МагъчIваялъе рес

Украинаялъулгун гIорхъода «Болъихъа» рагъухъаби ритIиялъул баянал руго


Болъихъ. Рагъулаб база.
Болъихъ. Рагъулаб база.

Россиялъулгун Украинаялъул гIорхъоде гьал къоязда ритIарал рагъулал къокъабазда гъорлъ Болъихъ рагъулаб бутIаялдасаги рагъухъаби ругин абурал баянал раккана прессаялда.

Ростов мухъалъул Новочеркассалде ритIанин абулел рагъухъаби ккола цо заманалда Чачаналда рагъулел рукIарал, цинги гьениб рагъ лъугIун хадуб Болъихъе гочинабун букIараб къокъа.

ЭР-ялъ бухьен гьабуна Болъихъа чиясулгун. Гьедин жидеда лъалеб жо гьечIин абуна юрист МухIамад ГIалиевас.

МухIамад ГIалиев: «Гьединаб ахIвал-хIал гьениб бугин абизе лъалароха… Я жанир риччазе, яги къватIир риччазе квалквал букIинаанха гьениб. Дун, масала, гьабсагIаталда вачIана рагъулаб шагьаралъул школдаса. Дир лъимал руго гьенир цIалулел. Росдал лъималги цадахъ цIализарилин абураб къотIи букIана рагъулал хъулухъчагIаз гьабураб.

Церего рукIаралго чагIи (рагъулал хъулухъчагIи) ругоха гьенир гьанжеги. Гьединлъидал гьел тIаса унищ ругел, гурелищали абизе дида кIоларо. Цеве вукIана гIемер чи. Гьанже бащадал Майкопалде гочинчIищха гьезул».

Гьаниб ракIалде щвезабизе ккола чанго сонал цебе рагъулаб шагьарги бан Болъихъ чIана Чачаналдаса гочарал рагъухъаби. Гьез гьениб чIей гьабиялда данде рахъун митингаздалъунги цогидазалъунги жидерго разиллъи гьечIолъи бихьизабун букIана балъхъадерица.

Щайин абуни мукъсанал гурони ракьал гьечIеб Болъихъ бищун лъикIал ракьул гектаралги ккун, бакIалъул гIадамазул кинабгIаги разилъиги гьечIого рагъулаб шагьар базе лъугьиндал гьел.

Гьедин гIадамазулгун рагъулал хъулухъчагIазул дагIба диваналдегицин щун букIана. Руго гьединго рагъулаб шагьаралъе объектал ралаго гьабураб хIалтIухъ гIарац щвечIел компаниялги.

ПалхIасил, гьеб кинабго ахIи-хIуралдаса хадуб рагъулаб шагьаралдаса бащадаб къокъа Адыгеялде рехана. ХIисаб гьабидал, гьел буго гьанже Украинаялъулгун гIорхъоде битIараб къокъаги.

Гьедин мугIрузда багъизе ругьун гьабураб мотострелковая абулеб гьеб къокъаялъ цIан битIараб авлахъалда, Новочеркасскалда, щибин гьабизе бугебин суал лъолеб буго интернеталда тIибитIизабураб «Аргументы недели» газеталда. Хас гьабун мугIрузда рагъизе гьел хIадуриялъе пачалихъалъ таманаб гIарацги замангилъидалин харж гьабун букIунеб. Гьединго советияб заманалдаса нахъего рукIинчIила гьенир лъелал аскарал.

МугIрузда рагъизе ругьун гьарурал аскаразда бокьарал шартIазда рагъизе кIолин бицана ЭР-ялъе Дагъистаналда «афгъаналъулазул» багъа-бачариялъул нухмалъулев Шамил Хадулаевас.

Шамил Хадулаев: «Къо хIехьолел, къвакIарал гIолохъаби рукIуна гьел. Гьединлъидал суал гьедин лъезе кколаро. КIвар буссинабизе ккола щай гьел аскарал гьенире ритIулел ругелали. Россиялъулгун Украинаялъул гIорхъоде аскарал ритIулел ратани, Россиялда лъалеб батула жиндие гьеб рахъалдаса хIинкъи бачIине букIин.

Россиялдехун гьарулел бадирчIваял гIезегIан руго цогидал пачалихъазул. Амма гьезул аскариял Украинаялдеги рачIун, гьез балагь-базар гьабизегIан балагьун чIун жо ккелищха Россиялъулги? Гьединлъидал гьелда тIадаб буго жиндирго гIорхъи цIунизе. Бокьараб ккезе рес бугелъул».

Хадубги Шамил Хадулаевас тIаде жубана Новороссиялъул жаваб кьезе кIунгутIиялъ, къватIипачалихъаздаса аскарал цIалел ругин Украинаялъ тIадеялдаса тIаде гьенире.

Гьанибго ракIалде щвезабизе бегьула Украинаялъулгун рагъде ритIулел ругин контрактги хъван Россиялъул гIорхъи цIунулел рукIарал рагъухъабиян гъоркьисала прессаялдасан бахъун букIараб ахIи-хIурги. Россиялъул тIалъиялъ официалияб куцалда нахъчIван букIана гьеб.

Амма гьел контракт хъван рагъулезул умумуз абулеб букIана Украинаялде гьел ритIулел рукIин яги балъго гьабизабулеб бугин рагъухъабазда, ялъуни гьел хIинкъизарулел ругин. Гьединго инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакил Элла Поляковалъ тIиритIизарун рукIана Украинаялда 250 аза-азар гъурщихъ рагъулел ругин дагъистаниял абурал баянал.

ГIолилал гьелде унел ругин гьеб регионалда бетIербахъиялъе тIокIаб батIияб рес гьечIолъиялъ.

Цинги Элла Поляковалъ Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталде хитIабги гьабун букIана 27777 номер бугеб рагъулаб бутIаялъул 18 абилеб мотострелковая абулеб бригадаялдаса ичIго рагъухъан чIваялъул хIакъикъат лъазабеян. «Черновик» газеталъ рикIкIунеб букIана гьезул гIемерисел Дагъистаналъул Атланаул, Шагьада, Халимбекаулалдаса ругилан.

Исана гьединал баянал гьечIо.

XS
SM
MD
LG