МагъчIваялъе рес

Украина. Чlагояб эфир (видео)


Украина. Чlагояб эфир
Украина. Чlагояб эфир

Харьковалда кколеб бугелда хадуб нужеца хал кквезе бегьула нижер сайталда ва Симферополалда крымалъул татаразул ATR каналалда. Гьениб бицен гьабулеб буго Украиналъул рахъ ккурал ва Украиналде данде ругел протестазул акциячагIаз цоцазде гьарурал хитIабазул.

Гьединго интернеталда тIибитIизабун бугеб информациялъул тохаллъи гьабулеб Роскомнадзор абулеб идараялъ къан буго Украиналда бугеб ахIвал-хIалалъул бицунеб 13 сайт.
Гьедин гьукъун буго, Россиялъул рахъалъул пикруялда рекъон, «экстремистияб» магIнаялъул харбал кьолел ва Россиялъул рахъалде цIайи цIикIкIарав Украиналъул президент Виктор Янукович кверщалидаса махIрум гьавиялъе квар-бакъарал магIданаздаса пайда босизе.

Роскомнадзоралъ интеренталда лъураб лъазабиялда бицен гьабулеб буго Россиялъул генералияб прокуратураялде битIараб ва ВКонтакте абулеб социалияб сайталда хасал гьумерал гьукъизе гьабураб гьариялъул.

Роскомнадзоралъ рикIкIунеб буго гьел къарал сайтазул хважаинзаби ругин «украиналъул националистазе» квербакъи гьабулел ва «террористияб хIаракатчилъи» беццулел ва гьединго гIалам бакIарарал санкция гьечIел акциязул рахъ кколел идарабазул сайталин.

Крым

Крым. Чlагояб эфир

XS
SM
MD
LG