МагъчIваялъе рес

А.Остальский: «Гьадинаб буго инсанасул хасият, гьадинаб буго инсаният»


Парижалда лъугьа-бахъаралдаса нахъе полициялъ кьварарал тадбирал гьаризе байбихьана. Машрикъ лъазабулев гIалимчи Андрей Остальскиясул пикруялда гьединал ишал церего гьаризе кколаан.

А.Остальский: «Гьединаб иш букIинегIан ралагьун чIун рукIана гьел, варанихIинчI гIадин бетIер салулъ бахчун. Амма дир щакъли буго гьедин букIинеги букIиналда.ТIокIал терактал рукIине гьечIо ян абизе кJоларо лъиданиги.

ЦIияб хIакъикъат бачIун буго гIадамазул рукъзазде. Гьанже жамагIаталъеги пачалихъалъеги къваригIунел руго цIиял жавабиял тадбирал. Ва гьеб бигьаяб ищ гуро.

ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул шартIал щулалъизаричIого гьадинал хIужаби цереккунго нахъ чIвазе кIвеларо тIадтаразда.

Мисалалъе КIудияб Британия босани, абизе бегьула гьенир гьединал тадбирал полициялъ ва хасал хъулухъаз гьарулел ругин цIикIкIараб къадаралда, Франциялде данде ккун.

Гьадин дида кколаха. Щибаб соналъ цереккунго нахъ чIвалел руго гIемерал гьединал гьужумал, терактал ва балагьал. Амма добаги, КIудияб Британиялдаги гIадамазда ва тIадтаразда бичIчIула гьелдалъун киналго тIаде кIанцIиял нахъ чIвазе рес гьечIолъи.

ХIисаб гьабеха нужецаго: гIемерал гIадамазе гьадинаб иш гьабизе бокьун бугони, ахир къад гъозие цогIаги ресги щвеларищха? Гьедин бугониги, жамагIаталъ гьеб хIинкъи сан гьабичIого тола.

Дица щивниги какулев гьечIо - гьадинаб бугоха инсанасул хасият. Гьадинаб буго инсаният.

Магърибалъул гIадамаз кIвар кьолеб букIинчIо Сириялда унеб рагъалъе, ГIиракъалда унеб рагъалъе. Цого заманалда нус-нус бусурбаби вачIунаан гьенире, "Исламияб пачалихъалъул" кьеразде. Хадур лъикIаб рагъулаб хIалбихьи щварал гьел радикалал тIад руссунел руго, добаги рагъ багъаризе хIадурлъун.

Евроцолъиялъ къабул гьабичIо хасаб программа, гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалда хIалтIизабизе кколаб. Амма заман щвана. Щун бугониги, лъиениги бокьун гьечIо жамгIияб гIумру хисизе».

ЭР: Исламияб радикалияб идея кин бижараб ахирисеб заманалда? Щиб дуца абилеб Машрикъ лъазабулев гIалимчи хIисабалда?

А.Остальский: «ГIарабазул их абулеб инкъилаб - гьеб букIана ришватчилъиялде ва коррупциялде гъанкъарал режимазе гуребги - Аль-КъагIидаялъеги кьварараб жаваблъун.

ЛъикIаб малъи-лъай щварал гIолохъаназда бичIана ва жидеде абуна - радикалияб Ислам хвасар гьабиялдехун унеб цохIого-цо нух гурин. Хадур раккана цо-цо проблемаби гьенирги.

ГIемерал гIадамазул ракI буссун бугоан. Амма инсанияталъул тарихалда гьедин букIуна кидаго, щибаб инкъилабалъул хIасилалда букIуна гьадин. ГьабсагIат, хасго гьеб "Исламияб пачалихъалъул" жигарчилъи рикIкIине ккола жаваблъун доб гIараб ихалъеги Магърибалъеги. Ва Магърибалъул улкабаздасаги ГIараб дунялалдасаги гIолохъанал бусурбаби гIедегIана "Исламияб пачалихъалде" гъорлъе журазе».

Андрей Остальскиясул пикруялда «Исламияб Пачалихъалъул» бутIрузулгун кIалъа-басаял гьаризе кколарин. Диалог тIобитIани «Исламияб пачалихъ» къолареблъун бихьила гIемерисезда.

