МагъчIваялъе рес

Интернет-годекIан


Russia -- Blogs review
Russia -- Blogs review

Араб анкьалдаса нахъе Дагъистаналъул интернет-годекIаналда гьоркьоса къотIулеб гьечIо МахIачхъалаялъул нухмалъулев Саид Амиров кквеялда сверухъ ахIи-хIур. Политологаз, экспертаз, журналистаз ва блогераз щибаб сайталда загьир гьарулел руго рехсараб лъугьа-бахъиналда хурхун жидерго пикраби.

ДандчIвалел руго Саид Амиров кквеялдаса роххарал ва гьединго риххарал. Аслияб къагIидаялъ Фейсбукалда унеб буго гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун бахIс. МухIамад Авар абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас «Эркенлъи» радиоялъе загьир гьабуна жиндиго пикру.

Блогер МухIамад Авар: «Гьеб хIужаялдаса дун рази вугилан, ялъуни пашманго вугилан дида абизе кIоларо. Дун пашманго вукIана нилъер магIарулазул машгьурал церехъаби цоязда хадур цоял чIвалеб мехалда. МухIамад Сулимановги, СайидмухIаммад-хIажиги, ГIадилгерейги тIокIал нахъруссинаро. Гьединлъидал, дир я разилъи я пашманлъи гьечIо. Президентасги гьедин абуна. Абизе рекъарабги буго гьедин. Гьесиеги вокьулев ялъуни вокьуларев чи вукIун ватиларо Амиров. Вокьизе гьев чIужугIаданги гурелъул. Гьесда гIунтIизарулел такъсиралги гьарун ратани, гIайибги батани гьезда рекъон жаваб кьезе кколаха щивас. ЦIех-рехалъ бихьизабила кинабго. Чанги чагIи руго гьеб хIужаялда хурхун ахIи-хIур бахъинабулел, гьеб аваразулгун даргиязул дандечIеялда сверизабулел. Гьеб цIакъ мекъи буго, миллаталда бараб жо щибниги гьечIо. Нилъер миллаталъул руго гIезегIан чагIи гьесда хадур доре ритIизе кколел».

Щай Амиров ккурав, кинаб гьесда гIайиб гIунтIизабулеб бугеб, щиб хисизе бугеб гьанже МахIачхъалаялда ва республикаялда, щив вукIине бегьулев хадусев шагьаралъул нухмалъулев, кинал политикиял хиса-басиял рукIине бегьулел гьанже? Гьединал суалал гьоркьор лъолел руго аслияб къагIидаялъ гьабсагIат блогосфераялда. Цо-цоязул пикруялда рекъон, кIудияб политикияб къуват букIарав чи тIасан арабго гIемерисел хIакимзабазул къисмат пашманаб букIине буго. «ЦохIо Амиров кквеялдалъун лъугIизе гьечIо гьаб, гьесда хадур ятабалъ ритIизе кколезул читIир цIакъ халатаб буго», - абун хъвалеб буго Абу Саид абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас.

Гьединаб читIирлъун бихьулеб буго цо-цоязда гьесул рахъ ккун ПутIиниде хитIаб гьабурал депутатал. Гьезда гъорлъ руго батIи-батIиял партиязул, батIи-батIиял миллатазул вакилзаби. Гьединабго хитIаб спортсменаз гьабун бугиланги информация баккана. Блогосфераялда рехсолел рукIана Олмпиялъул ва дунялалъул чемпиозанул цIарал. Гьезда гъорлъ рукIана Олимпиялъул чемпионал Мансур ГIисаев, Ширвани Мурадов, ХIайдарбег ХIайдарбегов, дунялалъул чемпион КъурамухIамад КъурамухIамадов ва гьел гурел цоги спортсменал. МухIамад АсхIабовас хъвалеб буго гьадин: «Дида кколаан Олимпиялъул чемпионал кинабго рахъалъ церетIурал чагIи ругин, гьанже дица гьездехун дир бугеб бербалагьи хисана», абун. Цогидас хъвалеб буго Саид Амировас гьезие гIарац кьолеб букIун бугин, гьелъухъ баркала загьир гьабулеб бугин гьеб хитIабалдалъун.

Дарго МухIамад абурав блогерас хъвалеб буго Саид Амиров ккуралдаса республикаялъул бюджет чанго нухалъ дагьлъизе бугин, щайгурелъул МахIачхъала букIанин бищунго гIемер магъало бакIарулеб шагьар, ва Саид Амиров гурев батIияв чиясда гьеб бакIарун бажаризе гьечIин. «Гьеб гуреб, МахIачхъалаялда цIакъ гIемер буго магъало кьолареб бизнес, гьелъул щай бицунареб? МахIачхъалаялда 80% процент бизнес гьединаб буго», - абун гьесие жавабалъе хъвалеб буго Оксана Камалова абурай блогералъ. Кин бугониги, тIубанго Саид Амиров хисулев, гьесда релъарав шагьаралъул бетIер тIокIав вукIине гьечIо, гьеб лъикI батаниги, квеш батаниги абун хъвалеб буго Фикрет Дагъистан абурав блогерас.

Цойги блогосфераялда гьоркьоб лъураб тема ккана чIагояб эфиралда телевидениялдаса Дагъистаналъул президент цеве вахъин. Гьес дагъистаниязул суалазе жавабал кьолел рукIана. Блогосфераялда гIатIидго гьоркьоб лъолеб букIана гьеб тема. «Цере рукIарал кIалъаязда данде ккун гьаб нухалъ дагьаб гурони цIияб жо бицинчIо», - абун хъвалеб буго АхIмад Ахунд абурав блогерас «Livejournal.com» абураб сайталда. Гьесул пикруялда рекъон, гьелъие гIиллалъун ккола президент гIемер халкъгун дандчIвалев вукIин. «Киналго ралагьун чIун рукIана гьес Амиров кквеялда хурхун щиб абилебали, амма президентас цIодорго, гIорхъолъа вахъичIого мухIканаб жаваб кьуна», - абун хъвалеб буго Булат Булатовас.

XS
SM
MD
LG