МагъчIваялъе рес

Полициялъ Гъизилюрталда цо чIужугIадан чIвана


Дагъистаналъул жанисел ишазул министрас лъазабун буго 13 январалъул сардилъ Гъизилюрталда аскIоб ккараб хIужаялъул цIех-рех гьабеян. Полициялъ гьений чIвана 52 сон барай чIужугIадан. Гьелъул гIагарлъиялъ гIайиб гьабулеб буго полициялъулазде.

Жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, сардилъ Гъизилюрталде бачIунеб гьитIинаб автомобиль чIезабулеб букIун буго гьез документазул халгьабизе.

Амма полициялъул санги гьабичIого, автомобиль бачунес хIалбихьун буго гьеб хъамизабизе.

Цинги полициялъ кьвагьун буго автомобилалде. Гьедин речIчIун бачIараб жоги щун, гьеб бакIалдаго хун йиго автомобиль бачунесда аскIой гIодой чIун йикIарай гIадан.

Гьелдаса хадув гьикъа-бакъи гьабизе полициялде вачун вуго автомобиль бачунев вукIарав.

ЧIварай гIаданалъул гIагарлъиялъ бицухъе, эбелги лъималги сардилъ рокъоре рачIунел рукIун руго. Автомобиль бачунеб букIун буго 14 сон барав (дой гIаданалъул) васас.

Гьеб бачине ихтияр бугел документалги кодор рукIинчIого, полициялъ тIад гIакIа къотIилин хIинкъун, васас хIалбихьулеб букIун буго гьениса тIуризе.

Руго гьединго цогидал баяналги. Масала, бицунеб буго гьеб хъизаналда гьарун букIун бугин гьел унел рукIараб шагьраялдасан унгейин, щайин абуни, хъачагъазе гъоркьчIелги гьабун полиция чIун бугин добаян. Амма гьелъул сан гьабун гьечIин гьез.

Кин батаниги, гьеб бакIалда автомобилалде кьвагьдезе изну букIинчIин полициялъулин бицунеб буго ЭР-ялъе Гъизилюрталдаса диванчи Шагьрудинил МухIамадица.

Шагьрудинил МухIамад: «Гьезул изну гьечIо бокьа-бокьараб бакIалде кьвагьдезе. Жидер гIумруялъе хIинкъи бугони гурони, кьвагьизе я къануналъ, я цониги инструкциялъ изну кьоларо гьелъие.

Ялъуни контртеррористияб операциялъул низам букIине ккола чIезабун. Гьедин бугонигицин гьез цин гьаваялде кьвагьизе ккола, лъазаби гьабун.

Гьединго полициялъ буго гIезегIан техника – хадур рахъине автомобилал, дурнаби, ГЛОНАСС системаялъул видеоалатал.

Гьезухъ гьечIеб техника щиб бугеб гьанже? Гьединго кьвагьулеб мехалда полициялъ хIисаб гьабизе кколаан автомобиль бачунесда цадахъ ругезулги. Гьезда бугеб гIайиб щиб шоферас автомобиль гIедегIун, хех бачунин, лъутанин абун?».

ХIалтIул ишаз Гъизилюрталъул полициялъулалгун гIемер дандчIвалев Шагьрудинил МухIамадил пикру гьадинаб буго гьезул рахъалъ.

Шагьрудинил МухIамад: «Участкаялъул полициялъулав абун, букIине кколеб куцалда я гьев гьечIо гьенив хIалтIулев. Регистрациялъул хъулухъ абун, я гьеб гьечIо рагIа-ракьанде щун хIалтIулеб. ГIарза босун чи жаниве вачIинаредухъ 50 хъарщиги, цIулги, чIалуги лъола гьез гьениб. ГIарза босун вачIунев чи тушман вуго гьезие».

13 январалъул сардилъ Гъизилюрталда аскIоб ккараб хIужаялда тIасан хабар ккедал, гьабсагIаталда гьеб мухъалда хIинкъараб ахIвал-хIал бугин, гьединлъидал бокьараб жо ккезе рес бугин абуна ЭР-ялъе жиндир цIар бицине разилъичIев полициялъул хIалтIухъанас.

Гьедин гьес ракIалде щвезабуна чанго къоялъ цебе гьениб гIагардаго букIараб хасаб операция. Полициялъухъе кверде рачIине инкарги гьабун, Чонтаул росдал рагIалда бугеб бокьор жанир чIун рукIана кIигоял. Хадур гьел чIвана полициялъ. Гьединал хIужаби гьеб рахъалда гIемер ккола.

Амма кин букIаниги, полицияги нахъе гIенеккун хIалтIизе ккелин абураб пикру буго гIемерисезул.

ГьанжелъагIанги бицуна гIадамаз 2006 соналда Хасавюрталда полициялъ тIобитIараб хасаб операциялъул.

Минаялъул номерги мухIкан гьабичIого, мекъи ккун Байсултанов ХIасанил доре рачIарал полициялъулаз чIвана лъимаде йикIарай гьесул лъади. Цинги абулеб букIана Байсултанов вугин террорист, гьесул лъади йикIанин, террористазе кумек гьабулей гIадан.

Чанго соналъ тIатIалаго диваназде векерахъдун, гIарзаби хъван, кIвана ХIасанил эмен Байсултанов Маматханида васасдасаги нусалдасаги гьеб рогьояб цIар нахъе бахъизабизе.
XS
SM
MD
LG