МагъчIваялъе рес

Интернет-годекIан


Дагъистаналъул блогосфераялда гьаб анкьалъ гьоркьор лъурал аслиял темабилъун рукIана республикаялъул президент вищизе вугеб куцалда сверун суалги, Генуб росулъ хасаб операцияги, Бостоналда кьвагьи гьабиялда щаклъи бугел вацал Царнаевазул суалги, хIижабазул суалги.

Дагъистаналъул блогосфераялда гьаб анкьалъ гьоркьор лъурал аслиял темабазул хIакъалъулъ къокъго бицана «Эркенлъи» радиоялъе Фейсбукалда «Дагъистан» абураб группа бачунев блогер Шахтаманов Муратица.

Шахтаманов Мурат: «Бищунго гIемер гьоркьоб лъураб тема ккана Дагъистаналъул президент вищизе кколеб къагIидаялъул хIакъалъулъ парламенталъ гьабураб хIукму. Гьелда хурхун пикраби киназдаго лъала, цоял рукIана тIолгохалкъал президент вищиялъул рахъ кколел, цогидал рукIана гьединал рищиял тIоритIизе Дагъистаналъул жамгIият жеги гIун гьечIилан рикIкIунел. Гьединго бицунеб букIана Генуб тIобитIараб хасаб операциялъул хIакъалъулъги. Гьенибго кIиго батIияб пикру букIана. Аскарияз ахиралде щвезегIар росу изну гьечIого яргъид гIуцIизе кколин, гьелъие гIайибиял жалго генал ругилан рикIкIунел, цогидал рукIана росулъа гIадамал къватIир гъезе бегьуларо абун бицунел. Гьоркьор лъуна цоги темабиги. Мисалалъе, вацал Царнаевазул хIакъалъулъ гIемер хъвалеб букIана, тIубанго Дагъистаниязда хъвалеб тема гьечIониги.

Бицунеб букIана хиджабалъул хIакъалъулъ ва цIалул идарабазда хасаб форма ретIиялъул суал. Гьеб баккана чIагояб эфиралда президент Владимир Путин кIалъан хадуб. Россиялъул бищунго лъикIав мэр абураб цIар Саид Амировасе щванилан баккараб хабарги гIемер гьоркьоб лъуна. ГIемерисез бицунеб букIана хашаб шагьаралъул мэр лъикIав кин вукIуневин, шагьарги гьединаб букIине кколин. Гьединго гьоркьоб лъуна хIалтIуде росулаго цIияв президентас лъазабухъе конкурсал тIоритIунгутIиялъул суалги. ГIадамал хIалтIуде росулел руго, конкурсал гьечIо абун бицунеб букIана».

Гьанже бицине буго гIатIидго гьел суалазул хIакъалъулъ ва Дагъистаналъул блогераз щибалда тIаса загьир гьарурал пикраби рехсезе руго.

Америкаялъул шагьар Бостоналда гьабураб теракталъ тIолабго дунялалда бахъинабураб ахIи-хIур Дагъистаналдаги хъвачIого хутIичIо. Такъсир гьабиялъул гIайиб жидеда гIунтIизабулел вацал Царнаевал дагьабго заманаялъ МахIачхъалаялда гIумру гьабулел рукIиналъ ва гьезул эбел-эменги гьабсагIаталда Дагъистаналда рукIиналъ тIолабго дунялалъул информалатаз ва блогераз кIвар буссинабулеб букIана нилъер республикаялде.

Дагъистаналъул блогеразул гIемерисез рикIкIунеб буго вацал Царнаевал лъил бугониги провокациялде гъорлъе ккун ругин. ГIага-шагарго гьеб тасдикъ гьабулел темаби рукIана блогосфераялда бищунго гIемер жидеда тIасан бахIсал гьарулел. Арсен МухIамадов абурав блогерас Фейсукалда лъун буго Бостоналда такъсир вацал Царнаеваз гуреб, Америкаялъул рагъулаб компаниялъ гьабунилан мухIкан гьабулеб макъала.

