МагъчIваялъе рес

Унго-унгояб гимн халкъалъ тIаса бищула


Дагьалъ цебе кIудияб ахIи-хIур Дагъистаналъул жамагIаталда багъарун букIана Республикаялъул гимн хисиялда бан. Гьанже гимналъул суал борхизабулеб буго гъалгъазул бетIер Юнус-Бек Евкуровасги.

Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатиповасде данде ккун Евкуровас гимн хисизабиялде ахIи балеб гьечIо, гьес тIалаб гьабулеб буго мактабазда ва цогидал цIалул идарабазда тIоцебесеб дарс рагьизе Россиялъул ва Гъалгъастаналъул гимн ахIулаго.

ЦIалул идарабазда гIадатияллъун кколел бахIарчилъиялъул рагьарал дарсазда гIахьаллъи гьабурав гъалгъазул президент Юнус-Бек Евкуровас кIвар буссинабуна пачалихъиял ишараби лъазариялда. Хасго гьес цIикIкIараб кIвар кьуна Россиялъул ва Гъалгъастаналъул гимнал ахIиялде.

ТIолго Россиялдаго гIадин, Гъалгъастаналдаги цIияб цIалул соналъул тIоцебесеб дарсил темалъун букIана Дунялалъул ТIоцебесеб рагъ байбихаралдаса 100 сон тIубай. Гъалгъастаналда ракIалде щвезарулел рукIана ГIалхьулаб Дивизиялъул рагъухъабазул гьунарал.

Юнус-Бек Евкуров хIурматияв гьоболлъун вукIана цо чанго цIалул идарабазда ва гьес киса-кибго кIудияб чIухIигун бицен гьабулеб букIана гъалгъазул тарихалъул ва бахIарзазул.

Гьелдаса киналго разиял ругони, Евкуровас гимнал ахIиялъул суалалда тIаса гьабураб каламалъ цо-цо журналистал гIажаиблъизаруна.

Эхетун чIун, гимнал ахIулел руго къецазда бергьарал спортсменаз, пачалихъиял данделъабазда гIахьаллъулез, рагъулаб гьа балел аскарияз. Амма цIалдохъабаз щибаб къоялъ тIоцебесеб дарсида эхетун чIун гимн ахIиялъул гIадат букIинчIин гьанжелъизегIан.

Бегьулищ гьадинаб гIадат къануназдалъун тIад чIезабизе? Гьеб суалалъе жаваб батизегIан ракIалде щвезабизин гьадинаб тарихияб хIужа.

1990 соназул кIиабилеб бащалъиялда Совет Союз шушаралдаса нахъе улкаялда кIудиял хиса-басиял байбихьана. Советияб заманалда пачалихъалда цохIого цо гимн букIана. Демократикиял хиса-басиял ккедал, щибаб республикаялъе рес щвана жиндирго гимн тIаса бищизе.

Доб мехалъ Дагъистаналъул интеллигенциялъ ва пачалихъиял хъулухъчагIаз цебе лъуна Дагъистаналъул цIар арав шагIир ХIамзатов Расулил «МагIарулазул улкаилан» абураб кечI.

Гьеб кечI унго-унгояб халкъияблъун лъугьана Дагъистаналда. БатIи-батIиял данделъабазда гIадамаз эхетун чIун ахIулаан гьеб кидаго кIудияб рохелгун рекIелъ. Гьанже хутIана- гьелъие официалияб статусги кьун, Республикаялъул гимнлъун лъазабизе. КватIичIого кечI буссинабун букIана гIурус мацIалде.

Пачалихъияб комиссиялъ гьеб кечI Республикаялъул гимн хIисабалда байбихьуда къабул гьабун букIана, амма композитор Ширвани Чалаевас ХIамзатил Расулил цогидал рагIаби кьучIое росун, бахъана цIияб бакъан. Хадуб байбихьана бахIсал, кинаб кечI тIаса бищизе кколебали абураб суалалда сверухъ.

Ахир-къад тIаса бищун букIана Ширвани Чалаевасул бакъан. Амма халкъияб бакъангун «МагIарулазул улка» абураб кечI эхетун чIун ахIула гIадамаз гьанжелъагIан доб тIадехун рехсараб гимналде данде ккун.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:44 0:00
Интернет-мухъ

Дагьалъ цебе Дагъистаналъул бетIер гIабдулатIипов Рамазаница какана Ширвани Чалаевас бахъараб гимн ва тIалаб гьабуна гьеб хисизе.

XS
SM
MD
LG