МагъчIваялъе рес

«Мекъаб тарихги буго - колониалияб политика»


1742 соналда дагъистанияз шушазавуна къажаразул шагь Надир.
Шагьбанов МухIамадица бахъараб сурат.
1742 соналда дагъистанияз шушазавуна къажаразул шагь Надир. Шагьбанов МухIамадица бахъараб сурат.

Дагъистан хIадураб буго Россиялде гъорлъе иналдаса 200 сон тIубай кIодо гьабизе. Гьадинаб лъазаби баккана гьалкъояз прессалда. Ва гьединаб жигаргун цеве вахъана республикаялъул бетIерлъун заманалъ тIамурав ГIабдулатIипов Рамазан. ГIелмияб рахъалъан гьеб гъалатI бугин абулеб буго цо-цо гIалимзабаз.

Тарихалда рекъон Дагъистаналъул цо-цо ханзаби ва шамхалзаби Россиялъул империялъул тажикь рукIана. Мисалалъе тумазул ва лъарагIазул. Аммаила, абулеб буго тарихиял гIелмабазул доктор Доногъо ХIажи-Мурадица, гьеб хIужа кьучIое босизе бегьуларин щай гурелъул тIолго Дагъистан миллатазул къисматалда хурхараб хIужа гьеб гурин.

ХIажи-Мурад Доногъо: «Узухъда цебего гIадин жакъаги тарих политикалъун хутIулеб буго. Гьалеха жакъа гъозие, ай тIадтаразе цIакъ пайдаяб буго абизе Дагъистан Россиялде гъорлъе жидеего бокьун ун букIанин.

Цойги нухалъ такрар гьабила дица - гьебги буго колониалияб политика. Цо-цо бегаз, ханзабаз ва квершел кодосез жиндир заманалда жидерго интересазе гIоло Россиялъул империягун къотIи-къай гьабун букIаниги бегьулищ гьелдалъун чIван къотIун абизе тIолго халкъ, тIолго миллатал ГIурус Пачаясе мутIигIлъанин?

Бегьуларин дида ккола. Щай гурелъул гьел тIадехун рехсарал ханзабаз гьадинаб хIукму гьабун букIана жидерго боцIи, жидерго ракьал, авлахъал цIуни мурадалда».

Дагъистан республикаялъул тIадтараз гьадинаб байрамалъе кьучIое босун буго 1813 соналда Гюлистан абулеб бакIалда Россиялъ ва Персиялъ гьабураб къотIи-къай. Доногъо ХIажи-Мурадил хIисабалда гьебги гъалатI бугин.

ХIажи-Мурад Доногъо: «ТIоцебего абизе ккараб буго тIолго Дагъистан Персиялъул бутIалъун букIун гьечIин киданиги. Гьединдъидал баккулеб буго суал - лъица къажаразе ихтияр кьун букIарабали Дагъистан Россиялъе сайгъат гьабизе?

Дербенталъул ханлъиялда тIад къажараз цо заманалда къайимлъи гьабулеб бугони, щай тIолго Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицен унеб бугеб?

Россиялъги Персиялъги Дагъистаналъул къисматалъул масъала тIубазабулеб мехалда жалго Дагъистаналъул вакилзаби кир рукIаралали абураб суалалъеги жаваб батулеб гьечIо.

КIиабизеги - Дагъистанилан абулеб цолъараб пачалихъ букIинчIо доб заманалда. БукIана гьадинаб икълим, гьадинаб улка. ПалхIасил гьеб букIана гIицIго географиялъул цIар.

Гьеб гуребги, жеги гIемерал дагIбадул суалал раккIула гьелда бан. Халкъаздагьоркьосеб низамалда рекъон гьезул гIелмияб цIех-рех гьабизе ккола гьадинал байрамал тIад чIезабизеIан».

Доногъо ХIажи-Мурадица абулеб буго гьединал хIукмаби гъалатIаллъун рикIкIинегIан ургъунго тарих мекъса бихьизабулеб ишлъун рикIкIине кколин ва гьеб бугин советияб историографиялъул гIадат гьанжелъагIан халат бахъунеб.

ХIажи-Мурад Доногъо: «РакIалде швезабизин: гьадинал гьересиял байрамал советияб заманалдаги тIоритIулаан ирга-ирга ккун.Чачаналги, гъалгъалги, гъабардиялги, балкаралги, дагъистаниялги жидеего бокьун Россиялде гъорлъе лъугьанин абураб игIланалда гъоркь. Ва гьел рукIана чIобогоял тадбирал.

Жакъаги щибниги хисичIо. Гьадинабго тадбир нахъеги тIобитIани - гьеб букIине буго Россиялъул хIакимзабазде жидерго мутIигIлъи бихьизаби гIадаб иш.

КIудияв шагIирас абухъего ниж жидеего бокьун Россиялде гъорлъе лъугьинчIо ва жидеего бокьун Россиялдаса ратIалъизеги гьечIин. Гьединлъидал рачIезин гьесул гьел рагIабазухъ гIинтIамизе».
XS
SM
MD
LG