МагъчIваялъе рес

КочIолъ ахIараб къисмат (Бахтикал гIумруялдаса)


Магlарул чlужугlаданалъул ретlел, Халилбек Мусаясул, 1912 сон
Магlарул чlужугlаданалъул ретlел, Халилбек Мусаясул, 1912 сон

КIудияв ГIумаханил яц Бахтикал хIакъалъулъ магIарулазухъе щварал хIужаби руго халкъияблъун лъугьараб, гьелъ жинцаго гьабурабин абулеб «Бахтика» кочIолъ ругел баянал. Адабияталъул махщелчагIазул къиматалдалъун гьеб асар рагIула аваразул кIалзул гьунаразулъ бищунго тIадегIанаб даражаялъул асарздаса цояблъун.

Гьелдаго цадахъ загьирлъулел руго Бахтика хIалбихьи бугей политик йикIиналъул рахъалги, гьелъул гIумруялдаса цо-цо хIужабиги. ХIакъаб жо буго гьаб цохIо макъалаялдалъун гьей тIуянго цIалдолезе рагьизе кIвезе гьечIеблъи. Гьелъие хIажат буго цIех-рехалъул хIалтIи гьабизе Азербажаналъул ва Эрмениязул архиваздаса хъвай-хъвагIаял ралагьун.

Бахтикал эмен аваразул хан МухIамадилнуцал йикIун йиго ункъго чIужуги, кIудияб наслуги. ТIоцеесей чIужулъун гьес ячун йиго жеги живго балугълъилелде Хайдакъалъул уцуми АхIмадханил вас ХанмухIамадил яс Баху 1156/1743-44 абилеб соналъ.

Гьеб рахъалъ кIвар буссинабизе бегьулеблъун буго Гиничукьа ХIайдарбегилин абулеб ХIХ гIасруялъул хIалтIи.
Гьес хъвалеб буго: «Бахуца МухIмаднуцалие гьаруна ункъго лъимал – цо васги, ункъго ясги. Цо ясалда цIар букIана ХъистIаман. Хадуй гьей росасе кьуна Жунгуталдаса ХIасанханил вас ГIалисултIанханасе. ХъистIаманица ГIалисултIанханасе гьавуна кIиго вас: ХIасанхан ва СултIанахIмадхан. МухIмаднуцалил кIиабилей ясалда цIар букIана Аймесей. Гьей кьун йикIана Гъазигъумекиса Шахмарданил вас МухIамадхание. Гьесие Аймесейица Арсланхан.

Лъабабилей ясалда цIар букIана Бахтика. Гьей кьуна Гъарабагъалдаса, Дагъистаналда Шушухан абун рагIарав Ирбагьимханасе.Гьей Ибрагьимханасе кьуна Бахтикал вац ГIумаханица эмен МухIамаднуцал хун хадуй. Бахтика разияй йикIун гьечIо гьеб ригьнада.Жийго Шушуханасе кьеялъе гIайибияллъун гьел рехсолел руго вац ГIумахан ва гьесул вазир ГьоцIалъа ГIалискант(ХIамзат имамасул эмен.Гьединго какулеб буго Бахтикаца жийго унеб Шушаги ва жиндирго росги.КочIолъ Бахтикаца магIу тIолеб буго эменги, имгIал МухIамадмирзаги гьесул вас Булачги чIаго рукIараани жий Шушаялде йиччалароанин. Дое кьоелй йигин бачIараб рокьукъаб хабарги, росулъ ханазабазул ссиги бихьизабулеб кочIолъ байбихьудаго:«Меседил гьаркьица гъалал халаго, хабар бачIанила Шушаялдаса» - абурал мухъаз.

