МагъчIваялъе рес

Марго Гонтарь: "Гьересиялде данде ниж къеркьола хIужабаздалъун"


Украиналда бугеб ахIвал-хIалалъ информациялъулабин абулеб рагъалде гъорлъе цIцIана улкабазул гIемер информалатал. Гьезул цояз интернеталда букIа, телевидениялда букIа, прессаялда букIа рахъула пропагандаялъулал «сенсацияби», цогидазин абуни гьел нахъ чIвала. Амма ракI чIун хIакъикъат чIезабизе захIматаб масъала кколин, гьелъие къваригIунин далилал ратун, хIужа чIезабизейин, абулеб буго нижер программаялъе комментариял гьарурай Украиналдаса Stopfake.org абураб проект гIуцIаразул цояй Марго Гонтарица.

Марго Гонтарил рагIабазда, Stopfake.org проект гIуцIиялъул идея бижун буго Могилянскалъул журналистикаялъул школаялда. Гьеб идея гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда хIалтIизабун буго гьебго школаялъул материалияб базаги. Гьелъул гIахьалчагIиги байбихьудасаго рукIун руго аслияб къагIидаялда студентал.

Нижер къокъаялъ жиндаго цебелъураб масъала букIанин информалатаз тIобитIизабулеб гьереси, гьезул материалазул провокациялъулаб хасият тIатинаби ва гьеб интернет-гIатIилъиялда тIибитIизабиян, абулеб буго Гонтарица.

Марго Гонтар: «ХIукму гьабуна гьересиял материалал, гьересиял харбал нахъ чIваялъул мурадалда сайт рагьизе. Гьаб моменталда жибго сайталда тIад хIалтIулев вукIуна къварагIелалде балагьун лъабго-ункъго чи. Амма информациялда сверун цIехх-рехх гьабулезул руго жидеего бокьун, чIобого хIалтIулезул тIурарал къокъаби. Мисалалъе, руго журналистазул, къватIисел мацIаздаса макъалаби руссинарулезул, программистазул, руго маркетологазулгин къокъаби. Буго гьединго дун гъорлъе унеб видеокомандаги. Нижеца риччала видеодайджестал.

ГьабсагIатги гьеб волонтеразул проект ккола. Соналдаса цIикIкIун ниж хIалтIулел руго волонтерал хIисабалда. Амма гьанже нижеца пачалихъиял гурел коммерциялъулал фондазулгун калъа-басаял гьарулел руго, нижее квербакъи гьабиялда сверун.

У, гьеб сайт нижеца гIуцIана интернет-сурсатазда, информалатазда кьолеб гьереси тIатинабиялъул мурадалда. Гьеб гIуралъ интеллектуалияб хIалтIи ккола. Гьелда ниж бищунго роххизарулеб жо ккола, сайт рагьулезул кIудияб интерес бакки, гьезда нижер хIалтIул логика бичIчIунеб буго. Гьезда бичIчIунеб буго, нижер хIалтIиялъул кIудияб кIвар букIин».

ЭР. - Кин нужеца балагьулеб гьересияб информация, кин нужеца чIезабулеб гьеб гьересияб букIин? Щай гицIго нужеда божизе кколел сайт рагьулел?

Марго Гонтар: «Нижеца интернеталъул кумекалдалъун мониторинг гьабула информалатазул контенталъул. Щаклъи бижинабулел материалазда хурхун нижер журналистаз гьабула жидерго гIуралъ гъваридаб цIех-рехх. Нижеда мухIканлъизабизе бажарулареб жо, нижеца нижедего тIаде босуларо. Амма далилал рачине бажарулел материалалин абуни, нижеца лъикIаланго тIад хIалтIун, тIиритIизарула интернеталда.

Нижер руго гьересиял материалал тIатинариялъул къагIидаби. Гьел нижеца нижерго сайталдаги рахъун руго. Гьезул кумекалдалъун жалго гIадамаздаги бажарула, гьереси тIатинабизе. Гьебги ккола нижер хIалтIуда гIадамал божиялъе бугеб цойги багьана.

Гьаб ккола журналистазул хIалтIи. Цо-цо нухалда журналистазул цIех-рехх ккола гьеб. Нижеца хIалтIизарула цIиял технологиял. Гьереси тIатинабиялъе цIакъ кумек гьабула добго Google Searсh-алъ. Балагьизе ккола лъица гьединаб видео лъурабали интернеталда, интернеталъулго кумекалдалъун баянлъизабизе бегьула киб гьеб цебе бихьизабун букIарабали. Амма документазда хурхараб хIалтIиялъе гIуралъ рекерахъдизе ккола, хIужжабазде хурхен букIине бегьулел гIадамал ралагьизе ккола, хъулухъчагIазулгун контактал гьаризе ккола. Нижеца мухIканал далилал щвечIого нижерго материалал тIиритIизаруларо. Цалдолезда бихьизе ккола, нижеца бицунеб жо битIараб букIин, нижер аргументазда мугъчIвайги гьабун».

Гонтарица абулеб буго, конфликт багъараралдаса Украиналда хурхун хасго Россиялъул телевидениялъ тIибитIизабулеб бугин цIакъ гIемер гьересиян. Гьеб нахъ чIваялъул, гьеб тIатинабиялъул мурадалда жидеца аслияб къагIидаялда хIалтIи гьабулин визуалияб материалалда хурхунин, ай, сураталгун видеоялъулгунин. Жидеца чанго нухалъ ккунин Россиялъул информалатал Шималияб Кавказалда яги терроризмалъул актал загьирлъулел дунялалъул цогидал регионазда рахъарал суратал яги видео хIалтIизабун, Украиналда лъугьа-бахъунеб хIисабалда бихьизабулеб мехалдайин.

ЭР. - Нужеда бихьулеб бугищ нужер хIалтIуца эффект кьолеб букIин?

Марго Гонтар: «Нижехъе зама-заманалдаса хъвала цIалдолеp. Гьез загьир гьабула нижее моралияб квербакъи, гьез хъвала, нижеда бажаранин жал божизаризе, доба яги гьаниб хIалтIизабураб инфомациялда хурхун хIакъикъат бихьизабизеян.

Гьеб гуребги, гьанже нижеда хурхинабун, нижер материалал хIалтIизарун яги ниж рехсон Украиналда лъугьа-бахъунелъул бицунел дунялалъул информалатазул къадар цIикIкIунеб буго бихьулеб къагIидаялда. Гьелъги бихьизабулеб батила нижер хIалтIи гIададагосеб гьечIеблъи.

Гъоркьиса цIакъ гIемер рукIана гьересияб информация яги лъугьа-бахъиназул гьересияб интерпретация бугел материалал. РукIана гьезда гъорлъ лъималазе зарал ккеялъул хIакъалъулъ, Чачаналъ рахъарал хIужжаби ругел видео Донбассалда бахъараб гIадин бихьизабун.

Россиялъул телеканалазул гьереси бициналъул буго кIудияб махшел. Амма гьанже, нижер гIуцIиялъул пикруялда, гьединал материалазул къадар дагьлъулеб буго. Дида ккола, гьелде нижер хIаракатчилъиялъулги хурхен бугин».

XS
SM
MD
LG