МагъчIваялъе рес

Краснодарин абун батIа кIанцIун чIараб хъазахъазул улкайищ бугеб?


Краснодаралъул ракьалъул губернатор Александр Ткачев, 21Maр2012
Краснодаралъул ракьалъул губернатор Александр Ткачев, 21Maр2012

Россиялъул ЖамгIияб палатаялда ракIалда буго Краснодаралъул ракьалъул губернатор Александр Ткачев хIалхьиялде витIизе тIалаб гьабизе президент Владимир Путинидаса. Гьеб тIалаб хурхараб буго Ткачёвас гьал къоязда гьабураб лъазабиялда. Гьесда ракIалда буго Краснодаралъул ракьалдаса Шималияб Кавказалъулал нахъе гъезелъун яги гьезие гIадлу гьабизелъун полициягун рекъон хIалтIизе хъазахъазул хасал къукъаби гIуцIизе.

ЖамгIияб палатаялда гьединго ракIалда буго Ткачевасул рагIабазулъ экстремизмалъул гIаламатал ругищали халгьабеян Генералияб прокуратураялде хитIаб гьабизеги. Гьединаб лъазаби гьабун буго «ГIемермиллатазулаб Россия» абулеб клубалъун нухмалъулев Александр Соколовас. Рехсараб палатаялъул сайталда Соколовас гьединго хъвалеб буго гьеб лъазабиялда сверун кIватIичIого ЖамгIияб палатаялъ официалияб лъазабиги гьабизе бугин.

МоцIрое 20-25 азарго гъурущги кьун Краснодар мухъалда хъазахъал росулел руго хасаб полициялде. ЛъагIалида жаниб гьеб полициялда тIад харж гьабизе буго 650 млн гъурущ. Хъазахъазул полициялъул мурадлъун кколеб буго Краснодар мухъалде рачIарал Кавказалъул гIадамал гьениса нахъе гочинари. Гьедин лъазабуна 2 августалда Краснодар мухъалъул губернатор Ткачев Александрица Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Краснодар мухъалда бугеб БетIераб бутIаялъул коллегиялда кIалъалаго.

Исана 1 сентябралде щвелалде гIуцIун бахъине кколеб гьеб полициялде восизе вугин азарго хъазахъав, жидерго хасаб ратIлилъ полициялда цадахъго гIадлу чIезабулел рукIине ругила гьел. Аслияб куцалда гьез халкквезе рагIула кавказиязда хадуб, масала, кIудияб къадаралда Кубаналде магIишат гьабизе рачIине гьел риччангутIиялда хадуб.
Интернеталда тIибитIизабураб Ткачевасул кIалъаялда гьадин абулеб буго:

- Нусго сон балеб буго хъазахъал Кубаналде рачIаралдаса. Гьелъ рес кьола гьезие гьеб ракьуда тIад бетIергьанлъиги гьабизеги гьеб цIунизеги. Нилъеца тIокIалъ чIечIого гьелъул бицунеб гьечIони, лъугIун-тIагIун ине буго нилъер хаслъи. Кавказалдаги Кубаналдаги гьоркьоб буго фильтр – Ставропол мухъ. Амма гьабсагIаталда гьелъул иш лъугIулеб буго. Хадуб ирга нилъеде щвела. Гьеб мехалда лъица жаваб кьезе бугеб? ТIоцебесеб би гIодобе тIезе байбихьидалги миллиял конфликтал байбихьидалги. Кида-къадги гьелде рачIине руго.

Гьединлъидалин абулеб буго Краснодар мухъалъул губернаторас жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабазда нужеца гьабизе ихтияр гьечIеб жо казаказ гьабизе бегьулин, гIадатаздаги рукIа-рахъиналдаги рекъон. Гьедин хъазахъазда цадахъ хIалтIизе бигьалъилин нужее. Гьаниса нахъе инарун, рукIине кколел документазул цIех-рех гьабун гурони гьанив чи течIого, тIокIаб батIияб нух нилъер гьечIила, батIияб къагIидаялда Кубаналда гIадлу гьабизеги бажаруларила.

