МагъчIваялъе рес

Amnesty International: "Украиналда рагъулал такъсирал гьарулел руго".


Amnesty International абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ лъазабулеб буго жидехъ ругин Украиналъул конфликталъул кIиябго рахъалъ, хIукуматалъул рахъ ккурал ва сепаратистазул яргъид гIуцIарал къокъабаз, рагъулал такъсирал гьариялъул «нугIлъиялин». Цадахъго гIуцIиялъ Россиялде гIунIтизабулеб буго конфликт хIалуцинабиялъул гIайибги.

Amnesty International гIуцIиялъул ахирисеб докладалда лъазабулеб буго кIиябго рахъаз «гражданиял рукIа, рагъулал рукIа объектазул батIалъи гьабичIого» кьабиял щвезариялъул, гIадамал рикъиялъул, гьезие гIазаб кьеялъул ва чIваялъул хIакъалъулъ. Инсанасул ихтиярал цIунулезул рагIабазда рекъон, конфликтазул рахъаз «гражданиял гIадамазул гIумруялъул гурхIел гьабулеб гьечIо». Гьединаб хIалалде кIвар буссинабулаго, Amnesty International гIуцIиялъул генералияв секретарь Салил Шеттицаги лъазабуна, кIиябго рахъалъул хьвада-чIвадиялда «вахIшилъи» загьирлъулеб бугин.

Гьесул гIуцIиялъ документ хIадур гьабун букIун буго 5 сентябралде Минскалда рахъаз кьвагьдей чIезабиялъул къотIи-къай гьабиялалда цебе.

Украиналъул конфликталда хурхун цIех-рех гьабулей Amnesty International гIуцIиялъул хIалтIухъан Гьизер МакГиллил рагIабазда, Украиналъул машрикъалъул рахъалда цоцаде дандечIарал къуватазул хьвада-чIвади къабул гьабизе бегьула рагъулал такъсирал хIисбалда.

Гьизер МакГилл: «Нижеда гьанже мухIканго абизе кIолеб жо ккола, гьенир гражданиял минаби рукIиналде балагьичIого кьабиял щвезариялъул хIужжаби гIемер ругин. Гражданиял объектал рукIиналде балагьичIого кьабиял щвезариялъе далилал рачине бажарани, гьел рикIкIине бегьула рагъулал такъсираллъун.»

МакГиллица Украиналда бахъана кIиго анкь. Гьелъ кIалъазаруна гIемер бакIалъулал, бакIал тун лъутизе ккарал гIадамал. КIалъазаруна Ростовалъул областалда лъутIун чIарал гIадамалги. Гьелъул рагIабазда, гьезги цоги нухалда бихьизабуна гIадатиял гIадамазул ургъелал рахъаз абизегIанго гIадахъ росулел гьечIеблъи.

Гьизер МакГилл: «Дица кIалъазарурал гIадазул цояз абулеб букIана, жидее гIолеб гьечIин автономиялъул пуланаб даражайин. Цогидаз абулеб букIана, жидее бокьун бугин Украиналда гIумру гьабизе, жидее щибниги хисизабизе бокьун букIинчIин. Амма гьел киназго абилеб букIана жидер интересал я доб я гьаб рахъалъ цIунулел гьечIин, гьезда жал рагIулел гьечIин ва гьелдаго цадахъ жидер минаби риххизарулел ругин».

ГIадамаз загьир гьарулел пикраби тасдикъ гьарулаго МакГиллица бачунеб буго Георгиевка росдал гIадамазул мисал.

Гьизер МакГилл: «Дихъ руго Луганскалъул рагIалллъиялда бугеб Герогиевка росулъа гIадамазул рихьизариял. Гьез моцIгун бащдаб заман бахъун буго рагъул шартIазда, Луганскалъул аэропорталда аскIор тунка-гIусиял унеб мехалда. Сепаратистал кьвагьдолел рукIун руго Георгиевкаялда жанисан, Украиналъул рагъулалги кьвагьдолел рукIун руго гьезул позицияби рукIараб росулъе. Гьелъие гIоло бищун дагь босун биххун буго щуго, щугоялдасаги цIикIкIун мина».

МакГиллица абулеб буго, Россиялъ сепаратистазе яргъил ва цогидаб кумек гьабулеб букIиналъе гIоло улкаялда конфликт тIадеги хIалуцунеб бугин. Amnesty International гIуцIиялъул пикруялда, Россиялъул галабаз Украиналъул жанисеб конфликт буссинабулеб буго халкъазда гьоркьосеб рагъулаб конфликталде.

Сепаратистазул рахъ кквеялъул ва гьезие кумек гьабиялъул Украиналъ ва Магърибалъ гIунтIизарилел гIайибал Москваялъ щибаб нухалда нахъ чIвалел ругин. Гьелъ лъазабулеб бугин, Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул рагъул къуватал гьечIин, щиб конфликталъул рахъ жиб кколарин, жубалеб буго Гьизер МакГиллица.

XS
SM
MD
LG