Балагьараб мехалда Бахтика Ибрагьим-ханасе кьеялда разилъуларого йикIун йиго. ГIуммаханил вазир ГIалискандида кьунилан гIайиб гьабун буго. Живго Ибрагьим-ханги гьев чIарав бакI – Шушаги какун руго. Жиндирго хварал-чIваралги рехсон, гIайибал чIван жийго кьунилан. Гьале гьеб машгьураб авар халкъалъе халкъиялъун лъугьараб Бахтикал кечI. Алъул чанго вариант буго, амма бищунго хIакъикъияблъун гьаб рикIкIунеб буго:

Меседил гьаркьица гъалал халаго,
Хабар бачIанила Шушуялдасан.
ГIарцул саргъасалъуй дун чвердолагун,
Чапар гIунтIанила гъарабагъазул
Хъатир-хъулухъилан, - бихьинав-цIуяв,
ЦIер гIадин эхетун хIатIида чIана.
Щурщун гIемерлъана дир гIолилазул
ХIалай захIмалъарай КIилъилай щвана,
Щапун, магIилги тIун, бицана гIодун
Гьал рачIарал гьалбал, ГIумма-ханиде,
Гьарун мун кьейилан Шуша-ханасе.
Бицарабго рагIи, гьабураб къотIи.
КъачIай ле, хазина, гьанже къокъине.
Къваридай, чучизе чи тIагIинин дир.
Чорхол чара хварай, дарман тIагIаралъ.
ТIад речIчIун КIилъилай гуюгун рехун,
КIицIулго тирана байтулманаб рукъ.
Къварилъи ракIалъул! КIоларо чIезе:
«Кьоге, вац ГIумма-хан, дун Шушуялде,
ЦIарго лъикIаб гьечIин Шушу-ханасда.
КIанцIизе кьуруни, гIела борхалъи.
ГIасияб хвел босзе бокьулеб гьечIо.
ЙитIуге, яц хваяв, Гъарабагъалде,
Инсул тушманасул улкайин кколеб».
КьечIого кин гIелей мун Шушуялде,
ГIуммаханил кIалгIа гIарцуца цIедал.
ГIелищ йитIичIого Гъарабагъалде,
ГьоцIдерил чIункIбузда дарай ретIиндал.
Нусго яс гьаеги ГIалискандие,
ГIарац къваригIиндал гIарцухъ ричизе.
ГIарцул лал тIамаги хундерил ТIалтIа,
Дирго вац ГIуммахан гIарцуд гIорцIизе.
Дун йичун босараб меседгин гIарцул,
Пурций махал гьаре хундерил бое.
Нахъе хутIаралъул, тIад-хIебдалазе
Харицелал къотIе къваригIел ккедал.
Дун кьуралъухъ кьураб мирзай-хамалъул
ЛъагIилухъ тукен лъе, вац дир ГIуммахан.
Киниса киниги дун толарелъул,
Къолоца бай гIарац магIарулазе.
КигIан гьараниги, дир гьариялъе
ГьечIин къабуллъулев, къвакIун чIанин мун.
Къалица кье харай хундерил бое,
Игилъа гIодое дун уней мехалъ.
Хадув валагьизе ГIуммахан анищ,
Гъое ЗагIиехун дун тIавагьиндал.
Аман, горсан ваккун ГьитIинав Булач,
Берцинав Булачил хъалиян бухIун.
Хъабалайги ретIун, тIалу кин телеб.
Гьаб тIалугIанасеб тIухьиги кьвагьун.
Кьалда хваралазул хиял кIоченищ,
ТIалтIа бараб сигIан, гьир харил бухIун.
ХIиллаялъ чIваразухъ чIегIер бахъани,
ЧIвалел гIайибазул ургъелго гьечIо.
Ургъалаби гъунел гъваридал кIкIалал,
Гъарин дун яхунел рорхатал щобал!
Дунял хIарамлъаги ХIебдал боялъе,
АхIи бан аниги, аман гьабичIо.
Инсул къайи чIвалеб доб Къарбиялда,
Меседил щуб ккаги, щварас босизе.
Свакарал рещтIунеб доб АхIлъималда,
ГIарцул полоп баги, банин гьоболлъи.
Цинги танин абе Илусуялда,
Хъурмил хIулабаде ругьулайги ран.
Гьанже йигин абе Гъарабагъалда,
Роржунел хъурмузда хадуй ялагьун.
ГIазу балеб къоялъ къватIий яккани,
Капураб махI буго росдадасанго
Гьури пулеб къоялъ гортIе яккани,
Квешаб махI бахъула авалалдаса.
Гьекъезе лъинилан дун зигардани,
Хъаба цIун бачIуна лахIчIегIераб жа.
Какичуризелан дун гаргадани,
Парчи цIун бачIуна болъоназул би.
Какикь жойин абун дица абидал,
Бехъерхъула цебе болъонил цIоко,
Ибрагьим абидал уйилан ккана,
ГIадатIа кар тарав кашиш ватана.
Ханилан абидал, божун йикIана,
Килищ-малъ къуларав хIама-къажарав.

