МагъчIваялъе рес

Анализ: Шималияб Кавказ анкьида жаниб


Лиз Фуллер
Лиз Фуллер

Хамиз къоялда Хасавюрталда полициялъул чIовудабакIалда гьабураб ва щуго чи чIвараб теракталъ цоги нухалда ракIалде щвезабуна Дагъистаналъул заманалъулав нухмалъулесда низам чIезаби ва терроризмгун къеркьей гьесда цере чIарал аслиял проблемабазул цояблъун букIин. Живго ГIабдулатIипов мукIурлъулев вукIана гьел суалазулъ жив «дилетант» вукIиналъе.

Гьел суалазулъ цеве республикаялъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадов МухIамадсаламги вукIинчIо специалист, амма инаугурациялъул каламалда гьес абун букIана жив хIадурав вугин ярагъ гIодоб лъезе бокьарав изну гьечIого гьеб кодобе босун букIарав бокьарав чигун диалог гьабизейин.

Республикаялда бугеб конфликталда хурхун ГIабдулатIиповас рицунел жал руго мухIканлъи гъорлъ гьечIел, абстрактиял. Гьес хIалтIизарулел руго «пачалихъалде данде гьабулеб рагъ» гIадинал терминал. Гьес щибго абичIо рохьахъе унезул хIакъалъулъги, гьел иналъе рукIине бегьулел гIиллабазулги, гьезие тIадруссинелъун гьабизе бегьулеб кумекалъулги, МухIамадсаламил заманалда гьел мурадазе гIуцIун букIараб комиссиялъулги.

ГIабдулатIиповас гIамм гьабун бицунеб букIана жанисел ишазул министерлъиялъулги, Генералияб прокуратураялъулги, рищватал росулел диванчагIазулги. Гьезулги цIикIкIунисеб бутIа ракIбацIцIадал, хIалтIи бокьулел ва бажаригун махщел бугел чагIи ругинги абулеб букIана ГIабдулатиповас.
Амма гIамм гьабун гьезул идарабазул хIалтIуе къимат кьолаго гьес абуна гьеб хашаб бугин ва жакъасел тIалабазде данде кколеб гьечIин. ЦIияв нухмалъулес хасго кIвар буссинабулеб букIана такъсир гьабилалде цебе тIатинабизе ва чIезабизе кIолеб гьечIолъиялде.

Жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул ишал тIуразарулев МухIамадов ГIабдурашид бицен гьабулеб данделъиялда вукIинчIо.
«Пачалихъалде данде рагъ» гьабулезде данде къеркьезе нухал ГIабдулатIиповасда рихьулеб руго гIун бачIунеб гIелалъе патриотияб лъай кьеялъулъ.
Амма дида ккола гьединаб политикалъ Дагъистаналда ахIвал-хIал дагьабги хIалуцинабизе бугин, щайгурелъул жакъа изну гьечIого ярагъ кодобе босарал гIолилаз ритIухълъи улка-ракьалъе гуреб цо Аллагьасе цIунулеб букIун.

Араб анкьалда чачаналъа рукIарал харбазда гьоркьоб хасаб бакI ккола республикаялъул хурзабахъа минаби нахъе рахъизе ккеялда сверун суал Къадиров Рамзаница кIиго нухалда борхиялъ.

ТIоцебесеб нухалда Черкесскалда премьер Дмитрий Медведевгун букIараб данделъиялда. Гьениб бицен гьабулеб букIана росдал магIишаталъул бачIин цIикIкIинабизе ругел нухазул.

КIиабилеб нухалда гьеб суал борхун букIана талат къоялда улка цIуниялъул министр Сергей Шойгугун Грозныялда букIараб данделъиялда. Гьениб Къадировас абулеб букIана гьеб проблема рагIалде бахъинабизелъун цеве вукIарав министрас щибниги гьабичIин.

Гьеб битIараб гьечIин абизе ккола. Щайгурелъул 2012 соналда улка цIуниялъул министерлъун Анатолий Сердюков вукIараб мехалда Сергей Шойгуца нухмалъи гьабулеб букIараб гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъухъа нахъе босун букIана чачаназул харзабахъа минаби нахъе рахъиялъул суал.

2011 соналде щвезегIан анлъго соналда жаниб гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ минабаздаса бацIцIад гьабун букIана гIицIго 300 гектар.

Гьелде дандеккун 2012 соналъул марталдаса ноябралде щвезегIан улка цIуниялъул министерлъиялъ минабаздаса бацIцIад гьабун букIана бекьулеб ракьул 1000 гектар.

Гьебги щуго мухъалда - Курчалоевское, Урус-Мартан, Шалинское, Грозненское ва Шелковское. Шелковской ва Урус-Мартан мухъазда рекьулел ракьал тIуранго минабаздаса рацIцIалъун ругин абизе бегьула, Грозненский мухъалъул бащдал ракьал рацIцIалъун руго.

Чачаназул росдал магIишаталъул министерлъиялъ гьабураб хIисабалда рекъон, ракьул цо гектар минабаздаса бацIцIад гьабизе хIажалъулеб буго 300 азарго гъурущ. Гьедин хутIараб 16 500 гектар бацIцIад гьабизе хIажалъулеб буго щугогIан млрд. гъурущ, гьебги рохьазул 8000 гектар малъичIого.

Къадировас Медведевгун Шойгуде абухъе, гьеб хIалтIул 2.5 млрд. гъурщидаса цIикIкIине гьечIо ва гьеб рагIалде бахъине ккола 2015 соналъул ахиралде. Цебе абухъе цо лъагIалие 1000 гектар гурони бацIцIад гьабулеб гьечIони, гьеб хIалтIуе хIажалъулеб буго 25 сон.

Лиз Фуллер
XS
SM
MD
LG