МагъчIваялъе рес

Унсоколо полициялде рачун рукIана школлъималги


Балахьуни росу.
Балахьуни росу.

Унсоколо мухъалъул Балахьуни росулъ постги лъун чIарал аскарияз цIех-рехалъ вачун ун вукIун вуго анкьго чи. Гьезда гьоркьов вукIун вуго школалде хьвадулев кIиго васги. МухIамадов Юсуп хутIизегIан, гьел киналго нахъе риччан руго.

Гьедин бицана Эркенлъи радиоялъе жиндирго цIар баян гьабизе бокьичIев Унсоколо мухъалдаса чияс.

Унсоколо мухъалдаса чи: «Школлъималги рукIана гьезда гъорлъ. Кинавниги вукIана анкьго чи.Полициялъул нухмалъулесда аскIоре ун рукIана щиб кинали цIехезе. Гьес абунаха гьел рачун рукIанин цIех-рехалъул мурадалда.
Аскарияз Балахьуни постги лъун, цо бакI бан буго.

Сверун къанги буго гьеб. ГIурусалги руго гьенир, нилъералгоги руго. Гьенире жанире рачунел руго киналго чагIи. Росулъа къватIире ине маршруткаялда рекIине рачIарал гIадамалгицин рачунел руго гьенире. Цинги гьикъа-бакъиги гьабун нахъеги риччалел руго».

Росулъ жанир аскарияз чIей гьабиялда бан, белехьдерица дагьалъ цебе данделъиги тIобитIун буго.

Унсоколо мухъалдаса чи: «Гьеб данделъиялда нижеца хIукму гьабунаха аскарияз провокациял гьаризе лъугьани, гьелде кIвар кьечIого тезе».
Гьедин гьел аскарияздехун белехьдерил кинаб тIадкIалъайин бугеб абун гьикъидал, гьев чияс гьадин жаваб кьуна.

Унсоколо мухъалдаса чи: «Къасилъи-къадлъи гьечIого росулъ хал гьабулебги бугони, сардилъ цо тIубараб мехалда рачIунги чIухьги балеб бугони, лъие гьеб бокьилеб? Рачун къотIноса лъимал унел ругони, лъие бокьилеб?

Росдал администрацияги буго гьениб, жамагIатги буго. Гьезда дандги бан гьабулебани хIалтIи, киназго кумек гьабилаан аскариязе.

Гьезие гьел хъачагъал кквезе къваригIун батани, нижеца гьабилаан гьезие кумек. Гурони ункъо-щуго хъачагъасе гIоло… кквеха гьел, азарго, азаралда хадургIан солдаталги рагъухъабиги руго гурищ гьезул, лъица толарого ругел гьезие гьел кквезе?».

Бицен гьабулеб суалалда тIасан жалго аскариялгун кIалъани, гьел къеркьолел руго Унсоколо мухъалда рохьалъ рахчарал изну гьечIого яргъид гIуцаразул къокъабигун.
XS
SM
MD
LG