Андрей Остальский: «Гьалеха Магърибалъ таваккалал ишал гьаризе гьечIони, ахIвал-хIал захIмалъизе буго, Магърибалъул цивилизациялъе гуреб пайдаялде сверун.

Бищун кIудияб хIинкъи кьолеб буго гьадинаб жоялъ. Нагагьлъун Европаялъул халкъаз, хасго Франциялъул халкъалъ хасал хъулухъазе квербакъи гьабун, жидерго гражданазда хадуб тIубараб хал кквей гьабизе гъозие карт-бланш кьуни, гьелъул пашманаб хIасил букIине буго.

ХIажатаб буго комплексияб программа. ХIажатаб буго политикияб яхI бихьизабизе, амма либералиябгун демократикияб аслу хвезабичIого, щай, щай гурелъул демократикиял къиматал хвезаруни, цIунизеги хутIиларо щибниги.

Гьай-гьай рагъулабгун-полициялъул тадбиралги гьаризе ккола, "Исламияб пачалихъалде" данде руссарал. Магърибалда тIадаб буго жиндирго гуч бихьизабизе. Машрикъалда къуваталъул хIурмат гьабиялъул гIадат буго. "Исламияб пачалихъалда" тIад бергьенлъи босизе ккола компромиссалги кIалъа-басаялги гьаричIого».

Парижалда МухIамад авараг махсароде тIамулел суратал рахъарав 12 –гояв чIван хадуб, Магърибалъул гIемерал улкабазул журналистаз ахIи бана – гьединал суратал такрар гьаризе.

Ратана гьадинал гIадамал Россиялдаги. Мисалалъе политолог Леонид Гозманица жиндирго Фейсбукалда бана гьадинабго ахIии. Гьелдаса нахъе гIемерал гIадамаз комментариял тана гьесул тIанчIалда – Леонид нижеда кколаан мун гьакъилав чи вугин, амма мекъи ккун ратила, ян абулеб буго гьез.

Швейцариялда вугев Ходорковскиясги ахIи бана гьел карикатураби такрар гьариялде. Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница гьев жиндирго тушманлъун лъазавун вуго.

Къадировас гьединго тIалаб гьабуна «Эхо Москвы» радиостанциялъул бетIерав редактор Алексей Венедиктов жавабчилъиялде цIай. Гурони, ратила гьесухъа жаваб босизе кколел гIадамал, ян абуна гьес.

ГIиллалъун ккана рехсараб радиостанциялъ гьабураб гьикъа-бакъи – кколищ карикатураби такрар гьаризе-ккеларищилан абураб суалгун гьоркьоб. Живго Венедиктовас абуна, жив хIинкъун вугин, ва низам-цIунулездехун вуссун, гIарз гьабизе бугин Къадировасул лъазабиялда.

Дагьалъ цебе Донбассалде сапар бухьарай нижер радиоялъул журналист Шагьида Якъубица абулеб буго, жинда дора гIемерал кавказиял рихьанин.

Шагьида Якъуб: «ТIоцебего абуни, дир хьул букIана Украиналде тIад руссине рокьулел гIадамал ратизе. Амма дида ратичIо гьадинал гIадамал. Дун гIемер халкълъун кIалъана - халкъияб бодул рагъухъабигун, гIадатиял гIадамалгун. Амма лъиениги бокьун гьечIо Украиналде нахъвуссине. Киназго абула - жиндее Россиялда рукIине бокьилаанин.

Гьез абулеб гьечIо жидее лъиданиги бачIеблъи бокьун бугин, гьез гIицIго абулеб жо – Россия!

КIиабизеги - дида цебеккунго лъалаан жидеего бокьун къватIисан гьенире рачIарал гIадамал рукIин. Амма гьедегIан кIудияб къадаралда гьел ратилароан дида кколаан.

Донецк кIудияб шагьар бугониги, гьединал гIадамал киса- кирго рихьула гьенир. Рихьула кавказиял - гьириял, абхазал, чачанал, дагъистаниял. Лъица нуж гьенире ритIаралилан абураб суал гъозие кьуни, гьез абула – жал жидеего бокьун рачIанин гьанире. Мухьги жидее лъицаниги кьолеб гьечIилан.

