МагъчIваялъе рес

Рейтингал - 2013: бечедал тIадеги бечелъана


2013 соналда жаниб бищунго бечедал чагIи дагьлъги бечелъана. «Блумберг» агентлъиялъ 300 миллионерасдаса гIуцIараб рейтингалда рекъон, гьезул гIаммаб пайдаялъул къадар цIикIкун буго 500 миллиардалдасаги. Гьев лъабнусавго миллиардерасул гIаммаб бечелъи гьанже борцине бегьулеб буго лъабго триллионгун 700 млрд долларалъ.

«Блумберг» агентлъиялъул экспертазул къиматалда, араб соналда бищунго кIудияб пайда кьолеб сфераби хурхарал рукIана тIадегIанал технологиязда.

Дунялалдаго бищунго бечедав чиясул статус хутIана Microsoft компания гIуцIарав ва гьелъул директорзабазул мажлисалъул нухмалъулев Билл Гейтс. Гьединаб статус гьес нахъ буссинабун букIана араб соналъул маялда. Гьесда бажарун буго жиндирго капитал 16-гIан млрд долларалъ цIикIкIинабизе. Гьелъие квербакъи гьабун буго корпорациялъул акциязул багьа цIикIиналъги. ИТАР-ТАСС агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, Гейтсил цогидал активазул багьаги тIаде ун буго.

Рейтингалда кIиабилеб бакIалда буго мексикаялъул магнат Карлос Слим. Банказда гьесул рагIула 73 млрд доллар.

Лъабабилеб бакIалда вуго Испаниялъул бищунго бечедав чи, Inditex абураб дармил империя гIуцIарав Амансио Ортега. Гьесул капитал борцунеб буго 66 миллиардалдаса цIиккIун долларалъ.

Щал кколел Россиялъул бищунго бечедал чагIи?

Forbs журналалъул гIурус мацIалъул версиялъул рейтингалда рекъон, сияхIалъул тIоцебесеб бакIалда хутIулев вуго «Металлоинвест» холдингалъул, телекоммуникациязул ва интернет-компаниязул бетIергьан Алишер ГIусманов. Араб соналда жаниб гьесул капитал дагьалъ гурони хисичIо. Гьесул 17.6 миллионалде тIаде жубан буго гIицIго нусго миллион.

Россиялъул бищунго бечедал гIадамазул сияхIалда кIибалеб бакIалда вуго нартида, финансазда, телекоммуникациязда, дармида хурхараб бизнесалъул «Альфа-групп» компаниязул бетIергьан Михаил Фридман. Гьесул бечелъиялъул къадар борцунеб буго 26.5 млрд долларалъ. 2012 соналда гьелъул къадар букIун буго I3.4 млрд доллар.

Лъабабилеб бакIалда вуго Леонид Михельсон. Гьев ккола «Новатэк» ва «Итера» компаниязул бетIергьан. Цебесеб соналда гьесул капитал гIунтIун буго 15. 4 млрд долларалде. 2012 соналда гьеб къадар гIагарлъун букIана 12 млрд долларалде.

Ункъабилеб бакIалда вугев Виктор Вексельбергица жиндирго капитал цIикIкIинабун буго 12 ,4 млрд долларалдаса 15.1 млрд долларалде щвезегIан. Гьев кколев вуго «Ренова» компаниялъул ва «ТНК- БП» абураб нартил гиганталъул бетIергьан.

«Лукойл» нартил компаниялъул бетIергьан Вагьид Алекперов вуго щуабилеб бакIалда Forbs-алъул рейтингалда. Гьесул бечелъи гIагарлъун буго 15 млрд долларалде.

Forbs-алъул рейтингалъул сияхIалда гьединго рехсолел руго миллиардерал Андрей Мельниченко, Владимир Потанин, Геннадий Тимченко, Владимир Лисин ва Михаил Прохоров.
XS
SM
MD
LG