МагъчIваялъе рес

Лъахъ – гIажаибаб архитектураялъул росу

Гьеб ккола гьидерил бода гъорлъе унеб букIараб анкьго росдал (ГIурада, МачIада, Лъахъ, ТIидиб, Хучада, ХIотода, ГьентIа) цояб. ГьабсагIаталда рикIкIуна Шамил мухъалъул росулъун. Жакъа къоялда Лъахъ гIемер руго бетIербахъиялда хадур батIи-батIиял шагьаразде гIадамалги гочун, чIунтарал минаби. Амма чIвадназухъ балагьун бихьулеб буго кидаялиго гьениб гIажаибаб архитектура букIараблъи – щибаб минаялъул къадалъ лъун руго тIад расенал рикIарал ганчIал (ислам баккилалдегоги баккун хадурги гьарурал расенал), рукъ кколел хIубал (гьанже абигицин буго гьединаб – «Рукъ кколеб хIуби»), кIамураби, минаби рарал ганчIал руго цIакъго къвакIарал, тIасан цIвакарал, хъахIилабгун багIараб кьерал жубарал гIадал.
Гьение щвана нижер мухбир Зульфия ХIажиева.

Цойги

XS
SM
MD
LG