Халкъазда гьоркьосеб «БагIараб Хъанчил комитет» абураб гIуцIиялъ жиндирго Хасавюрталда букIараб офис къалеб буго. Гьедин лъазабуна гьелъул вакилзабаз.
«Справедливая Россия» партиялъул депутатаз Пачалихъияб Думаялъул халгьабиялде босун буго терроралъулал такъсирал гьарурал чагIи чIвазе къотIиялъул къануналъул проект.
МахIачхъалаялъул футболалъул клуб «Анжи» Россиялъул премьер-лигаялдаса къватIибе анани, клубалъул стадион «Анжи-Арена» бугеб бакIалда аквапарк базе рагIулин абураб хабар къватIибе баккун букIана гьал къоязда. Амма клубалъул нухмалъиялъги, гьединго «Анжи-Аренаялъул» нухмалъиялъги гьеб хабар гьереси бугилан лъазабуна.
21 марталда щалали лъазе кIвечIел чахIаз бухIун батун буго Сулейман-СтIал мухъалъул Ашагъа-Стал росулъ букIараб, машгьурав лезгиязул шагIир Сулейман Стальскиясул музей-рукъ. ТакъсирчагIи жеги щал рукIаралали чIезабун гьечIо. Абулеб буго гьеб бухIун бугин лезгиязул некIсиял байрамкъоял кIодогьариялде дандечIараб къукъаялъилан.
22 март дунялалда киса-кибего кIодо гьабула лъадал байрамлъун. Лъим рикIкIуна инсанас гIумру гьабиялъе чара гьечIого хIажалъулеб нигIматлъун. Амма ахирал соназда гьекъолеб лъим чороклъулеб букIиналъул гIемерал хIужаби руго. Кинаб ахIвал-хIалха бугеб гьеб рахъалъ Дагъистаналда? Гьеб суалалда тIасан тIабигIат цIуниялъул рахъалъ гIалимзабигун гара-чIвари гьабуна нижеца.
Пачалихъияб Думаялъ хIадур гьабулеб буго Россиялъул президент хIакъир гьавуралъухъ къвакIараб тамихI чIезабулеб къануналъул проект.
Дагъистаналъул «Роспотребнадзоралъул» хъулухъалъ тIатинабун буго МахIачхъалаялъул кванил нигIматал ричулеб базаялда Туркиялда гIезабураб чанго батIияб нигIмат.
Дагъистаналъул прокуратураялда чанго гIунгутIи батун буго Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ букIараб руччабазул мадрасаялъул хIалтIуда жаниб. Гьелда бан гьеб цIалул идараялъул хIалтIи заманаялъ чIезе тун буго. Мадрасаялъул нухмалъулев рази гьечIо прокуратураялъ гIунтIизарулел гIайибазда.
Пачалихъалъул цогояб экзаменазул хал гьабулел мугIалимзаби цин цереккун жалго экзамен кьезе тIамизе кколилан абулеб буго Москваялъул рагьараб лъай кьеялъул институталъ. Экзаменалъул хIасилалда рекъон гьезие кьезе рагIула хасаб статус.
Гьал къоязда цIигьабун байбихьизе буго Россиялъул футболалъул Премьер-лигаялъул сезон. МахIачхъалаялъул «Анжи» клубалда церечIарал масъалаби кIудиял ругин абулеб буго клубалъул нухмалъиялъ. ХутIизе бугищ «Анжи» Премьер-лигаялда абураб суалалда тIасан футболалъул эксперталгун гара-чIвари гьабуна нижеца.
Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ халкъалда гьоркьоб цIех-рех тIобитIулеб буго Сталинилги Ленинилги цIар рекламаялда хIалтIизабизе бегьулищ бегьуларищ абураб суалалда тIасан. Гьелъие гIиллалъун ккана Дагъистаналдаса Коммунист партиялъул депутатаз гьезухъе бачIараб кагъат.
Дагъистаналда реххун тезехъин бугин щагIил махшелин, гIарз гьабулеб буго культураялъул экспертаз. Дагьлъулел рагIула керамикаялъул искусствогун жидерго гIумру хурхинабулел гIолохъабиги.
Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъ хIадурулеб буго республикаялдаса меценатал пачалихъалъ кIодо гьаризе рес кьолеб къануналъул проект.
Кинал ругел аслиял гIиллаби гIадамал росаби тун шагьаралде гочиналъул ва рес бугищ гьел гьенирго чIезе?
Россиялда гьабсагIат бугеб экономикияб кризис 1998 ва 2009 соназда букIаралда дандеккун гIемер захIматаб ва халатбахъараб букIине бугилан абуна гьал къоязда финансазул министр Антон Силуановас. Хадурккун дандчIвазе ругел захIмалъабазде халкъ хIадур букIине кколин абулеб буго гьес.
Кризис хIехьезе ругьунал руго дагъистаниял
20 ва 21 февралалда Авар театралда тIобитIана Халкъаздагьоркьосеб рахьдал мацIаpул къо кIодо гьабиялъул тадбир.
Пачалихъалъул жавабиял хъулухъазда ругел хIакимзаби гьа базе тIамизе кколин абулеб буго Россиялъул президент Владимир Путиница.
Дагъистаналъул прокуратураялъ хал гьабизе буго ЦIунтIа мухъалда ругел нухазул хIинкъи гьечIолъиялъул. Дагьал церегIан къояз рагъулаб Урал автомобильги гебегун кIиго чи хун вуго. Мухъалъул нухазул идараялъул нухмалъиялъ абулеб буго, киналго нухал къачIазе гIураб гIарац кьолеб гьечIин жидее хIукуматалъилан.
15 февралалда 27 сон тIубала советиял аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачаралдаса. Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистаниязул жакъа республикаялда вуго 2000 саги цIикIкIун чи. Кинаб бугеб гьезул жакъа ахIвал-хIал, рази ругиш гьел жакъа хIукуматалъ гьабулеб бугеб тIалаб агъазалдаса?
Цойги