МагъчIваялъе рес

Дербенталъул ветераналищ, провокаторалищ?


Садвал абулеб гIуцIиялъул бетIер Альберт Эседов МахIачхъалаялда исана июнь моцIалда букIараб митингалда
Садвал абулеб гIуцIиялъул бетIер Альберт Эседов МахIачхъалаялда исана июнь моцIалда букIараб митингалда

Интернеталде рехун буго Дербент шагьаралъул ветераназул цIаралдасан республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе хъвараб кагъат.

Гьез гьесда гьарулеб буго «миллатазда гьоркьоб кьал ккезабиялъе хIалтIи гьабулел» Лачинов Лачинидаги, Милрад Фатулаевасдаги, Ризван Ризвановасдаги, лезги миллаталъул жамгIияб багъа-бачари – «Садвалалдаги» хурхун рукIине кколел тадбирал тIоритIеян.

Дербенталъул ветераназул цIаралдасан хъвараб кагъат буго minval.az абулеб сайталда. Амма тIубанго цIализе щолеб гьечIо гьеб. Дербент шагьаралъул сайталдаги гьечIо гьеб. Бицен гьабулеб сайт Азербайжаналъул официалияб сайт кколаро.

Гьединлъидал гьелда рахъарал жалазде кIвар кьечIого тезе кколинги рикIкIунеб буго Дагъистаналда гьеб баян цо-цояз.

Гьеб кагътида рехсолев Лачинов Лачин ккола Азербайжаналъул Закаталаялда гIумру гьабулел магIарулазул къваригIелал тIуралев жамгIияв хIаракатчи. Гьединлъидал лезгиязул «Садвал» абураб багъа-бачариялда гъорлъе жив цIаялъул магIна бичIчIулеб гьечIо гьесда.

Гьединго журналистал рукIаниги, Ризвановги Фатулаевги тIубан батIи-батIиял чагIи ругин абулеб буго Лачиновас ЭР-ялъе.

Масала, МахIачхъалаялда къватIибе биччалеб «Настоящее время» газеталъул нухмалъулевлъун вукIана Ризванов. Хадув гьев хисана Фатулаевас. Гьединлъидал ахираб чанго сон буго Ризванов я политикаялъулъ, я жамгIияб хIалтIулъ – кивниги вихьуларелдаса.

Федералиял газетазда хIалтIулев, гьединго «Настоящее время» газеталъул нухмалъулевлъун кколев Милрад Фатулаев гъоркьисала Азербайжаналде виччан вукIинчIо. Гьесда чIвазе кIудияб гIайибги батун букIинчIо гьеб улкаялъул. Живго Фатулаевасда кколеб буго гьелъие гIилла батилин жив Армениялде ун вукIин (лъалеб букIахъе, гьенире арал чагIазе нух къваридаб буго Азербайжаналдехун).

Гьедин Бакуялде вачIиналде Армениялде щун ватунилан, 2011 соналда Россиялъул «Советский спорт» газеталъул журналист Андрей Липин Азербайжаналда жанивгицин тIамизехъин вукIанин бицана журналистазе Милрад Фатулаевас.

Суфьян абун цIар букIиналъ, 2012 соналъул декабралда Кабардино-Балкариялдаса Жемухов Суфьян Бакуялде виччаларин лъугьун рукIанила Россиялъулгун Азербайжаналъул гIорхъода.

ПалхIасил, доб цебехун рехсараб Дербенталъул ветераназул цIаралдасан хъвараб кагъат провокациялъун рикIкIунеб буго журналист ва жамгIияв хIаракатчи Лачин Лачиновас.

Гьес мисалалъе бачунеб буго МахIачхъалаялда гIумру гьабулел Закаталаялдаса гIадамазул цIаралдасан, лъиданиги дандги бачIого дагьалъ цебе гIуцIараб «Миллиябгун культурияб автономияги».

Лачин Лачинов: «Гьеб гIуцIиялъе нухмалъи гьабулеб чагIаз МахIачхъалаялда ругел закаталаялъулазул цIаралдасан гьарулел руго ричIчIуларел лъазабиял, магIарулазул церехъабазухъеги цогидазухъе ритIулел руго кагътал, хъвадарулел руго Москваялде.

Гьедин киса-кисаго гIарацги тIалаб гьабун, жидерго бизнесалде буссинабулеб буго щвараб тараб жо. Унголъунги закаталаялъул суалал тIуралел гьечIо. ТIадежоялъе Закаталаялда ругел магIарулазул къиматги хвезабулеб буго гьез, гIарацги гьарун».

Гьединлъидал Лачиновасул пикруялда рекъон, миллиябгун культурияб автономия абун цIаралги тун, гьединал гIуцIабазул хъвай-хъвагIай гьабулеб буго яги жидеего хайир щвезелъун, ялъуни Закаталаялда ругел дагъистаниязде рагIад рехизелъун.

Гьенир гIумру гьабулел дагъистанияз гIемер бицуна Азербайжаналъул официалиял вакилзабаз жидер ихтиярал хвезариялъул – масала, жал хъулухъазда тунгутIиялъул, жидехъа миллияб хаслъи бахъулеб букIиналъул.

Дагьалъ цеве Дагъистаналъулгун Азербайжаналъул гIорхъода лъабго анкь бана аваразул миллиябгун культурияб автономиялъ Закаталаялде ритIулел рукIарал магIарулалъ хъварал тIахьаз, гIарабалъ хъварал мавлидазул видеодисказ, ансадерил устарзабаз гьарурал тIад накъищ кьабураб батIи-батIиял алатаз.

Лъабго анкьидасан цIидасанго Дагъистаналде нахъруссинарун руго гьел Азербайжаналъул таможняялъ.

Къайиго гIадин гIадамалги руго къабул гурел. Масала, гьанжегIагар Азербайжаналъул къватIисел ишазул министерлъиялъ гIуцIун буго жидер пачалихъалде рачIине гьукъарал чагIазул сияхIги.

Гьениб буго кинавниги 335 чиясул цIар.

Гьел ккола дунялалда ва жиде-жидер улкабазда машгьурал политикал, жамгIиял хIаракатчагIи, артистал, журналистал ва цогидал.

Масала, Азербайжаналде рачIине гьукъаразда гъорлъ руго кочIохъаби Монсерат Кабалье, Филлип Киркоровасул эмен Бедрос Киркоров, Альбано, гьединго Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул 14 депутат - Константин Затулин, Алексей Митрофанов ва цогидал, политолог Сергей Маркедонов, Европарламенталъулги Франциялъулгун, Великобританиялъул, Швейцариялъул ва Уругваялъул депутатал.

Гьел чагIи Азербайжаналъе къабулал гурел чагIилъун рикIкIиналъе аслияб гIиллалъун ккун буго цебеккунго гьезул пачалихъалда дандги бачIого, дол чагIи эрменияз ккуралин азербайжаналъулаз рикIкIунеб ракьалде ун рукIин.
XS
SM
MD
LG