ГIумруялдаса хъвай-хъвагIаял

Даты рождения и выхода замуж Бахтики точно неизвестны и о них пока можно строить предположения.
Бахтикал гьаюраб ва росасе араб къо-моцI мухIканго лъалеб гьечIо, нилъецаго хIисаб гьабун гIага-шагарго чIезабун гурони. Лъалеб жо буго гьелъул вац КIудияв ГIумахан гьелдаса ригьалъ кIудияв вукIин ва гьев гьавуна 1761 абилеб соналъ. ЦIакъ кIвар бугеб хIужалъун гьеб баян гьабиялъе буго «1767 абилеб соналъ МухIамаднуцалил лъади Баху хвана» - ян батараб хъвай-хъвагIай. Гьединго лъалеб буго Бахтикаца жиндтрго кIудияв вас гьавуна 1785 абилеб соналъ. Гьевги гьавун рагIула жеги Бахтикал гIумруялъул 20 сонцин букIинчIеб мехалдда. Биценазда рекъон Баху хун йиго Бахтика гьаюлаго, яги гьей гьаюн хадуй унтун. ГЬелда рекъон Бахтика гьаюн йиго 1767 абилеб соналъ, 1784 абилеб соналъ, 17 сонил ригьалда кьун йиго Шушуханасе росасе, гьесул вац ГIумаханил политикияв союзник, Гъабагъалъул хан Ибрагьимханасе (1726-1806).КIикъогогIан соналъ кIудияв вукIун вуго гьев Бахткадаса. Гьеб цIех-рехалъ мекъиияблъун гьабулеб буго Б.Карапетянил «Бахтика 14 сонил ригьалда кьуна Ибрагьимханасе» абураб хъвай-хъвагIай.

П.Г. Бутковас хъвалеб буго: «…в исходе апреля 1786 г. Омар-Хан вышел из Ахалциха и направил путь свой в Дагестан… Здесь, оставя при Куре свои войска, с некоторою частью оных отправился в Шушу, для приятельского свидания с Ибраим-Ханом, и там женился на его сестре в замену того, что дербентский Фетали-Хан женился на невесте его, дочери шушинского хана; и потом в Дагестан возвратился» - ян.
ГIумаханица Ибрагьимханасул яц ячун йикIинчIо, гьелъул гIаксалда дос ячана ГIумаханил яц Бахтика, гьеб жо къосун гъалатI гьабичIодай Бутковас? Амма Бахтикал кIудияв вас Ханлар 1785 абилеб соналъ гьавунин абураб хIужа битIараб батани гьаб пикруги мекъаблъун кколеб буго. Гьенив автор мекъи ккеялъе гIиллалъун ккун батизе рес буго ГIумаханил батIияб ригьин. Гьебго 1785 абилеб соналъ гьес асир гьаруна гуржиязул гиназ Евгена Абашатдзел ясал, гьездаса цояй Дареджан (авар. Дарижа) ГIумаханица жиндиего чIужулъун ячана. Гьеб ишги ккана Гъарабагъалда, гьеб ригьин къосун батизе рес буго Бутковас, Ибрагьимханасул яц ячанин. Бертин букIун буго маялъул ахиралда, яги июналъул тIоцересел къояз. Хунзахъе цIияй бахIарайгун ГIумахан вуссуна 1786 абилеб соналъул 27 абилеб июналда. Бахтикал Ибрагьимханасулгун букIараб ригьнадаса гьавула кIиго вас – Ханлар ва АхIмадхан, яс Султанат. 1805 абилеб соналъул хъвай-хъвагIаязулъ Ханларил букIана 20 сон, АхIмадханил – 10 сон.

