МагъчIваялъе рес

Украиналда хIалуцин цIикIкIунеб буго


Украиналда ахIвал-хIал дагьалъги хIалуцунеб буго. Лъазабулеб буго улкаялъул машрикъалъул рахъалде щвезабураб рагъулаб къуваталъул хIакъалъулъ ва гьез ккурал бакIазул. Гьебго фоналда гIемер бицунеб буго хамиз къоялда Женеваялда тIоритIизе планалда ругел Украиналъул кризисалъул суалал гьоркьор лъурал кIалъа-басаязул хIакъалъулъги.

Украиналъул жанисел ишазул министр хисулев Дещица Андрейица рикIкIунеб буго Женеваялда тIоритIизесел кIалъа-басаял лъабго рахъалъулаб форматалда тIоритIизе рес бугин, нагагьлъун гьезда гIахьаллъизе Россиялъ инкар гьабуниян.

Россиялъул КъватIисел ишазул министр Сергей Лавровас чанго нухалъ кIвар буссинабун букIана, нагагьлъун гIурус мацI хIалтIизабулел машрикъалъул регионлда битIей кколеб бугони, гьелъ Женеваялъул гара-чIвариялъе квал-квал гьабизе рес бугин. Гьедин букIаниги Ларовас цIидаса лъазабуна, Украиналда ахIвал-хIал хIалуцун букIиналде балагьичIого, Россия кIалъа-басаязда гIахьаллъизе бугин. Аммаян абуна гьес, Вьетнамалда тахшагьаралда кIалъалаго, жибго Украиналъул халкъалъ жинцаго гIамал гьабизе кколин кризис рагIалде бахъинабизеян.

Сергей Лавров: «Цо пикруялде рачIине ккола жалго украиналъулал. Щайгурелъул кризисалъул кьалбал хурхарал ругелъул Украиналъул пачалихъияб гIуцIиялъул гъваридаб кризисалда. Киналго регионаздаса, киналго политикиял къуватазулгун ращадал шартIазул диалог байбихьичIого, гьеб кризисалдаса рорчIизе кIоларо».

Амма Дещицаца лъазабулеб буго, халкъазда гьоркьосел партнеразулгун кIалъ-басаязде Киев хIадураб бугин бокьараб форматалдайин. «Гара-чIвари букIине бугьела лъабгорахъалъулаб форматалдаги, ниж хIадурал руго гьединаб сценариялдеги» - ян жубана Дещицаца.

Евроцолъи, Цолъарал Штатал, Россия ва Украина гIахьаллъараб гара-чIвариялда гьоркьоб лъезе ракIалда буго Украиналъул жинисеб политикаялъул кризис. Лъазабиязда рекъон, кIалъа-басаязда Евроцолъиялъул рахъалдаса гIахьаллъизе бегьула къватIисеб политикаялъул вакиль Кэтрин Эштон.

АрбагI къоялда Украиналда ахIвал-хIал тIадеги хIалуцана.

Лъазабулеб буго Россиялъул байрахъал тIад чIвараб рагулазул техникагун рачIарал сепаратистал жанире анин Донецкалъул шагьаралъул администрациялъул минаялдейин. Корреспондентаз гьединго лъазабуна, комуфляж ретIарал гIадамал тIадгун рагъулаб техника бихьулеб букIанин Краматорск ва Славянск шагьаразда аскIоргиян.

Украиналъул информалазул лъазабиязда рекъон, машрикъалъул рахъалда къуватияб операциялъул нухмалъи гьабулеб буго Украиналъул улка цIуниялъул министр хисулев Михаил Ковалица.

Интеренталда лъун буго гIемер видео гьел бакIазда бахъараб. Гьезда бицунеб буго Украиналъул рагъулазул цо бутIа россиялдехун балагьаразул рахъулде лъугьанин. Украиналъул улка цIуниялъул министерлъиялъ гьединал лъазабиял нахъ чIвалел руго. Ахирисел лъазабиязда рекъон, Украиналъул рахъ мукIурлъун буго рагъулазухъа анлъго хасаб машина бахъун букIиналъе.

Донецкалъул шагьаралъул мажлисалъул пресс-секретаралъ лъазабуна бищун дагь босун къогогIанав яргъид гIуцIарав чияс жидерго контролалде гъоркье босанин администрациялъул мина. Гьез тIалаб гьабулеб бугин регионазеул ихтиярал гIатIидллъизарураб федерализацияйин.

Лъазабиязда рекъон, сепаратистаз ккун рагIула официалиял минаби бищун дагь босун микьго шагьаралда.

Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица Россиялда гIайиб гIунтIизабуна Украиналде терроризмалъул экспорт гьабулеб бугинги абун.

Арсений Яценюк: «Дида бичIунхъе, Россиялда баккун буго экспорт гьабиялъул цIияб продукт. Нарт, газалъул рикIкIинчIого, Россиялъ гьанже Украиналде экспорт гьабулеб буго терроризмалъулги. Бихьулелде балагьун, абизе бегьула дунялалда гIицIго цо улкаялда, мухIкан гьабуни, Россиялда бихьулеб гьечIин Россиялъул балъгоял къокъабаз Украиналъул территориялда террактал гьарулел рукIинин.»

Яценюкица лъазабуна I7 апрелалда Женеваялда тIобитIизесеб гара-чIвариялда Москваялдаса тIалаб гьабизе бугин сепаратистазул рахъ кквеялдаса инкар гьабиян.
XS
SM
MD
LG