МагъчIваялъе рес

Кин босаниги, Дагъистаналда чlварал гlемерал руго


Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллер
Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллер

Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллерица гьаб анкьалда хIадурараб баян хурхараб буго регионалда хасал операциязул заманалда ч1варазул къадаралда ва батIи-батIиял информалатаз гьел батIа-батIаго рихьизарулел ругеб куцалда.

Шималияб Кавказалда араб 12 моц1алда жаниб рагъулал ишал дагьал рукIанин абурал баянал кьуна араб гьатIан къоялда KavkazCenter сайталъ. Гьез кьолел баяналги Кавказ Узел сайталъ кьолел баяналги цоцазде данде ккураб мехалда бихьулеб буго кIиго аслияб параметралде балагьун гьел цоцаздаса гIемерго батIиял рукIин.
Низам цIунулезул ва цоги информалатазул баяназда рекъон, чIварал къуватал идарабазул хIалтIухъабазда сверун баянал Кавказ Узелалъ кьолел руго экстремистазул сайталда кьолелдаса кIигониги нухалда дагь гьарурал тарихал.
Гьединго чIварал изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къадарги пачалихъиял къуватазде дандечIей гьабулез кIигониги нухалда дагь бихьизабулеб буго Кавказ Узелалъ кьолелде данде ккун.

2012 соналъул 11 моцIада жаниб 349 яргъидгIуцIарав чIван вукIанин хъвалеб буго Кавказ Узелалъ; KavkazCenterалъул баяназда рекъон, гьединазул къадар-2012 соналъул ноябралда лъугIулеб-12 моцIалда жаниб 163 гурони гьечIо.

Гьел дандеккунгутIиял ричIчIулелги ругин абулеб буго эксперталъ, щайгурелъул пропагандаялъул мурадазе гIоло кIиябго рахъалъ хIаракат бахъулеб бугин жидерго камиял дагь гьаризе гуребги тушманасе гьабураб зарал цIикIкIун бихьизабизегийин. Гьелде тIадеги официалиял баяназда рекъон чIвараллъун рихьизарулезда гьоркьорги хIакъикъаталдаги ярагъгун кодоб пачалихъалде дандечIей гьабулев чан вукIаравали абизе кIоларин, гьез абухъе, «щаклъи» бугезда гьоркьор къанун цIунарав, гIадатияв, гуреб заманалда гуреб бакIалде ккарав чи чан вукIарабалиги лъаларин абулеб буго эксперталъ.

Амма кин бугониги гьеб кIиябго статистикаялъ мухIканго бихьизабулеб буго чIваразул къадар бищунго цIикIкIун киб букIарабали. Гьеб букIана Дагъистаналда.
KavkazCenterалъул баяназда рекъон, гьенив чIван вуго 273 къуватал идарабазул хIалтIухъанги 102 яргъидгIуцIаравги.
Кавказ Узелалъ лъазабулеб буго 110 низам цIунулесул ва 206 яргъидгIуцIарасул.
Чачаналъ чIварал низам цIунулезул къадар бихьизабулеб буго 98 чи Кавказ Узелалъ кьолев 43 чиясде данде, яргъидгIуц1аразул-12 ва 36.

Тарихал батIи-батIиял рихьизарулел рукIаниги кIиябго магIданалъул баяназда рекъон, Гъабардагун-Балкариялда чIварал яргъидгIуцIаразул къадар цIикIкIараб буго гьенир чIварал низам цIунулезул къадаралдаса.

Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабун бук1ана декабралъул ахиралда Шималияб Кавказалда дандечIей гьабулезул 48 командир чIван вукIанин араб соналдайин. Гьезулги гIемер рагIарал цIарал руго Дагъистаналдаса Давудов Ибрагьимхалилил, Гъабардагун-Балкариялъул ва Гъарачайгун-Черкегиссиялъул эмиралин абулел рук1арал Зангишиев Алимил ва Авдорханов Заурбегил. Гьанибго абизе ккола, чачаназул республикаялъул нухмалъулев Къадиров Рамзаница гьаб анкьалъул арбагI къоялда букIараб данделъиялда абун букIана Авдорханов чIаго кверде восун вугин. Амма араб соналъул 1 августалда абуни гьесго лъазабулеб букIана кIиявго вац Авдорхановал чIван ругин.

Лиз Фуллер
XS
SM
MD
LG