Бакъбаккул Кавказалда рагъулаб ахIвал-хIал

Ибрагьимханасулгун гьабураб политикияб союзалъ кIудияб аса рва къуват цIикIкIана ГIумахан нуцаласул Бакъбаккул Кавказалда. Ригьиналъ гьел тIадеги щула гьаруна. Бутковасул рагIабазда рекъон 1787 абилеб соналъ ГIумахан – нуцалас ва Ибрагьимханас Нахидчеван кверде босула. Гьебго заманалда «хIукму гьабула ГьерекIли ханасухъа Эриванги батIа гьабизе». 1787 абилеб соналъул июлалда ГьерекIли кIиабилес П.С.Потемкинихъе хъвалеб кагътида загьир гьабулеб буго ГIумахан – нуцаласул гучалъ ва магъалабаз рахIат тунгутIиялъул, Ибрагьимхангун рекъон Эриван жиндихъа бахъизехъин бугин».
1780 абилел соназда Иран букIана жанисел рага-рачарияз загIиплъизабун. 1779 абилеб сонал Каримахан Зенда хун хадур батIи-батIиял къокъабазул къеркьей унеб букIана тIалъиялъе гIоло. Каримхан Зендаца жиндир къуваталдалъун цолъизабун букIана Иран.

Зендазул тухумалда данде къеркьезе гIураб къуват букIана АгъамухIамад – ханасул (1741-1770), ТУРКАЗУЛ ТУХУМАЛЪУЛ МухIамадхIасан –ханасул вас вукIана гьев. Гьесул эмен вукIана Надир-шагьасул вацасул васас Адил-шагьасда цеве хIалтIулев вукIарав чи. Гьев Адил-шагь дагьабго заманалъ вукIана персазул ханлъун.

Агъа-мухIамадханас I785 абилеб соналъ босана персазул тахшагьар Исфагьан кверде. 1791 абилеб соналъ Зендазул мугъчIвай бугеб цойги шагьар – Шираз. Хадув гьев «хIадурлъулев вукIана яргъил къуваталдалъун жиндиего гъарабагъалъул ва эриваналъул ханзаби мутIигI гьаризе».

Ибрагьим-ханас жиндиего кумекалъе ахIана аваразул нуцал ГIумахан. «Гьев хехго щвана кумекалъе кIудияб аскаргун» - ин хъвалеб буго гьениб.
I79I абилеб соналъул сентябрь моцIалъ Хунзахъа Дибиркъадица гьабураб хъвай-хъвагIай буго, лъабго къоялдаса жив нуцалгун ва аскаргун гъизилбашазул укаялде аскаргун унел ругин, Ирбрагьимханасе кумекалъе, Агъа МухIамад-ханасда данде рагъизе» - ян.

Гьеб заманалда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда Бахтика ва лъимал ритIула Авариялде, аслияб къагIидаялда гьей йикIун рагIула Гьолокь ва ЗагIиб росабалъ, гьоркьо-кодой Хунзахъеги щолей йикIун йиго. Гьеб заманалда Гъарабагъалде щварав ГIумаханица хIукму гьабула хасел добаго тIамизе. АгъамухIамадхан вукIун вуго гьеб заманалда Кура гIоралъул рагIаллъуда, 1792 абилеб соналъ ихдал Ибрагьимханасда тIаде кIанцIилин хIинкъабиги кьун. Гьеб гIиллаялъ чIезавун вукIун вуго ГIумахан хасел тIамизе Гъарабагъалда Ибрагьимханас.

