МагъчIваялъе рес

Бусурбабазул радикалал - Америкалде данде


Джейм Фоули чIван вугин абураб хабар дурус гьабун хадусала, Америкалъул президент Барак Обамаца абуна «Исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъе къоло цоабилеб гIасруялда бакI гьечIин.
Джейм Фоули чIван вугин абураб хабар дурус гьабун хадусала, Америкалъул президент Барак Обамаца абуна «Исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъе къоло цоабилеб гIасруялда бакI гьечIин.

СагIудиязул ГIарабустаналъул муфти шайих ГIабдул ГIазизица талат къоялъ лъазабуна Аль КъагIида ва дагьалъ цебе халифат лъазабураб гIуцIцIаби Ислам диналъул тIоцересел тушбаби ругин абун.

Гьадинаб лъазаби загьирабун буго СагIудиязул тахшагьар Эр-Риядалда. СагIудиязул къираллъиялъул бетIерав рухIанияв муфти шайих ГIабдул ГIазизица абуна экстремизмалъул, радикализмалъул ва терроризмалъул кинабгIаги хурхен гьечIин Ислам-диналдаилан.

ГъазимухIамадов ГIалисултIан ккола «Дагестанцы» абулеб лъидаго бачIеб газетаялъул бетIерав редактор ва жамгIияв хIаракатчи. Шималияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда бижараб динияб питнаялъе гьадинаб гIилла бихьулеб буго гьесда:

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:54 0:00
Интернет-мухъ

ГIалисултIан ГъазимухIамадовас абулеб буго радикализмги, экстремизмги, терроризмги гьукъизе кколеб хIаракатчилъи бугони, динияб бербалагьи гьукъани, гьелдалъун питна бигьаго бижилин. Гьеб жиндирго пикруялъе мисалалъе ГIалисултIаница рачунел руго батIи-батIиял хIужаби.

Исана февраль моцIалда «Аль-Мутава» абулеб СагIудиязул динияб полициялъул бетIер ГIабдел Латеф Аш-Шайихица лъазабун букIана, жиндирго идараялда экстремистал ратун ругин. Ва гьезде данде кьварарал тадбирал гьаризехъин ругин.

Мадугьаллихъ бугел улкабазда жигадалде бараб ахIи гьес рикIкIана къануналде данде кколареблъун. Гьелда хурхун СагIудиязул къиралас гьабураб амруялда рекъон къватIисел улкабазда рагъда гIахьаллъулел сагIудиязе тамих гьабизе бугин.

Гьел хIатта къогоцин соналъ жанире тIамизе ругин. Гьединабго жаза гьабизе бугин экстремистазе гIарцул кумек гьабулел гIадамазе. "Аль-Мутава" абулеб динияб полициялда тIадаб буго СагIудиязул ГIарабустаналда диниял къанунал цIунизе.

Добго февраль моцIалда СагIудиязул ГIарабустаналда къабул гьабун буго терроризмалде данде къеркьей гьабиялъул къанун. Гьелда рекъон экстремистазе гIарцул кумек гьабулел гIадамазде ва гIуцIабазде данде кьварарал санкцияз гьаризе руго къираллъиялъ. Гьединго гьеб къануналъ рес кьолеб буго терроризмалда хурхен букиIналда шаклъи бугел гIадамал кквезе.

Ордоналда вугев журналист Бакир ГIабдулхIамидица абулеб буго гьенир ругел бусурбаби разиял ругин СагIудиязул муфтияс гьабураб хIукмуялда.

Бакир ГIабдулхIамид: «Гьаниб Ордоналда гьезул хIакъалъулъ абулеб буго гьел Аллагьасул тушбаби ругин, ва гьез жидеда цебе лъолеб масъалалъун кколин – бусурбабазул уммат бикьи, питна бижизаби. Хасго гьеб сабаблъун СагIудиязул муфтияс фатва гьабун, гьел Ислам диналъул тушбабилъун лъазаруна. ГIадамазулги гьадинабго пикру буго.

Гьез аза-азар чи чIвала. Гьез чIвалел руго «Ла иллагьа иллалагь» абурал хириял рагIаби рицунел. Шагьада рехсарав чи чIвазе бегьуларо, диналда рекъон. Ислам диналда рекъон гIайиб гьечIев чиги чIвазе бегьуларо. Гьадинав чи чIвай релъараб бугин Маккаялда КъагIба биххиялда».

ГIиракъалъул ва Сириялъул территориялда хIаракат бахъулеб «Исламияб пачалихъ» абулеб радикалиял бусурбабазул гIуцIиялъ гьалкъояз интернеталда тIибитIизабуна хъвай-хъвагIай. «Америкалде хитIаб» ан цIаралда гъоркь загьирабураб гьеб хъвай-хъваялъ бихьизабулеб буго цо чиясул бетIер къотIулеб куц.