ГIемерисез гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго. Амина ГIалиевалъ хъвалеб буго Америкаялъ жидерго къватIисеб политикаялда хIалтIизабизе ва Россиялда Цолъарал штатазда кьвагьулел террористал хIадурулел ругилан гIайиб гIунтIизабизе багьанаялъе гьабун бугин гьеб иш. Вачеслав Говоров абурав блогерас хъвалеб буго гIагараб заманалда Цолъарал штатаз кибе бугониги рагъулаб гьужум гьабизе бугин. Халкъалда гьоркьосеб терроризмалда дандечIей гьабиги багьанаде бахъун Шамалде рагъулаб аскар рехизе бокьун бугин гьезие абун рикIкIунеб буго гьес.

Генуб тIобитIараб хасаб операциялда хурхун рукIана кIиго батIияб пикру загьир гьарулел гIадамал ва гьезда гьоркьоб зама-заманаялдаса бахIс бижулеб букIана. «Щай цоги росабалъ гьечIеб хасаб операция, жалго гендерие бокьичIони гьенир яргъид гIуцIаразул къокъаби рахчарилароан», - абун хъвалеб буго МухIамад ГIарип абурав цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас. Цогидазул пикруялда рекъон аскарияз гендерил гIадамазул ихтиярал хвезарулел рукIана. Рукъзалги тун бакI-бакIазде рихха-хочизарунин лъималгун руччаби. Бицунеб букIана рукъзабахъ чIухь балел къуваталъулаз рокъоса батIи-батIияб къайи цадахъ босун ун бугин, магIишат хвезабун бугин.

Генуса МухIамадов МухIамадица хъвавухъе, росулъ гIемерал рукъзал кьвагьизарун руго, мажгиталъе жагъаллъи ккун буго. «Мажгиталъуб ярагъ батун буго, гьениб гьеб бахчизе бегьулареблъи лъаларогойищ бугеб диниябин рикIкIунеб росдал гIадамазда?» - абун хъвалеб буго Хадижат Багьавудинова абурай блогералъ. Гьелъие жавабалъе Аят бинт МухIамадица хъвалеб буго, Кавказалъул имамзабаз какалги рараб, цIар араб гендерил мажгиталда жанире хьиталги ретIун капурзаби лъугьиналъул щай бицунаребин нужеца, гьениб батараб лъалареб, батичIеб лъалареб яргъил бицинчIого абун.

Хамиз къоялъ Россиялъул президент Владимир Путиница чIагояб эфиралдаса гIадамазул суалазе жаваб кьолаго бицана школазда ва тIадегIанал цIалул идарабазда хIижаб ретIиналъул жинца рахъ кколарин, гьеб бугин нилъее чияраб ратIлил форма, цониги Россиялъул бусурбабаз гIумру гьабулел регионаздаги гьединаб ретIел ретIунеб гIадат букIинчIин. Блогераз гIажаиблъи гьабулеб буго щайин президентасда лъалареб гьеб кинабго исламалъ тIалаб гьабулеб букIин ва киналго бусурбабазда тIадаб букIин.

Фейсбукалда «Дагъистаналъул журналистал» абураб группа бачуней Зарема ХIасановалъул пикруялда рекъон, Путинида жеги бичIчIун гьечIо хIижаб абураб жо щибали. Гьес бицунелда рекъон гьесда ракIалде ккун буго тIубанго гьумер бахчулеб никабалъул бицунеб бугилан. ГIусман ГIалиев абурав блогерас хъвалеб буго, светияб пачалихъалда щивасе жиндие бокьараб ретIел ретIине гьукъизе бегьуларин гьелъ цогидазул ихтиярал хвезарулел ратичIони.

ЦIалул идараялда цIалулел цоги студентазе ва школлъималазе хIижаб ретIарай ясалъ квал-квал гьабулеб батичIони гьеб гьукъиялъул магIна жинда бичIчIуларин. Дагъистаналъул блогосфераялда киназдего гIагарун блогераз рахъ кколеб буго хIижаб гьукъизе бегьуларо абураб пикруялъул.

Гьединал рукIана гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогосфераялда гьоркьор лъурал аслиял суалал ва гьезда тIаса пикраби.

XS
SM
MD
LG