Гьездаса гIуцIун руго батальонал. Гьел Донецк ва Луганск абулел республикабазул батальоназде гъорлъе журан руго. Дида бичIчIухъе гьел батальоназул бутIрул ралагьун чIун ругоан Россиялдаса гьединал гIадамал гьенире рачIинегIан.

Балагьани - гьел мискинал гIадамазда релъарал гьечIо. Буго гьезул гIарацги. Дида гьел рихьана рестораназдаги бараздаги. Гьезда тIад лъикIаб ретIелги букIана.

Цо-цоял гьенир май моцIалдаса байбихьун чIун руго. ГIага-шагарго 30 чи. Хадуб жеги 150 чачанав вачIун вуго. Гьезда абула - къадировциилан. Гьезул бетIерлъун ккола СОБР-къукъаялъул хъулухъчи, каранда бараб ишараялде божани.

Гьезда тIад гIемераб ярагъ-матахIги буго бихьулеб. Гьале гьадинаб куцалда гьел рестораназдеги рачIунел руго. Щиб гьез гьабизе бугебали - гьеб лъиданиги лъаларо. Щай-щайгурелъул гьениб сихI къотIиялъул низам лъазабун букIиналъул.

Нужер хиял щибилан? - дица гьикъараб мехалда гьез жаваб кьуна, жидеца къаси ва сардилъ къватIабахъ патруллъи гьабулеб бугин абун, мехтарал гIадамал нахъе гъей мурадалда, нагагьлъун гьадинал дандчIвани.

Доба комендантасул сагIат къаси анлъгоялдаса байбихьула хIалтIизе, гьединлъидал къватIабахъ мехтарал рукIине рес гьечIин дида ккола. Рагъулаб полицияги буго гьениб.

Хасго гьелда тIадаб буго гьеб иш. Руччаби къаси хьвадулел гьечIо гьенир. Нагагьлъун бихьинав ватани - рагъулаб полициялъ, ялъуни казаказ гьев ккун, ваччун вачула. Гьелдалъун камула гIадамал. Ва гьел камурал гIадамазул гIага-божараз щибаб штабалде рачIун цIехолел руго.

ЭР: Щайха гьел гIадамазе Россиялде гъорлъе журазе боклилаан?

Шагьида Якъуб: «Дида ккола гьеб бугин политикияб гъуба-жубаялъул хIасилалда баккараб гъира. ТIоцебего абуни жибго регион букIана Россиялдехун цIикIкIараб цIайи бугеб бакIлъун. Гьединго ракIалде щвезабизе ккола гьадина хIужа.

Гьеб регионалъе халатаб заманалда жаниб Киевалъ дотацияби кьолел рукIана, амма регион цебетIезабун букIинчIо. Гьедин бугониги доба цIакъ багьаял тукабиги, атосервисалги рихьула. ПалхIасил гIемер гIарац хвезабун буго жидерго напсиял интересазе гIоло цо-цояз.

Дида ккоухъе, гьеб буго лъикIалан хIалтIизе бажарулареб хIукумат бугеб Украиналъул гIаммаб проблема. КIиабизеги-рагъ багъарараб мехалда жалго Украиналъул аскарияз гьел гIадамазе, ай – гIурусазе – абулаан, а нуж нужерго Россиялдеин.

Амма гьебги гуро бищун квещаб жо. Гьел гIадамаз абулеб буго жидеде Украиналъул аскарияз кьвагьдарулел рукIанин. Хасго гьеб бугин тIаса лъугьине рес гьечIеб ищ гьезул хIисабалда.

Школабазда цере дарсал кьолааан Украин мацIалъ. Гьанжейин гIурус лъималазе бокьун гьечIо Украин мацIалъ цIализе. Украиналъги гьеб регионалдаса рекIелъ инкар гьабун бугин дида ккола.

Дида гьеб якъинго бихьана Донбассалъул цо бакIалдаса цогидаб бакIалде сапар бухьулаго. Гьале цо мисал. Донбассалда ругел цIалул идараби Россиялъул лъай кьеялъул системаялда рекъон хIалтIизе руго. Гьелда бан дица телефоналъ кIалъана Украиналъул лъай кьеялъул министргун. Гьес диде абуна - жиндир авара гьечIин. Гьалеха, гьелдалъун якъинго бихьулеб буго гьез гьеб регионалдаса инкар гьабун букIин».

XS
SM
MD
LG