ГIумахан вукIана цохIого цо Закавказьялда АгъамухIамадханасул ханлъи биччачIого данде вахъизе кIолев чи. ГьоцIалъа ГIалискандил нухмалъиялда гъоркь аваразул аскаралъ кверде босана Шеки ва гьенив ханлъуда тана Селим ва гъурана персазул МухIамадхIасанил аскар. МухIамадхIасан лъутана ираналъул шагь АгъамухIамадханасухъе, гьес аскар гъуризе биччаялъухъ бералги рахъун Тебризалде витIана МухIамадхIасан.
ГIумахан-нуцал жиндирго союзниклъун гьавизе АгъамухIамадханас гьарурал хIалбихьиязул хIасил ккечIо: «Аваразул ГIумахан - нуцалги, гъазигъумекдерил Ханбутай – Сурхай-ханги жиндирго рахъалда цIазе хIалбихьиял гьарулел рукIана АгъамухIамадханас, ГIумахан-нуцал тIолго Дагъистаналъул сардарлъун гьавизе бокьун букIана гьесие ва цересел ханзабазе гIадин Персиялъ гIарац-меседги кьезе. Амма гьес къабул гьаричIо гьел шартIал».

1797 абилеб соналъул ихдал АгъамухIамаханасул аскаралъ гьужум гьабуна Гъарабагъалъул ханлъиялде, Ибрагьимхан кверде восизе хиялгун. Цебесеб нухалда лъикIаб дандечIей гьабурал гъарабагъалъулазда кIвечIо гьаб нухалда къеркьезе. КIудияб аскаралде данде чIун бажарулареблъи бихьарав Ибрагьимхан «жиндир хъизамалгун Авариялде ана, вакьадасухъе, аваразул ханасухъе». Гъарабагъалъул тарихчи Мирза Адилгезалбегица хъвалеб буго Ибрагьимхан ана ЧIарахъ-хъалаялдеян, ай ЧIарлъул республикаялде. Бахтика, гьесул чIужу ячIуна данде магIарухъа ЦIоралде росасухъе. АгъамухIамадханас Ибрагьимханасул бетIералъухъ лъазабураб гIарац-меседалда хьул лъурал ЧIарлъул хъачагъал рукIуна гьесда хадур лъугьун. Цо магIарулаз хIал бихьун буго гьев асирги гьавун шагьасухъе витIизе. Тарихчияс хъвалеб буго « гьанжего гьанже Ибрагьимхан восизеян ЧIарлъулал рукIаго гьоркьой жуяла гьесул лъади Бахтика, аваразул ГIумахан-нуцаласул яц. Гьелъул сихIирлъиялъ ва цIодорлъиял биччаларо би тIезе» - ян.

Гьел къоязда Гъарабагъалъул МухIамадрафи-бегица Белоканалде босун бачIуна АгъамухIамадханасул къотIараб бетIер, хъвалеб буго «гьеб битIун ана ЧIарахъ вахчун вугев Гъарабагъалъул хан Ибрагьимханасухъе» - ян. Ибрагьимханас «киналго адабалги цIунун букъана гьеб бетIер ЧIарахъ, бетIер батIа гьабураб къаркъала битIун ана Тегераналде, гьениб персазул шагьазда гьоркьоб букъана» - ян.

Гьеб рихха-хочиялдаса хадуб АгъамухIамадханасул аскар тIад буссана Персиялде. Ибрагьимхан жеги лъабго моцIалъ чIола Белоканалда. Гьеб заманалде вачIуна Белоканалде ГIумахан-нуцал, жинда хадуб Гъарабагъ цIунизе Ибрагьимханасе кумек щварав, гьенийго йикIуна гьев хвалдаса цIунарай лъади Бахтикаги.

