МагъчIваялъе рес

"Гьересияб" парахалъи яги Украиналъул рагъалъ бахчизабураб хIакъикъат


Гьал къоязда, « Левада – Центр» абураб, цIех-рех гьабун гIадамазул пикру лъазабулеб, идараялъ кьурал баяназда рекъон, Украинаялдаги Россиялдаги гьоркьоблъи квешлъарабгIан, Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал лъикIлъулеб бугин рикIкIунеб буго гIадамаз. Экспертазул пикруялда рекъон Кавказалда цебего гIадин захIматаб ахIвал-хIал буго.

«Левада-Централъ» гьабураб цIех-рехалда рекъон исана соналъул байбихьудаса гьал къоязде щвезегIан Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал лъикIлъун бугин рикIкIунезул къадар кIигонух цIикIкIун буго.

ЦIех-рех тIобитIун буго 18 сонитIаса тIаде араб ригьалъул, 45 батIияб мухъалъул, I30 батIияб бакIалдаса 1600 чиясда гьоркьоб.

2014 соналъул январалда гьабураб гьединабго цIех-рехалда гIахьаллъаразул I8 проценталъ рикIкIунеб букIун батани Кавказалда ахIвал-хIал лъикIлъун бугин абун, маялда гьеб пикру гIахьал гьабулезул къадар 44 % бахун буго. Гьединго январалъул цIех-рехалъ бихьизабун букIана Шималияб Кавказалда квешаб ахIвал-хIал бугин рикIкIунезул къадар 60 проценталде бахунин абун, маялда гьезул къадар 20 проценталъ дагьлъун буго. Гьединго нилъер регионалда гIадамасул гIумруялъе хIинкъи бугин, кутакалда квешаб хIал бугин гьанибилан рикIкIунезул къадарги ункъцIул дагьлъун буго.

БачIунеб соналда жаниб Кавказалда ахIвал-хIал дагьабги лъикIлъизе бугин рикIкIунезул къадар 9 проценталдаса 20ялде бахун буго, гьаниб щибниги лъикIлъи букIинарин рикIкIунезул къадарги кIицIулниги дагьлъун буго. Январалдаса нахъе хисун гьечIин абизе бегьула Шималияб Кавказалда гьаб лъагIалида жаниб щибниги хисизе гьечIин рикIкIунезул къадар, январалъ гьезул къадар 53 проценталде бахун букIана, маялда гьебго пикру загьир гьабуна 56 процент цIех-рех гьабурал гIадамаз.

Эксперт, инсанасул ихтиярал цIунелев Михаил Рощинил пикруялда рекъон Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал букIаралдаса гIемерго хисун гьечIо. Гьаб заманалъ Украинаялда лъугьа-бахъунелда Кавказалде регIулеб гьечIин тIалъиги гIадатиял гIадамалгийилан рикIкIунеб буго Рощиница.

Михаил Рощин: «Шималияб Кавказалъул щибаб республикаялда буго батIи-батIияб ахIвал-хIал. Бищун цебе Чачанал росани гьезул гьениб гьаб ахирал саназ лъикIго экономикияб рахъ цебетIун буго, гьелъие квербакъи лъица ва сунца гьабулеб бугебали нилъеда киназдагоги лъала. Амма инсанасул ихтиярал цIуниялъул ахIвал-хIал гьениб къойидаса –къойиде квешлъулеб буго.

Ингушетиялдаги бащадаб лъагIалица цебе букIаралдаса гIемер батIияб хиса-басиго гьечIо, долго хасал операциялги, рикъулел, чIвалел гIадамалги кирениги ун гьечIо гьениса. Кавказ дагь бгIодобе биччан бугин кколеб буго гьаб сагIат Украинаялдаса гьелде регIарав чи гьечIолъиялъ. Киналго информалатазги Украинаялъул гуреб бицунеб жо гьечIелъул. Бицунин бицинчIонин абун бугеб жо кибениги унарелъулха.

Кавказ жеги гьалделеб буго. Цо дагьаб гIодобебиччай лъугьун буго Дагъистаналда. Дир пикруялда рекъон гьелъие гIемер гьечIониги квербакъи гьабуна республикаялъул бетIер хисиялъги. Гьединго исламалъул батIи-батIиял рикьалабазда хадур унел гIолохъабазул бичIчIи цIикIкIун бугин ккола дида. Гьезие рагъ-кьал къваригIун гьечIо, гьединлъидал цебеялде данде ккун изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къадру-къимат холеб буго».

ГIемерал саназ адвокатлъун хIалтIилей йигей юридикиял гIелмабазул доктор ХIадисова Мадинал пикруялда рекъонги Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал лъалеб кутакаб лъикIаб рахъалдехун хисун гьечIо.

ХIадисова Мадина: «Дида лъалеб гIемер батIияб лъикIаб хиса-басиго лъаларо дида гьаниб. Цебего гIадин бикъулебги буго, чIвалелги руго, гIадамазул ихтияралги хвезарулел руго, гIадамал рикъулелги руго, щибниги гIайиб тIадчIезабичIого гIазаб кьун хвезарулелги руго. Сундасанха дица абилеб гьаниб ахIвал-хIал лъикIлъун бугин абун. Гьелъие гIиллаби рукIине кколарищ? Экономикайин абураб жоялъулги Дагъистаналда цохIо цIар гурони гьечIо, хIинкъигьечIолъиялъул хIалги бищун нахъегIанаб бакIалда батила.

ЦIияв республикаялъул бетIер вачIарав мехалда гьаниб кинабго тIогьоде буссине бугин абун букIана халкъ, гьев ГIабдулатIиповас кIалдиб лъимккун бицунебги букIана жинцаго гьабизе бугелъул хIакъалъулъ. Дида бихьулеб гьечIоха гьаниб ккараб хиса-баси. Украинаялде дандеккун дагьаб мадар батизеги бегьула гьаниб, амма тIокIаб цебеялде дандеккун лъикIлъараб рахъ гьечIо Дагъистаналда».

Исана маялда Россиялъул президент Владимир Путиница Шималияб Кавказалъул ишазул министелъи рагьиялъе буюрухъ кьуна. Гьеб министерлъи гIуцIун буго Шималияб Кавказ цебетIеялда тIад хIалтIизе.
XS
SM
MD
LG