ГIадамазда рагIун, рагьун Ткачевас киданиги гьарулел рагIичIин жинда кавказияздехун рокьукълъи гъорлъ бугел лъазабиялин абуна ЭР-ялъе Ибрагьимов Русланица. Гьев ккола Краснодар мухъалда вугев Дагъистаналъул официалияв вакил. Гьединлъидал нилъедаги доздаги гьоркьоб гьогьен ккезе лъицаниги интернеталде рехараб гьересияб баян батичIониян щаклъи загьир гьабуна гьес. Гьедин батани, жибго хъазахъазул полиция гIуцIулеб букIиналда бан лъалеб жо гьечIебищин нужедаян гьикъидал, бугин жаваб кьуна Ибрагьимов Русланица.

Ибрагьимов Руслан: «Нижеда рагIана гьеб полициялъул хIакъалъулъ. Казакал росулел ругин жидерго гIорхъаби цIунизеян абуна. Краснодар мухъалъул парламенталъ тасдикъги гьабун буго гьеб. Щибниги бегьулареб жо гьечIо гьениб».

Ибрагьимов Русланица бицана советияб пачалихъ биххун хадусел соназдаги рукIанила хъазахъазул къокъаби милициялда цадахъ лъугьун гIадлу-низам гьабулел.

Гьес гьединго рекIекълъи загьир гьабуна тIаде рачIарал ракьцояз Кубаналда гьабулеб хьвада-чIвадиялдаса. 10 яги цIикIкIун соназ гьенир гIумру гьабулел дагъистанияз гьабуларила щибгIаги гIорхъолъа борчIараб жо, амма цо чанго моцIалъ хIалтIизе рачIараз багъарун батулила кинабго хIапу-чапур. Гьединлъидал гьеб рахъалъ жинда Краснодар мухъалъул губернатор вичIчIулин абулеб буго ЭР-ялъе Дагъистаналъул вакилас.

Ибрагьимов Руслан: «Цо рахъалъ, гьес абулеб жо битIараб батизеги рес буго. Щайгурелъул провокациялги гьез гьарула, рагъизеги гьел рагъула. ГIемерисеб мехалда нилъер васал рукIуна гIайибиял. Гьез кIуди-кIудиял проблемаби гьарула нижее».

Масала, исана май моцIалда микьго нухалъ ине кканин жив Сочиялдеян бицана Ибрагьимов Русланица. Дагъистаниялгун эрмениялги рагъун, цо эрменияв чIван вукIана гьенив. Гьединлъидал рукIа-рахъиналда гурони, миллияб суалалда бараб жо гьениб гьечIин тIаде жубана гьес. Краснодар мухъалда гIумру гьабулел батIи-батIиял миллатазда гъорлъ гIезегIан дагъистаниялги ругила.

Ибрагьимов Руслан: «Миллияб культураялъул централда гIуцIараб Дагъистаналъул вакиллъи бихьизабун буго лъабго жамагIаталдалъун – лезгиязул, магIарулазул, даргиязул».

Гьедин бицана Краснодар мухъалда ругел дагъистаниязул хIакъалъулъ ЭР-ялъе Дагъистаналъул вакил Ибрагьимов Русланица.

Краснодар мухъалъул губернатор Ткачев Александрица кавказиязда хурхун гьабураб лъазабиялда тIасан гIезегIан баянал раккана 3 августалда интернеталда. Аслияб куцалда гьел ругоан Россиялъул информагентлъабаздасан гьарулел. Масала, губернатор Ткачев жакъаго хъулухъалдаса нахъе рехичIолъиялда гIажаиблъи гьабулеб буго Эхо Москвы радиоялъул сайталда журналист Орех Антоница. Щайгурелъулила миллатазда гьоркьоб рикьалабиги ккезарун, Россиялъул гражданазул цо къокъаялъул ихтияразе гIорхъиги чIван, губернаторас хъазахъалги полициялъулалги ахIулел ругила Конституция хвезабиялде.

