МагъчIваялъе рес

"Амировасул иш" рагIалде щвезехъин буго


Саид Амировасда ва гьесул вацасул вас Юсуп Джапаровасда тIад гьабулеб диван щвалде щолеб буго. Гьаб моцI лъугьинегIан диваналъ хIукму къотIизе батилин рикIкIунеб буго гьезул адвокатаз. Социалиял сайтазда ва блогазда дагъистанияз борхулеб аслияб темалъул хутIулеб буго гьеб процесс: цояз рахъ кколеб буго Амировасул, цогидаз рикIкIунеб буго рекъон гьабулеб бугин гьесие диван, лъабабилезни абулеб буго диванни гьабизе кколеб батилин Амировасе, амма цIех-рех чагIаз гьесда гIунтIизарулел гIайибал гьадингосел жал ругин.

РакIалде щвезабила, цIех-рехалъул материалазда рекъон, Амировас къасд гьабуна Джапаровасул кумекалдалъун Пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе. «Стрела-2» абураб зенитно-ракетнияб комплексги хIалтIизабун МуртазагIалиев жаниб вугев самолет кьвагьизабизе ракIалда букIанин Амировасдаилан рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз.

Гьезул баяназда рекъон, МуртузагIалиев чIваялъе ярагъ боси Хасавюрталъул прокурорасул кумекчи МухIамад ГIабдулхIалимовасда тIадкъан буго Амировас. ГIайиб гIунтIизабулезе диван гьабулеб буго Ростов-на-Донуялда бугеб Шималияб Кавказалъул рагъулаб диванханялда.

Гьаб анкьалда тIоритIарал диваналъул данделъабазда баянал кьуна гIайибаллъун рикIкIунез, гьединго гьезул адвокатаз диваналъулаб гуреб эксперимент гьабуна. Юсуп Джапаровасухъа сурав босана тIоцебе. Гьес абуна жиндие цIех-рех чагIаз гIакъубаби кьолел рукIин, гьезие къваригIун букIанин жинца имгIаласда тIаса баян кьезе. «Чанги нухалда бетIералда кьабуна, ток хIалтIизабуна. ХIинкъалаби кьолел рукIана Амировасда тIаса баянал кьечIони чIвазе вугин», - ян бицана Джапаровас ва тIаде жубана лъабго кьоялъ жиндие гIакъубаби кьолел рукIанин.

ГIабдулхIалимовгун жиндир лъай-хъвай букIанин абуна Джапаровас, амма хехго мухIкан гьабуна МахIачхъалаялъул мэриялда гьевги вачун жив киданиги щвечIин. Гьанибго тIаде жубала: цIех-рехалъул материалазда рекъон, Амировасги, Джапаровасги, ГIабдулхIалимовасги МуртузагIалиев тIагIинавиялъул суал мэриялъул минаялда дандбан буго. Гьединго Джапаровас диваналъул данделъиялда абуна МуртузагIалиевги жинда цебегоялдаса нахъе лъалин, амма киналгIаги ричIчIунгутIиял жидеда гьоркьор рукIинчIин.

Диваналъул процессалда баянал кьуна Амировасги. Гьес абуна жиндаги МуртазагIалиевасдаги гьоркьор политикиял ричIчIунгутIиял рукIинчIин. Политикаялда гъорлъ жив цебегоялдаса нахъе вугин абуна гьес ва тIаде жубана МуртузагIалиев политикаялда цодагьаб мехалъ цебе вачIанин, лъиданиги гьев лъаларин жив гIадин. Гьанибго тIаде жубала, диваналъул данделъабазда чанги нугIас абуна Амировасдаги МуртузагIалиевасдаги гьоркьоб конфликт бакканин политикиял суалал сабаблъун. Гьедин, мисалалъе, абун букIана Тарумовка мухъалъул нухмалъулей Марина Абрамкинаца, Гъизляр мухъалъул нухмалъулев Андрей Виноградовас ва гь.ц.

Диваналъул данделъиялда адвокат Владимир Постанюкица «Стрела-2» зенитно-ракетнияб комплексалъул кIиго макет бихьизабуна. Гьес бичIчIизабуна гьел макетал гьарун ругин кIиго батIияб экспертизаялда рекъон. Гьел экспертизаби цIех-рех чагIазул хIаракаталдалъун ва гьез рихьизарурал документаздалъун специалистаз гьарун руго. Экспертизабазда рекъон адвокатаз макеталги гьарун руго ва гьел макетал цоцада релълъарал ратичIо. «Кин бичIчIизе кколеб экспертизабазул хIасилал дандеккунгутIи», - илан гьикъана прокуроразда Постанюкица. Жаваб гьесие щвечIо.

Гьединго Постанюкица диваналда гьарана «Стрела-2» комплексалъул муляжгун эксперимент гьабизе кколин. Диваналъ къабул гьабичIо гьари. Амма диваналъул данделъи лъугьараб мехалда эксперимент адвокатас журналисталги ахIун гьабуна. Эксперименталда цебе гьес ракIалде щвезабуна ГIабдулхIалимовас абулеб букIанин жинца доб «Стрела-2» автомобилалъул багажникалда жанибги бахчун бачулеб букIанин. ГIабдулхIалимовасул букIараб гIадаб маркаялъул автомобилалда жаниб муляж лъезе хIалбихьана адвокатас. Муляж жаниб къазабизе гьесда кIвечIо.

Постанюкица абуна «Эркенлъи» радиоялъе Амировасда ва Джапаровасда гIунтIизарулел гIайибал ургъараллъун кколин.

Владимир Постанюк: «Амировасги Джапаровасги кидаго абулеб букIана жидер кинабгIаги лъалкI гьечIин такъсиразулъ. Гьезда тIаса баянал кьурал чагIи хIинкъизарун руго, гьезие гIакъубаби кьолел рукIана. Прокуроразул аслияв нуг ГIабдулхIалимовас диван байбихьилалде цебе чанги нухалда абун букIана жиндие гIакъубаби кьолел рукIанин. Гьесул рукIарал адвокатазги чанги нухалъ бицунеб букIана гьесие гIакъубаби кьолел ругин, амма гьезул рагIабазда гIинтIамулел чагIи ратичIо. ГьабсагIат нижехъ кодор руго документалги, баяналги. Гьезул бицина диваналда. Гьез бихьизабулеб буго Амировасулги Джапаровасулги гIайиб гьечIолъи гьеб, нижер пикруялда рекъон, ургъараблъун кколеб такъсиралъулъ».

Диваналъул иргадулал данделъаби тIоритIине руго бачIунеб анкьалда. Прокурораз абуна Амиров ва Джапаров гIайибал рукIиналъул цIиял хIужжаби рихьизарилин жидеца гьел данделъабазда.
XS
SM
MD
LG