МагъчIваялъе рес

Интернет-годекIан


Шамат къоялъулаб рубрика интернет-годекIаналда бицен гьабула гьаб унеб анкьалда Дагъистаналъул блогосфераялда бищунго цIикIкIун кIвар кьурал ва жидеда сверун бахIсал рукIарал лъугьа-бахъиназул. Гьаб анкьалда гьединаллъун рукIана Лаваша мухъалда эркен гьарурал гIадамазда ва МахIачхъалаялда бараб чвахун цIадал ва лъед босараб шагьаралъул темаби

Москваялдаса «Альтернатива» абураб гIолилазул идараялъул хIаракаталдалъун ва бакIалъулал журналистазулгун полициялъул кумекалдалъун Лаваша мухъалъул Мекеги росдада аскIоб бугеб гамачI хъухъалеб цехалдаса эркен гьарун руго анкьго чи. ТIубараб анкьалъ гьеб суалалда тIаса ахIи-хIур букIана республикаялъул ва федералиял информалатазда. Блогосфераялда бахIс унеб букIана «лагъзадерида» тIаса. Цо-цоязул пикруялда рекъон гьезда лагъзал абизе бегьуларо, щайгурелъул киналго хIалтIулел рукIана жидеего бокьун, бокьараб заманалда лъутизе рес букIана.

Журналистка Зарема ХIасановалъ Фейсбукалда «Дагъистаналъул журналистал» абураб жиндирго группаялда хъвалеб буго гьел лагъзал кколарин, кванихъ хIалтIулел чагIи рукIанин. «Дир хIисабалда бокьараб мехалда ине бегьулев чи лагъ кколаро» - абун рикIкIунеб буго гьелъ. ПатIимат НасухIова абурай блогералъул пикруялда рекъон, кодоса документал рахъарал чагIи лагъзал ккола. «ГIарацги гьечIого, документалги гьечIого, чияр ракьалда мугIрузда ругел чагIи кире инел, хIинкъун рукIун ратила», абун хъвалеб буго гьелъ. «Щибаб нухалъ лъутизе къачIарал чагIи къаси гьекъолел рукIун руго ва гьенирго хутIулел рукIун руго. Гьел чагIи ккола гьекъолеб жоялъул лагълъуда ругел чагIи, киналгIаги гIадамаз кIоларо гьел жидее бокьичIого гьенир чIезаризе» - абун хъвалеб буго Мекеги росулъа Рустам Ражабовас.

Камулел гьечIо гьеб кинабго журналистаз ва цогидаз жидеего рецц букIиналъе гIоло гьабулеб бугилан рикIкIунелги. Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул доцент МухIамаддадаев Амирханил пикруялда рекъон, журналистаз гьенисан гьабураб репортажалъухъ балагьарабго гьел чагIи лагълъуда рукIараб хIисаб буго.

МухIамаддадаев Амирхан: «Дир хIисабалда ратила гьел чагIазда гъорлъ гIумруялъул тIинде ккарал, гьекъолеб жоялъул гурони пикру гьечIел гIадамалги. Гьединго ратула хIалтIи кьолеб бугилан бицарал харбаздаги божун жидерго хъизамалъе чед балагьизе рачIаралги. Амма кин бугониги, харжги кьечIого, кодоса документалги росун, зулму гьабун гьенир гьел гIадамал чIезари, дир ракIалъ босулареб жо буго. Гьанже гьениса суратазул хал гьабурабго, гьел чагIаз гIумру гьабулеб ва гьел хIалтIулеб бакI бихьарабго ва гьез абулеб жо битIараб батани, гьеб жоялда лагълъи гьабизе тIамун ругилан абизе бегьула».

Гьев вукIана Пачалихъияб университеталъул доцент МухIамаддадаев Амирхан.

Цо-цоязул пикруялда рекъон, лагълъудаса эркен гьарун гьечIо гьел, хIалтIудаса эркен гьарун руго. «Гьанже гьанисан рокъоре ритIарал гьел гIадамал нахъойги жидерго гьекъолеб пишаялде руссине руго, хадурккун цогидаз ричун росизеги руго», - абун хъвалеб буго блогер Саид Саидовас. «Щиб гьез гьабуниги, кире аниги гьеб букIине буго гьез жидецаго тIаса бищараб къисмат. Гьел гьединал ругилан нилъеца гьезда тIад зулму гьабизе бегьилищ?» - абун цIехолеб буго цоги блогерас.

Рузман къоялъ МахIачхъалаялда бараб чваххунцIадалъул хIасилалда киналго къватIал лъел цIуна. БакI-бакIазда тукабазе, рукъзабазе жагъаллъаби ккана. Блогосфераялда гьеб темаялда тIасан гIемераб гара-чIвари унеб букIана. Аслияб къагIидаялъ гIайибал чIвалел рукIана шагьаралъул администрациялда. «МоцIалъ цебе шагьаралъул нухмалъулев Саид Амировасе «вищунго лъикIав мэр» абураб шапакъат щвана, гьанже нилъеда бичIчIана кинав мэр гьев вугевлъи», абун хъвалеб буго Зарема Бамматова абурай блогералъ. «Дида бичIчIуларо кин нилъер хIакимзаби жакъа хIалтIуде арал, гьаваялдаса роржунищ?»- абун хъвалеб буго ГIайша ХIусенова абурай блогералъ.

Руслан Акаев абурав блогерасул пикруялда рекъон, гIайиб буго бокьа-бокьаралъуб рукъзал ралел жалго гIадамазда. «ЧваххунцIадалдаса щалниги цIунун гьечIо, гьеб бокьараб шагьаралда базе бегьула. Амма Амировасда гуро гIайиб чIвазе кколеб, бегьуларелъуб рукъзал разе гIедегIулел гIадамазда», абун хъвалеб буго гьес. «Гьел рукъзал разе ихтиярал лъица кьолел?» - абун суал кьолеб буго гьесие АхIамад ХIабибовас. Авар МухIамадил вас абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас хъвалеб буго, гьеб чваххунцIадалъул хIасил бихьун хадув шагьаралъул нухмалъулев нахъе ине кколилан. «Шагьаралъе гьединал ишазе биччараб гIарац хIалтIизабун буго гъоркьисаго, амма гьанже нилъеда бихьана гIарац цоги рахъалде араблъи», - абун хъвалеб буго цоги блогерас.

Гьединал рукIана гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогосфераялда гьоркьор лъурал аслиял суалал.

XS
SM
MD
LG