МагъчIваялъе рес

Бегьуларо. Амма цIакъ бокьун батани, бегьула...


«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватаз Рамади шагьар жиндирго контролалде босараб къагIидаялде балагьун, Багъдадалъ официалиял рагъулал контактал гIатIиралагьулел руго Тегераналъулгун.

Арал гIодоркъояз «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватаз суннитазул шагьар Рамади бахъун хадуб, ГIиракъалъул суннитаз гIумру гьабулел бакIазда экстремитсазде данде къеркьеялъул къагIида тIубанго хисизабизе кколеб бугин абураб пикруялде бачIун буго улкаялъул хIинкъигьечIолъиялъул къуватазул бутIрул.

Рамади хIукуматалъул къуватазул контролалда гъоркь букIаго, Анбар провинциялъул бакIалъулал гIадамал данде рукIана гьенир Ираналъ квербакъи гьабулел шиитазул яргъид гIуцIаразул къокъаби рукIиналде.

Амма I7 маялда хIукуматалъул къуватал Рамади шагьаралдаса нахъе араб мехалда, гьелго суннитазул лидераз Хашид аль-Шааби абураб жидеего бокьун ярагъ кодобе босарал шиитазул гIуцIиялда гьарана жалго цIуниялъул кумек.

ХIасилалдаги гьанже суннитазул Рамадиялъул фронталъул мухъалда аслияб къагIидаялда руго Ираналъ квербакъи гьабулел шиитазул яргъид гIуцIарал.

Гьелдаго цадахъ Ираналъул улка цIуниялъул министр ХIосен Дегхан щвана Багъдадалде. Гьес ГIиракъалъул кIудиял хъулухъчагIазулгун тIоритIулел руго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуватазде данде чIеялда ва рагъулал гьоркьорлъаби гIатIилъизариялда хурхарал кIалъа-басаял.

Гьединал гьоркьорлъаби гIуцIиялъул хIужжа цебего букIинчIо кIиябго рахъалда гьоркьоб.

ГIиракъалъул премьер-министр ХIайдар аль-Абадие, Анбар провинциялъул суннитазул лидеразе ва Цолъарал Штатазе шиитазул къуватал Рамадиялда абизегIанго ракIалъе гIолел гьечIо.

Гьезие гьелъул бакIалда бокьун букIана «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде дандечIезе бажарулел бакIалъулал суннитазул къуватал хIадур гьаризе.

Амма ахирисел хIужжабазда хадуб Анбар провинциялъул хIукуматалъул рахъ кколел суннитазул лидераз абулеб буго, Рамади бахъиялъ бихьизабулеб бугин хIукуматалъе Ираналъул махшел ва квербакъи къваригIун букIинин.

Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго, Анбар провинциялъул мажлисалъул нухмалъулев СабахI Карутица итни къоялда лъазабуна, бакIалъулаб парламенталъул аслияб бутIа гьаркьал кьун, разилъанин шиитазул яргъид гIуцIарал къуватазул квербакъи къабул гьабизейин.

ХIинкъигьечIолъиялъул идараялъул бакIалъулал гIадамазул мобилизациялъул суалазда сверун вакил Юсиф аль-Килабица лъазабун буго гьеб I8 маялда, Рамади шагьар эркен гьабизе бажаризе бугин, гьенире чанго азарго шиитазул яргъид гIуцIарал ритIанийин.

Абадил хIукуматалъ лъазабулеб буго, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялде дандечIеялъе бакIарараб халкъияб къуваталда гъорлъ шиитазул рагъухъаби жидер контролалда гъоркь ругин.

Рамади гьанжеги экстремистиял къуватазул контролалда гъоркь хутIулеб буго. ХIукуматалъ хIукму гьабизе ккола, гIахьаллъизе ругищ яги гьечIищ Багъдадалде унел нухал цIуниялда шиитазул яргъид гIуцIаразул къуватал абураб суалалда хурхун.

Цо-цо гIиракъалъулаз ургъел загьир гьабулеб буго Кербела ва Эн-Наджаф гIадал шиитазул хириял бакIал гIемерал шагьараздехун «Исалмияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуват буссани, шиитазул къуватазул лидерал хIукуматалъул хIукмуялде балагьичIого, буюриязда гIенеккичIого, жидерго къагIидаялда суал рагIалде бахъинабизе гIамал гьабизе бегьиялда бан.

Килабица абулеб буго, мобилизация лъазабун, гIуцIарал халкъиял къуватаздаги шиитазул яргъид гIуцIарал къокъабиздаги тIадаб бугин, ГIиракъалъул нухмалъиялъ бихьизабурал бакIазде инейин.

Цо-цо экспертазул пикруялда, шиитаздаги суннитаздаги гьоркьоб бугеб хIалуцин дагьлъги гъварилъизе бегьула жидерго бакIал тун лъутизе ккарал суннитал, мисалалъе, Эр-Рамади ва Эль-Фаллуджа гIадал шагьараздаса Багъдадалде рачIунел рукIиналъе гIологи.

Анбар провинциялъул суннитазул лидеразул ургъел ккезабулеб буго шиитазул яргъид гIуцIаразул къуватал аслияб къагIидаялда суннитаз гIумру гьабулел бакIазде ритIулел рукIиналда банги.

Тикрит шагьаралда суннитазул гIадатиял гIадамазда хурхун квешаб хьвада-чIвади билъанхъизабиялъул гIайиб гIунтIизабун буго шиитазул яргъид гIуцIаразул цоязде. Лъазабулеб буго, гьез гьезда бецIизабулеб букIун бугин 20I4 соналда суннитазул экстремистаз ГIиракъалъул шималияб ва магърибалъул рахъ жидерго контролалде гъоркье босун букIиндал, шиитазул кIудияб къадар чIван букIиналъе гIолойин.

Вашингтоналъе Ираналъ квербакъи гьабулел шиитазул яргъид гIуцIаразул къуватал Рамади шагьар бахъиялда гIахьаллъизе бокьун гьечIолъи хурхараб буго ГIиракъалда Тегераналъул асар цIикIкIунеб букIиналда.

Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица лъазабуна, жиндир ракI чIараб бугин гIагарисел къоязда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ бахъараб Рамади шагьар нахъе буссинабизе букIиналдайин.

Джон Керри: «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул бухьенал ва коммуникацияби талхизаруна, гьезул гIарцил ресал ва финансазул механизамал талхизаруна, гьезул багъа-башариялъе кIудияб зарал ккезабуна, хасго гьаваялъул патрулал ва цогидал рагъулал ресал хIалтIизаризе ресал ругел бакIазда.

Амма гьеб киса-кибего гуро. Гьелъие мисал буго гьебго Рамадиялда ккараб. Амма дир цIакъ ракI чIараб буго, гIагарисел къоязда, шагьар нахъе буссинабизе букIиналда”.

Пентагоналъ рагIи кьолеб буго Рамадиялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул позициязда кьабиял халат рахъинаризе.

XS
SM
MD
LG