МагъчIваялъе рес

Москваги Киевги диалогалде руссине бегьула


Харьковалда Украиналъул милициялъул хасаб бутIаялъ тIобитIараб хасаб операциялъул хIасилалда нахъе бахъун буго Украиналъул гьанжесеб нухмалъи къабул гьабуларезул интересал цIунараб къокъаялъ ккун букIараб областалъул администрациялъул мина. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна УНИАН абураб агентлъиялъ.

Украиналъул жинисел ишазул министр Арсен Аваковасда базабун, «Батькивщина» фракциялъул депутат Николай Княжицкияс Facebook-алда хъвалеб буго, ккунин 70 чи. Гьел Киевалъул изоляторалде щвезарунин. Княжицкиясул рагIабазда, операция тIобитIун буго цогIаги кьвагьи гьабичIого ва къурбанал гьечIого.

Донецкалда Украиналъул вице-премьер Виталий Яремаца лъазабуна, 6 апрелалда Россиялъул рахъ ккураз бахъараб областалъул администрациялъул штурм талат къоялда букIине гьечIин. Гьесул рагIабазда, гьединаб хIукму гьабун буго гьеб минаялда жанир ругезул вакильзабазулгун рукIарал кIалъа-басаязда хадуб. Диалогалде протесталъул гIахьалчгIагIи ахIун руго олигарх Ринат АхIмадовас. Гьес рагIи кьун буго, нагагьлъун штурм гьабулеб бугони, гьезда аскIов вукIине.

Итни къоялда Украиналъул спецназалъ Донецкалда бахъана Украиналъул ХIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул мина. Гьебго къоялда Николаев шагьаралда Россиялъул рахъ ккураздаги Украиналъул цолъиялъул рахъ ккураздаги гьоркьоб ккараб тунка-гIусиязда зарал ккун буго бищун дагь босун I0 чиясе. ХIалтIизарун руго гранатаби, петардаби, травматикияб ярагъ.

Россиялъул рахъалъ Киевалда лъазабун буго, Украиналъул машрикалъул рахъалда бокьараб къуват хIалтIизабиялъ, улка гражданияб рагъалде гIагарлъизабизе бегьулин. Гьединаб лъазаби Москваялъ гьабун буго Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас Харьковалда антитеррористияб операция тIобитIиялда сверун лъазаби гьабун хадуб.

Украинаналъул нухмалъиялъ лъазабун буго гьеб операция тIобитIулеб мехалда граната кьвагьиялъул хIасилалда лъукъанин милициялъул кIиго офицерин.

НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница загьир гьабуна Украиналъул машрикъалъул рахъалда загьирлъулеб ахIвал-хIалалда бан кIудияб ургъел ва Россия ахIана Украиналъулгун гIорхъабазде аскоре щвезарурал «аза-азар рагъулал» нахъе рачиналде. Гьес лъазабуна, Украиналде жанире рагъул къуватал ритIи букIине бугин Россиялъул «тарихияб гъалатIин».

Цолъарал Штатаз лъазабуна, Украиналда протесталъул акцияби тIоритIулел ругин Россиялъул гIарцил кумекалдалъунин. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна брифингалда Америкаялъул къватIисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъул бетIер Дженифер Псакица.

Дженифер Псак: «Жакъа радал пачалихъияв секретарь Джон Керри кIалъан вукIана Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровгун. Гьес жиндирго коллегада лъазабуна, Цолъарал Штатаз кIудияб ургъелгун халккун бугин ахирисел сордо-къоязда Харьковалда, Донецкалда, Луганскалда ва Мариуполалда загьирлъулел лъугьа-бахъиназда хадубин. Госсекретарас лъазабуна, жив божулин, гьеб кампания Россиялъул рахъалда хIадур гьабураб ва гьелъул кумекалдалъун тIобитIулеб бугин абураб Украиналъул хIукуматалъул лъазабиялдайин. Гьеб бихьулеб бугин дагьалъ цебе Украиналда хIалтIулел Россиялъул хасал хъулухъазул оперативиял хIалтIухъаби кквеялъгиян.»

Россиялъул къватIисел ишазул идараялъул бетIер Сергей Ларовас чIван къотIун нахъ чIвана гьединаб лъазаби.

Сергей Лавров: «Украиналда планал лъица гIуцIулел рукIиналда бан дица абила, Америкаялдаса нилъер партнераз хIалбихьулеб буго ахIвал-хIалалъул анализ гьабизе жиндирго къагIидаби цогидаздаги хурхинарун."

Талат къоялда информалатаз Россиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялда базабун лъазабулеб буго, Москва ва Киев хIадурал ругин хIалкъазда гьоркьосел гьоркьохъабазул гIахьаллъигун кIалъа-басаязул столалда нахъ гIодор чIезеян. Гьел рукIине бегьулин Цолъарал Штаталги Евроцолъиги гIахьаллъараб диалогин. Жиндирго рахъалдаса Киевалъги лъазабун буго, жиб хIадураб бугин Россиялъулгун гьеб суалалда хурхун консультацияздейин.

Талат къоялда Евроцолъиялъул къватIисел ишазул ва политикаялъул тIадегIанав вакилалъул пресс-секретарь Майя Косьянчичица лъазабун буго, Еврокомиссия гьеб мурадалъ жигараб къагIидаялда хIалтIулеб бугин Москвагун, Киевгун ва Вашингтонгунин.
XS
SM
MD
LG