Яргъид гIуцIараз абулеб буго гьев вугин Сириялда 2012 соналъул ноябрь моцIалда араб бакI лъачIого камурав Америкалъул журналист Джеймс Фоули. Гьес Сириялда хIалтIулаан Global Post абулеб интернет-журналалъул корреспонтеднт хIисабалда.

Хъвай-хъвагIаялда гьединго вихьула Америкалъул цогидав журналист - «Тайм» журналалъул мухбир Стивен Сотлофф. Террористаз Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаде руссун, хIинкъи кьолеб буго, жидерго тIалабал гьес тIуразаризе гьечIони, гьва Стивен Сотлоффги чIвазе вугин абун.

Байбихьуда Цолъарал Штатазул Миллияб ХIинкъи ГьечIолъи цIунулеб Шураялул вакил Кейтлин Хейденица лъазабун букIана, америкалъул официалиял хъулухъчагIазда гьеб видео бихьанин ва хасал хъулухъчагIаз гьелъул цIех-рех гьабулеб бугин. Гьеб хIалтIул хIасилалда хасал хъулухъчагIаз арбагI къоялъ мухIкан гьабуна: чIварав – хIакъикъаталдаги Джеймс Фоули кколаанин абун.

Исана риидал Америкалъул хасаб рагъулаб къукъаялъ къасд гьабуна цо чанго американияв хвасар гьавизе, гьезда гъорлъ Джеймс Фоулиги вукIун вуго. Терроризмалъул проблемабазул рахъалъан Цолъарал Штатазул президентасул кумекчIужу Лиза Монакоца доб мехалъ лъазабуна, живго Барак обамаца гьадинаб буюри кьун бугин абун.

Амма мухIкан гьабичIо – хасго кида ва киб гьеб хасаб операция тIобитIизе бугебали.

Джейм Фоули чIван вугин абураб хабар дурус гьабун хадусала, Америкалъул президент Барак Обамаца абуна «Исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъе къоло цоабилеб гIасруялда бакI гьечIин ва тIаде жубана, Цолъарал Штатаз кьварараб жаваб кьезехъин бугин гьелъие.

АрбагI къоялдаса байбихьун Цолъарал Штатазул авиациялъ гьавадул гьужумал гьаризе байбихьана рехсараб къукъаялъул рагъухъаназ чIей гьабулел бакIазде. ГIаммаб къадаралда 90-гоялдаса цIикIкIараб гьужум гьабун буго.

Гьадин официалияб къагIидаялъ лъазабуна Пентагоналъ. Цолъарал Штатазул тIадегIанаб даражаялъул хъулухъчагIазул баяназда мугъ чIвай гьабун Associated Press араб анкьида лъазабуна, кватIичIого ГIиракъалде тIаде журарал аскариязул къукъаби ритIизе рес бугин.

ГьабсагIат гьеб улкаялда чIей гьабулеб буго 850-гIан америкалъул аскарияс. Аслияб къагIидаялда гьез цIунулел руго Цолъарал Штатазул вакиллъи, консуллъи ва цогидал идарабазул минаби. Гьединго гьел ГIиракъалъул хIукуматалъул гIакълучагIилъун цере рахъунел руго.

Америкалъул журналист Джеймс Фоули ккун вукIанин КIудияб Британиялдаса гьенира рачIарал бусурбаби. ГIаммаб къадаралда гьенив вугин 1500-гIан бусурбанчи-британияв.

Гьадин лъазабуна Newsweek журналалъе британтялъул парламенталъул Лейбористазул партиялъул рахъалъан вакил Халед МахIмудица. Гьеб къадар лъабго нухалъ кIудияб буго Британиялъул Къираллъиялъул Рагъулал Къуватазда аскарияб хъулухъ гьабулел бусурбабазул къадаралдаса.

Жиндир иргаялда Британиялъул парламенталъул Консервативияб партиялъул рахъалъан депутат Надим Захавица абулеб буго ГIиракъалда ва Сириялда рагъдолел «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъаназда гъорлъ 700 аскарияв вугин.

Британиялъул хасал хъулухъчагIазул хIисабалда ГIагараб Машрикъалда щунусгогIан гурони, тIокIав британияв гьечIо.

Гьеб баяналда дагIба балед буго Халед МахIмудица. Гьес абулеб буго жиндирго ракьалда Британиялъул тIадтарал къолел руго экстремизмалде данде бачунеб къеркьеялда.

Гьеб балагь бугин ва нилъеда тIадаб бугин гьеб хIужа къабул гьабизе, ян хIасил гьабуна депутатас.

XS
SM
MD
LG