МагъчIваялъе рес

МутIигIал тIатиналъе риччарал харбал


Гьал гIагарал къоязда заманалъ Дагъистаналъул президентасул ишал тIуралев Рамазан ГIабдулатIипов хъулухъалдаса нахъе ине вугин абураб информация баккана цо-цо Дагъистаналъул сайтазда. Официалиял идарабаз гьел л гьадингоял харбал ругин лъазабулеб буго.

ТIоцебе Рамазан ГIабдулатIипов гIагараб заманалда жаниб хъулухъалдаса нахъе ине бегьулин абураб информация бакана dag-news.com сайталда.

Халкъалда гьоркьоб бицунеб буго гьеб ГIабдулатIиповасул васас ва гьесул сверухълъиялъ рагьараб сайт бугилан.

РакIчIун гьелъул бетIергьан ва гIемерисел гьенир хъвадарулел чагIи щалали лъангутIиялъ батIи-батIиял харбал раккулел руго гьеб сайталда тIасанги.

Dag-news.com алъ хъвалеб буго Россиялъул президент Владимир Путиница Рамазан ГIабдулатIипов къабул гьавизе инкар гьабунин, гьединлъидал гIарагаб заманалда гьесда хъулухъ тезабизе ракIалда батизеги бегьулин Путинидайилан.

Дагъистаналъул президентасул пресс-хъулухъалъ официалияб къагIидаялъ лъазабуна Рамазан ГIабдулатIипов хIалтIудаса вахъулев вугин абураб инфомация гьеб гьадингосел харбал ругилан.

«Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица рикIкIунеб буго Дагъистаналъул нухмалъулев хисизе вугин абурал харбал Владимир Путинилги Рамазан ГIабдулатIиповасулги дандчIвай цебехун къотIи гьабуралдаса дагьаб нахъе бахъиялъ ракканилан.

БисавгIалиев МухIамад: «Гьел харбал кидаго рукIана ва руго. Амиров хъулухъалдаса вахъулев вугин 10 соналъ бицунеб букIана. Гьединго МухIамадсалам вугеб мехалдаги лъугIичIо гьел харбал.

Дир пикруялда рекъон Рамазан ГIабдулатIиповасулги Путинилги 30 июлалъ букIине кколеб букIараб дандчIвай нахъе бахъиялъ раккана гьел харбал. ГIабдулатIипов гурониги Путинил Россиялде гьоркьобе унеб жеги 83 субъект буго, халкъазда гьоркьохъеб политика буго, гьел гурониги дагьалги чанги кIвар цIикIкIарал ишалги суалалги руго.

Гьединлъидал цо республикаялъул бетIер къабул гьавичIолъи гIадлъизе ккараб жо гуро. Дир баяназда рекъон хамиз къоялъ гьел дандчIван руго».

Социалиял бухьеназда жигараб гара-чIвари унеб буго ГIабдулатIипов хъулухъалдаса вахъизе вугин абурал харбазда тIасан.

Цо-цо блоггераз рикIкIунеб ургъунго президентасул ишал тIуралесул сверухълъиялъ риччан ругин гьел харбалилан.

Гьезие Рамазан ГIабдулатIиповасул рахъалда щал ругел ва гьесде данде щал чIун ругелали лъазабизе къваригIун бугилан.

Цойгидал социалиял бухьеназда хъвадарулезул пикруялда рекъон ГIабдулатIипов хъулухъалдаса вахъизехъин вуго унго-унголъунги.

Гьединлъидал гьес ахиралда Россиялъул тIадчагIазукьаги хIинкъун гьезда живго берцин вихьизавиялъе, тIадеги ахIдон Дагъистаналъул хIукуматги цIидасан хисун буго.

"Новое Дело" газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагидовасул пикруядла рекъон Рамазан ГIабдулатIипов вуго жиндаго ракIчIарав чи, гьес сундаса букIаниги хIинкъун хисанин Дагъистаналъул хIукуматилан абиги мекъи буго.

ХIажимурад Сагидов: «Дир пикруялда рекъон гьаб къокъаб заманалда кIицIул хIукумат хиси гьеб буго жиндаго ракI чIарав чияс гьабулеб иш.

Щай гурелъул киназдаго бичIчIулеб жо буго хъулухъалдаса вахъарав министр вукIа яги цойгидав хIалтIухъан вукIа гьев кидаго нухмалъулесде дандечIолеблъи, гьедин сундухъго балагьичIого жиндаго лъикIилан ккараб гьабуна Рамазан ГIабдулатIиповас.

Амма гьеб хIукуматалда гIемерисел министрала щай хисичIелалиги гIемерисездаго гIадин дидаги бичIчIулеб гьечIо.

Цоял щай хъулухъалда тарал, цогидал щай течIел абураб суал гьоркьоса къотIичIого кьолеб буго гIадамаз. Дида гьелъий жаваб лъаларо, амма дир пикруялда рекъон нахъе арал министрал хIукуматалда хутIараздаго релълъарал руго»

Ахиралдаги абизе ккола статистикиял баяназда рекъон гьаб соналъул 8 сентябралда тIоритIизе ругел Дагъистаналъул президентасул рищиязда ракI чIараб бергьенлъи Рамазан ГIабдулатIиповас кквезе буго.

Россиялъул статистикаялъул хъулухъалъ гьабураб цIех-рехалда рекъон Дагъистаналда Рамазан ГIабдулатIиповасул буго цониги политикасул гьечIеб гIадаб рейнтинг.

ЦIех-рехалъулъ гIахьаллъи гьабурал Дагъистаниязул 68 проценталъ абун буго ахирисеб 30 соналда жаниб Дагъистаналда рукIарал киналго политиказдаса лъикIав вугин ГIабдулатIипов ва гьесда божилъиги гьабулин жидецайилан.
XS
SM
MD
LG