МагъчIваялъе рес

Волгоград: бидулаб хроника


Волгоград. 30Дек2013
Волгоград. 30Дек2013

Талат къоялдаса байбихьун январалъул лъабабилеб къоялде щвезегIан Волгоградалда лъазабун буго чIегIербаялъул къоял. Сордо-къо иналде тIатIалаго гьарурал терактазул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъун вуго 30 -ялдасаги цIикIкIун чи. 80 гIанасев чи лъукъун вуго, гьезул бащадал руго захIматаб хIалалда. Шагьаралда лъазабун буго терроралъулаб хIинкъи букIиналъул режим.

Терроралда данедчIараб миллияб комитеталъ рехсана гьатIан къоялъ Волгоградалъул вокзалалда кьвагьи гьабурал чагIазул цIарал. ТIоцебе къватIибе кьуна I987 соналда гьаюрай Асланова Оксана цIар. 2007 соналде щвезегIан Ханты Мансийскалда йикIун йигг гIумру гьабун. Гьенисан гочун йиго Дербенталде. Абулеб буго гьей йикIанин 21 октбяралда Волгоградалда автобус кьвагьизабурай Наида Асияловалъул гьалмагъ. «ШаригIат» абураб изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул нухмалъулев Валиджанов Амирие ун йикIанин гьей тIоцее росасеян хъвалеб ,уго рехсараб баяналда. 2011 соналъул апрелалда хасаб операциялъул хIасилалда гьев чIван хадув гьей тIатIалаго росасе ун йиго цогидал боевиказе. Абулеб гьел чIван хадур гьезул рецIел босиз гIололъун лъугьун йигин гьей Асланова такъсирчилъиялъул нухде.

Социалиял сайтазда гIатIидго борхулеб букIана гьеб информация. Хадусеб къоялъ интернеталде бакана жийго Оксанал лъазаби. «В Контакте» абураб социалияб сайталда гьелъ хъвалеб буго нуж гIадаллъунищин ругел жий чIаго йигин, Волгоградалда кьвагьарай гIадан жий гурилан. Жеги бичIчIулеб гьечIо гьей Оксанайищ яги батIияйищали. Гьелъ жинцаго абулеб буго интернеталда рукIарал киналаго суратал жинца нахъе рацIцIанин, жинда тIасан мацI гьабурал чагIиги диваналде кьезе ругилан. Гьединлъидал вокзалалда кьвагьи гьабурай гIадамалда хурхун цойиде бачIараб пикру гьечIо жеги.

Гьеб гуребги терроралда дандечIараб миллияб комитеталъ дагьал хадусан батIияб баян кьуна Волградалда кьвагьи гьабурав чиясул. Гьев кколин Марий эл республикаялдаса Печонкин Павел. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразул кьеразулъ Дагъистаналда федералияб цIех-рехалде лъазарурал чагIазда гьоркьоб буго гьесул цIарги.

Волгоградалъул вокзалалда хварал гIадамазул къадар ахирисел баяназда рекъон 17 чиясде бахун буго. 50 гIанасев лъукъун вуго. ЗахIматго лъукъарал гьениса рачун регизарун руго Москваялъул азарханялда.

Цебесеб къоялъ вокзалалда гьабураб кьвагьиялъул асаралдаса гIадамал ригьиналде кIиабилебги вахIшияб такъсир гьабуна гьениб. 30 декабралъул радал кьвагьизабуна гIадамал тIад рекIараб троллейбус. Гьеб букIана киналго чагIи хIалтIуде гIедегIулеб гIуж. СагIат ичIгоялда бащдаб хIалтIараб заманалда троллейбус цIун букIун буго. Кьвагьиялъул кутакалъ аскIор рукIарал минабазул гордазул цIурдул гъурун руго.

Ахирисел баяназда рекъон итни къоялъ гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда хваразул къадар бахун буго I5 чиясде, лъеберго чи лъукъун вуго. Гьезда гъорлъ гIемерисел руго захIматго лъукъарал. Терроралъулаб хIинкъи букIиналъул режим лъазабун буго гьабсагIат шагьаралда. 30 декабаралдаса лъабабилеб январалде щвезегIан Волгоградалда лъазабун буго чIегIер баялъул къояллъун. Социалиял сайтазда гIадамаз цоцазда зигара балеб буго.

Волгоградалда кIабилебги кьвагьи гьабун хадуб Кремлиялда экстренныяб данделъи тIобитIана Путиница. Гьеб лъугIун хадуб хехаб куцалда Волгоградалде ана ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул нухмалъулев Бортников Алекснадр. Балагь ккараб шагьаралде гьединго щвана Россиялъул сахлъи цIуниялъул министр Скворцова Вероника. Гьей иргадал щвана киналго лъукъаразухъе захIматго лъукъарал Мокваялад ритIизе колилан насихIатал гьарулейги йигоан

Лъабго моцI ун бахъиналде гьеб лъабабилеб вахIшияб такъсир ккола Волгоградалда. 21 октябралда гьениб кьвагьизабуна гIадамал тIад рекIараб автобус. Доб мехалъ хвана 6 чи лъукъана къоло кIиго, 29 декабралда вокзалалда гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда 17 чи гIумурялдаса ватIалъана, нахъисеб къоялъ шагьар бакьулъ кьвагьараб троллейбусалда 15 чи къадарлде щвана. Щай лъабабго нухалъ Волгоград тIасабишараб такъсирчагIазилан абураб суал буго жакъа кинавго чияс жиндего ва цоцазе кьолеб. Гьеб суал информалатзулгун гара-чIвариялда кьолеб буго экспертазеги. Жавабал батIи-батIиял руго. Аслияб пикру буго Сочиялда тIасияб соналъул февралалда тIоритIулел хасалил Олимпиялъул хIаязда цебе Россиялъул Югалъулаб бутIаялда ахIвал-хIал хIалуцинабизе бокьарал чагIазул хъубаб мурад бугин гьебилан.

XS
SM
MD
LG