«Ибрагьим ханас Гъарабагъ цIунун букIана эркенаблъун, жинда тIад я Персиялъул, я Турциялъул асар биччачIого. Жиндирго ханлъи цIуниялъул ва пачалихъ щулалъиялъул мурадалда гьес тIалаб гьабуна аваразул нуцаласулгун гIагарлъи, ячана гьесул яц ва щулалъана ханлъи» - ян хъвалеб буго тарихчи Мирза Джемал Дживанширица Ибрагьимханасул рахъалъ. Ибрагьимханасул мирзалъун (секртетарь) хIалтIулаго гьесул киналго хъвай-хъвагIаязул тIалаб гьабулаан гьес. Гьединго Бахтикал ишазул нухмалъиги гьабулаан гьес. Лъалеб жо буго гьеб хъулухъалда вукIаго «Джемал мирза витIун вукIана Хунзахъе, гьениб гIумру гьабуна 6 соналъ. Гьениб гIалмазабазда цебе лъазабуна гIараб мацI. АгъамухIмадшгаб чIван хадув Бике-Ханумгун (Бахтикагун) щвана гьев Гъарабагъалде, Шушу хъалаялде» - ян хъвалеб буго тарихчагIаз.

Авариялда йигеб заманалда Бахтикаца ва лъималаца гIумру гьабуна ЗагIиб, гьенир ран рукIана хасалил рукъзал, гьединго рукIунаан Гьолокьги. Гьеб тIаса бищиялъе гIиллалъунги букIана гьава-бакъ хинаб бакI букIин. Гьенир ран рукIана Бахтикае рукъзал, гьарун рукIана ахал, гIезабула Гъарабагъалъул пиринчI, хIалтIулаан Бахтикада цере тарал хIалтIухъаби.

Гьенир ругеб заманалда жаниб Бахтикал яс Султанатида ва васал АхIмадханида ва Ханларида лъала авар мацIги. Гьениб гIумру гьабуна гьез 1791 соналдаса 1797 абилеб соналде щвезегIан. Гьенир ругел гIалимзабазда цере цIалун лъималазе щола авар ва гIараб мацIалъул лъайги. ТIад юссун Шушаялде Бахтикагун лъимал уна АгъамухIамдханги чIван гьениб парахатаб гIумру лъугьарабго. 1797 абилеб соналъ хаслихъе аваразул аскаралъул ва чанго нусго жиндир рекIаразул кумекалдалъун тIад буссинабула Ибрагьимханас жиндирго Гъарабагъалда букIараб ханлъи.
ГIумаханида жиндирго яц Бахтика ахирисеб нухалда йихьула 1800 абилеб соналъ Иори гIурухъ рагъ ккун хадуй. 2000 гIан чи вугеб аскар гьес хасел тIамизе ритIула Шушаялде гьениб гьезие рукIа-рахъиналъе кванил шартIал чIезарула Ибрагьимханас. 1801 абилеб соналъул 22 марталда ГIумахан нуцал хун хадуб Гъарабагъалда ахIвал-хIал квешлъула ва лъабго соналдаса Ибрагьимханас гьеб кквезе кIвеларин гIурсазда гьарула жидерго къайимлъиялда гъоркье босе Гъарабагъ ва живгоян.

