МагъчIваялъе рес

Сириялда рагъуде данде ва рагъул рахъ ккурал пикраби (видео)


Америка-Сириялде рагъуде данде ХъахIаб Рукъалда цебе акция, Вашингтон, 19Авг2013
Америка-Сириялде рагъуде данде ХъахIаб Рукъалда цебе акция, Вашингтон, 19Авг2013

Сириялда химикияб ярагъ хIалтIизабун букIанищ букIинчIищали ва букIун батани, гьелде кинаб реакция гьабилебали абураб суалалда тIад Америка ургъулеб букIаго Сириялъул конфликталде гьоркьоре лъугьин къануналде данде кколеб бугищали бахIсал унел руго жамгIияталда.

Химикияб ярагъ Сириялда хIалтIизабун батани, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Щураялъул разилъиги гьечIого гьеб конфликталде гьоркьоре лъугьин халкъаздагьоркьосеб къанун хвезабилъун кколищ?

Джеффри Робертсон ккола халкъазда гьоркьосел юридикиял суалазда сверун адвокат.

Джеффри Робертсон: «Инсанияталде данде гьабулеб такъсир чIезабизе гьоркьоре лъугьине ихтияр гIемерал гIасрабаз буго нилъер. Гьеб ихтияралъул кьучIалда гIуцIараб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиги, гьеб гIуцIун хадусанги цIунун буго гьеб ихтияр».

Гьес бицана 1945 соналда Цолъарал Миллатазул ГIуцIи рагьилалде цебеги Британиялъе лъилго ихтияр хIажалъун букIинчIин лагъзал ричулел халкъазда гьоркьосел портазде гьужумал гьаризеги, ГIусманил Къайсарлъиялда рукIарал вахIщилъаби чIезаризеги, Греция тархъан гьабизегиян

Цолъарал Миллатазул ГIуцIи рагьун хадуб:

Джеффри Робертсон: «Угандаялъул президент Иди Аминица чIвана жиндирго улкаялъул 75000 чи. Гьев нахъе реххана къватIиса рачIарал къуватаз. Гьеб битIарабги букIана. Амма Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Щураялъул разилъи букIинчIо гьениб. Бангладешалда гIемерав чиясе жинсиб зулму гьабиги геноцидги чIезабун букIана рехсараб Щураялъул разилъи гьечIониги».

Инсанияталде данде гьарулел такъсирал чIезаризе къанунияб кьучI Робертсонида бихьулеб буго 1925 соналда къабул гьабураб Женеваялъул протоколалдаги.

http://www.un.org/disarmament/WMD/Bio/1925GenevaProtocol.shtml

Гьеб хурхараб буго химикияб ва биологияб ярагъ гьукъиялда. Гьелда гъоркь гъул басун букIана Сириялъги. 1993 соналда химикияб яргъида сверун къабул гьабураб Конвенциялда гъоркь гъулбас лъун букIана 189 улкаялъ, амма Сириялъ букIинчIо.

Джеффри Робертсон: «Химикияб ярагъ хIалтIизабизе гьукъараб буго, гьеб хIалтIизабурал чагIазе гьабулеб тамихIги букIине ккола. Гурони, гьел халкъаздагьоркьосел къануназул багьа гьел хъвараб кагътил багьаялдаса гlодобе ккола».

Гьеб къецалъулъ цогидаб рахъ кколеб буго Northwestern Университеталъул профессор ва Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул эксперт Ян Гьердица. Гьес
«Нью-Йорк Таймсалде» хъван букIана «Сириялъе бомба, къануналде данде кколеб гьечIониги» абураб макъала.

Гьеб макъалаялда Гьердица абулеб буго 1925 соналда химикияб ярагъ гьукъиялда сверун къабул гьабун букIанаб протоколалда бицен гьабулеб букIанин улкабазул гьоркьорлъабазул, улкаялъул жанисеб конфликталъул бицунеб букIинчIин гьенибин.

Гьес абулеб буго 1945 соналдаса нахъе дунялалда ругелщинал улкабаз цIунизе кколин Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул рихьизариял ва къанунал. Гьезда мухIканго хъван бугин цоги улкаялде данде, къануналда рекъон, рагъулал ишал кида ва кинал шартIазда рекъон байбихьизе бегьулелали.

Ян Гьерд: «Гьел халкъазда гьоркьосел къануназда мухIканго хъван буго цо улкабазул ихтияр гьечIин цоги улкабазде данде къуват хIалтIизабизе жибго цIунулеб гьечIони ва Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Щураялъул изну гьечIониян. Гьеб цIакъ бичIчIиледухъ хъван буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Низамалдаги. Гьединлъидал, 1945 соналдаса нахъе халкъазда гьоркьосел юридикиял суалазулъ гьелъул буго бищунго кIудияб кIвар. Гьеб къануналъулъ гьечIо гуманитариял интервенциял гьаризе кинал рукIаниги батIа рихьизарурал ресал яги нухал».

Гьердил пикруялда, Сириялъул конфликталде гьоркьоре лъугьин битIараб букIинаан моралияб рахъалъ, амма цо гьеб рахъалде балагьун Америкалъ хIукму гьабиялда гьев разияв гьечIо.

Гьердица гьединго рикIкIунеб буго инсанияталде данде гьарулел такъсиразул рахъалъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул къанунал щвалде щварал гьечIин ва тIоцебе гьеб загьирлъанин 1994 соналда Руандаялда букIараб геноцидалдаса хадубин.

Ян Гьерд: «Руандаялда геноцид гьабуралдаса 20 сон гIолеб буго ва гьелъул дандерижи деги рагIулеб буго. Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул рекъел чIезабулел рукIана Руандаялда ва гьезда лъалеб букIана гьениб щибго гIайиб гьечIеб ракълилаб халкъалъе геноцид гьабулеб букIин, амма гьеб ГIуцIилъ гьеб чIезабизе щибниги гьабичIо, халкъаздагьоркьосеб къануналда рекъон жидер гьединаб ихтияр гьечIинги абун. Гьанже бихьулеб буго къанунал щвалде щварал гьечIолъи».

Америкалъул пачалихъияв секретарь Джон Керрица Сириялда букIараб химикияб атакаялда абуна «моралияб рахъалъ гIодоре ккейин». Франциялъул президент Франсуа Олландил пикруялда гIантлъилъун букIине буго «щибниги гьабичIого чIей».

29 августалда Британиялъул парламенталъ нахъ чIвана Сириялда рагъулаб кьаби щвезабизе ккеялъул рахъалъ премьер-министр Дэвид Кэмеронил аргументал. Гьанже дунял балагьун чIун буго Обамаца щиб абизе бугебали.


XS
SM
MD
LG