Россиялъул къанун хвезабизе рагъухъабазул тIубарал къокъабиги гIуцIулел ругила гьес. Цогидал сайтазда хъвалеб буго гьеб кинабго Ткачевасда тIаса ккезе бугила гьев президент Путинил бищунго ракI рекъолев губернатор вукIиналъ.

Ткачевас унголъунги гьединаб кIалъай гьабун батани, гьев кколин тIоцебесеб иргаялда Россия биххиялде гали тIамулев чи, жинца гьесие Россиялъул гражданин хIисабалда жавабги кьелин бицана ЭР-ялъе Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулайманица.

Уладиев Сулайман: «Гьев чияс гьеб жо абун батани, гьев вуго Россия биххизе байбихьарав чи. Дица рикIкIуна ЦIех-рехалъул комитеталъги прокуратураялъги гьесул кIалъаялъул халги гьабун, гьелда гъорлъ такъсирияб жо бугодайин халги гьабун, анив лъезе ккола. Дагъистаналдаги Кавказалдаги данде вугев чи гуро гьев, Россиялда данде вугев чи вуго.

Олимпиадаялда меседил медалал росулеб мехалда лъикIал руго гурищ кавказиял? Яги террористал тIаде кIанцIараб мехалда лъикIал рукIана гурищ дагъистаниял? Гъоле гурищ Олимпиадаялда медал босарав дагъистаниясда къвалги бан лъабго нухалъ убач гьабуна гурищ Путиница нилъер дагъистаниясда.

Ткачев гъанкъараб жиндирго шагьаралъул тIалаб гьабулев вукIине ккола.
Гъов сабаблъун чанги чи лъеца восун ана. Унго-унгоги хIукуматалъул чи вукIаравани, гъос тIаса лъугьин гьаризе кколаан хваразул гIагарлъиялда, цинги жидерго монастыралде монахлъун ине кколаан. Расги гIайиб гьечIел чагIи лъечIого, гьев лъезе кколаан жанив.

ГIурус миллаталъул чигицин ватиларо гьев. ГIурус миллаталъул чагIи цIакъ гIакъилал, церетIурал чагIи руго. КIудияб хазина нахъе тарал чагIи руго гьезул Достоевский, Толстой, Пушкин, Лермонтов. Гъозул руго кутакал гIалимзабиги. Гьединлъидал гьев чи гIурусавгицин гуро, гьев вуго улка биххизабулев вугев чи».

Кубаналда кавказиязе гIадлу гьабизелъун хъазахъазул полиция гIуцIулеб букIиналда бан гьеб мухъалъул губернатор Ткачев Александрица гьабураб лъазаби интернеталда фейсбукалдаги буго Дагъистаналъул журналистаз гьоркьоб лъун. Масала, Белхарой абулев чияс хъвалеб буго Ткачев ислам-диналда данде чIарав чи вугин. Гьелъие нугIлъи гьабулин гIезегIан бусурбаби ругеб Краснодар гIадаб кIудияб шагьаралда жеги цониги мажгит гьечIолъиялъги.

МухIамадов Каримулагьица хъвалеб буго гьанжелъагIан лъан букIинчIин Краснодарин абун батIа кIанцIун чIараб хъазахъазул улка букIин. Кубаналде ине къватIипачалихъалъул паспорталгидай гьанже гьаризе кколел абун. Гьединго Каримулагьица тIаде жубалеб буго гьединаб хIакъирлъиги хIехьон кинин рукIунел, гьениб рагIи бицине кирин ругел нилъер депутаталги Шималияб Кавказалъул нухмалъулелги?
XS
SM
MD
LG