Гьебго заманалда Ибрагьимханасул васасе щола гIурусазул полковникасул чин, Гъарабагъалъул ханасул вас хIисабалда. Амма гьесдехун ГIумахан-нуцаласул чагIазул ва гIагарлъиялъул букIана рокьукъаб бербалагьи. 1806 абилеб соналъул июналда Шушаялъул риидалил хIухь бахъулеб рокъов мацIал гьариялъул хIасилалда Д.Т.Лисаневичасул егераз хучдуца чIвала Ибрагьимхан. Гьесдаго цадахъ чIван рукIана хъизамалъул чагIиги. Инсуда цадахъ чIвала гьесулгун Бахтикал яс Султанатги, гьеб букIана Бахтикаде бачIараб кIудияб балагь. Гьеб заманалда эменгун вукIарав Ханлар лъутун ворчIула ва уна Персиялде. Амма 1807 абилеб соналъул 16 абилеб апрелалда Гъарабагъалдеги вуссун гIурус пачаясе ритIухълъиялъул гьа бала.

Гьеб заманалда Бахтикал ахIвал-хIалалъ рахIат хвезабурав аваразул нуцал СултIанахIмадханас бухьен гьабула Кавкзалда кIудиявлъун гIурусаз тарав И.В.Гудовичасгун, Бахтика ватIаналде тIад юссинайизе рес кьеян. «Бокьун букIана ункъачо ва лъимал жиндихъего рачине».

Ханлар гьавуна 1785 абилеб соналъ Шушаялда. Доб заманалъе лъикIаб лъай щварав гьесие Карабахалъул ханлъиялда лъикIал хъулухъал щола. 1805 абилеб соналъ гьесие щола гIрус аскаралъул бригадирасул хадубго полковникасул чин. ГIурусазул Кавказалда тарав сардар Цициановасул Бахтикаде букIана лъикIаб гуреб бербалагьи, гьеб загьирлъулеб буго васасде абуралдаса «Жиндир вац ГIумаханида бараб жо щибниги гьечIониги, Россиялда данде чIарай эбелалъухъего «гIакъиллъун руго ал» - ян абулеб буго гьес. Гьелдаса нахъе 1830 абилеб соналде щвезегIан Бахтикал ва лъималазул гIумруялъулъ абизегIанасел хиса-басиял лъугьуларо. 1820 абилеб соналъул хъвай-хъвагIаяздалъун гьел рихьизарун руго гIезегIан бечедал чагIилъун.

Ханларил буго гIемераб магIишат, кIиго лъагIелалъ ижаралъе кьун 6825 гъурщиде бахунеб. Бахтикал ва гьелъул лъималазул кверщаликь рукIана 20 росуги 948 хъизанги (578 рукъалъ гьезие магъало кьолаан, 370 кьолароан). Гьездаса 869 хъизан букIана бусурбаби, 79 – эрмениял.Гьенир ругел гIурусазул ритIунчагIаз кидаго провокациял гьарулаан, ханасул бечелъиялдаса жидеего жо тIезабизеян. Гьединал гьужумал рукIана Ханларидеги. 1827 абилеб соналда гьесул кверщаликьа бахъана 23 хъизан Шушаялда. 1822 абилеб соналъ Ермоловас хIалбихьана гьев Россиялъул хиянатчилъун вихьизавизе ва магIишат бахъизе.

Ханлар хвана цо-цо баяназда рекъон 1831 абилеб соналъ, цогидазда – 1833 абилеб соналъ. 1837 абилеб соналда Ханларида цере рукIарал эрмениязул 14 хъизамалъ хъулухъ гьабулеб букIана гьесул гьитIинав вац АхIмадхание. Гьесул наслуялъул лъалеб жо гьечIо, амма ирс гьитIинав вацасе щвеялъ бицунеб буго наслу букIинчIеблъиялъул.

АхIмадхан гьавуна 1793 яги 95 абилеб соналъ, гьес ячана Шамшадилазул Юсупханил яс Гюриджагьан, 1820 абилеб соналъ гьаюрай. Гьезул йикIана гIицIго цохIо яс, Бахтика (Бике-ага) абураб цIар бугей. Гьей ана генерал ХIасанбек Агъаларовасе росасе. Гьезулги вукIана цохIо вас – Давудхан АгъаларовДжеваншир. Жийго Бахтика хвараб заман мухIканго лъалеб гьечIо.
XS
SM
MD
LG