасал тадбиралги тIоритIун ккуна полициялъул кIиго хIалтIухъан. Гьез МахIачхъалаялдаса гIаданалъухъа гьелъул росасе такъсиралъухъ тамихI дагьаб бигьагьабиялъе кумек гьабилинги абун 50 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб букIун буго гьез.

Гьединго гьел полициялъулазул автомобилалъул хал гьабулаго гьениб батун буго киналгIаги документал гьечIеб макаровасул таманчаги 8 гуллаги. Гьел киналго такъсириял хIужжабазда сверун цIех-рех унеб бугин, гьеб лъугIарабго низамцIунулел тамихIалде цIцIазе ругин ва хIалтIудаса нахъе реххизе ругин лъазабулеб буго жанисел ишазул министерлъиялъ.

Гьединго гьал къоязда Дагъистаналъул прокуратураялъ МахIачхъалаялъул нухазда букIунеб полициялъул лъабго хIалтIухъанасда тIад рагьун букIараб такъсиргьабиялъул иш диваналде кьун буго. ЦIех-рехчагIаз гьезде ургъунго такъсиргьабиялъул хIужжаб бахчиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Гьедин прокуратураялъул баяназда рекъон 2014 соналъул июнь моцIалда МахIачхъалаялда нухда авария ккараб бакIалде рачIарал гьел цереххун рехсарал полициялъулаз хасал документазда хъван буго гьеб авариялъул хIасилалда лъиениги зарал ккечIин. Гьеб автомобильги речIчIун хварай гIолохъанчIужуги, нухдасан ине йикIаго гIодойги ккун бегIераб ганчIида бетIерги кьабун хванин абун хваралъул росасул цIаралдасан гьересикагъатги хIадурун букIун буго гьез.

ХIасил калам авария гьабурав чиясда щибниги гIайиб гьечIин абураб къагIидаялъ бихьизабун буго гьез кинабго иш кагътида. Прокуратураялъ гьеб ишалъул цIех-рех байбихьун хадуб тIатун буго такъсиргьабиялъул хIужжа ва гьей чIужугIаданалда автомобиль тункизабурав чиясда тIадги такъсиргьабиялъул иш рагьун буго, гьесие кумек гьабулел рукIарал полициялъулалги гIагараб заманалда диваналда цере чIезе руго.

LS абулеб информационнияб ва статистикаялъулаб сайталъул баяназда рекъон дунялалда бищунго коррупция цIикIкIараблъун рикIкIунеб буго Пакистаналъул полиция, кIиабилеб бакIалда руго Россиялъул низамцIунулел. Россиялда бищунго коррупция цIикIкIараб полиция Дагъистаналда батилин рикIкIунеб буго Бабаюрталдаса жамгIияв хIаракатчи, инсанасул ихтиярал цIунулев ГIусман ГIалиевас. Къуваталъул идарабазда гIадлу букIинабизе ккани такъсир гьабурав хIалтIухъанасул нухмалъулевги тамихIалде цIцIазе кколин, гьеб меххалда гурони гIадлу букIунарилан абураб пикру загьир гьабуна «Экренлъи» радиоялъе жамагIатчияс.

ГIусман ГIалиев: «ГIадлу букIинабиялъул ва къанун цIуниялъул иш тIаде босизе кколел къуваталъул идарабазул вакилзабаз жидецаго бищун цебе хвезабулеб буго къанун. Гьединаб пачалихъалда киданиги гIадлуги букIунаро. Жакъа низамцIунулезда жал бокьа-бокьараб гьабизе бегьулел, зодоса гIодоре рачIарал чагIир ругин кколеб буго. Гьединлъидал гьел рилълъунаго нух гIоларого рукIунел. Гьеб киналъего гIайиблъун буго бищун цебе коррупция. Гьез жидерго хъулухъалдаса пайдаги босун бакIарулеб буго ришват, хадуб гьеб тIадругезеги кьолеб буго.

Гьезул щивасда лъала лъие щиб ва кигIан кьезе кколебали, гьез щалниги къварид гьаруларо. Гьедин гьел гIарцуца киналго цоцада рухьун руго, гьезул ракIчIун букIуна нагагь щибниги ккани тIалъиялъги жиндирго гIарцуцаги кумек гьабилин, гьединлъидал беркъапичIого бокьараб такъсиралде унел ругел гьел. Масала, такъсир гьабурав къуваталъул идараялъул хIалтIухъанасдаго цадахъ гьесул нухмалъулевги тамихIалде цIцIалев вукIаравани, туснахъ гьавичIониги хъулухъалдасагIаги вахъулев вукIаравани гьев, гьадинаб гIадлухвей букIунароан къуваталъул идарабазул кьеразулъ.

ТIалъиялъ жинцаго халкколаан хIалтIухъабазда хадуб, гьел кинабгIаги мекъаб ишалде гьесизеги толароан. Пачалихъалъулги, жамгIияталъулги ургъел гьабун яхI-намус цIунун хьвадуларел гьел жидерго хъулухъ цIунун гIезегIан лъикI чIезе ругин ккола дида. Гьедин цIияб къанунги бахъун такъсиргьабунщинал низамцIунулезул нухмалъиги тамихIалде цIалеб хIал гьабизе ккола. Гьеб бахъизегIан ругел къанунал цIунизе ккола, гьел киназеголъидал пачалихъаялъул Думаялъ рахъун ругел».

Гьединго ГIалиев ГIусманица рикIкIунеб буго такъсиргьабиялъул гIайиб тIад чIезабурав къуваталъул идарабазул хIалтIухъанасул гIагарлъиялъул чиги гьел кьералъе хIалтIуде восизе гьукъизе кколилан. Гьедин такъсир гьабурав цохIо чи гурони гьесул сверухълъиги тамихIалде цIцIалеб бугони гьелъ низамцIунулезул жавабчилъи гIемерго цIакъ цIикIкIине бугилан.

XS
SM
MD
LG