МагъчIваялъе рес

Щиб къо кколеб дагъистаниязе 12 июнь?


12 июналда Россиялда кIодо гьабулеб буго Россиялъул къо. Байрамалъулал тадбирал тIоритIулел руго киса-кирего. Улкаялъул цойгидал регионаздаго гIадин Дагъистаналдаги кIодо гьабуна гьеб байрам, амма «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабун хадуб гIемерисел гIадамазда гьеб щиб къо кколебалицин лъалеб батичIо, гьезул гIемерисез абулеб буго жидеца гьеб байрам кIодоги гьабуларила, жидее гьеб цохIо гIодобкъолъун кколилан. Бицунеб буго нижер мухбир МахIмудова ПатIиматица.

12 июналда радалго байбихьана Дагъистаналда Россиялъул къоялъул хIурматалда батIи-батIия байрамалъулал тадбирал тIоритIизе. Байбихьи лъуна МахIачхъалаялъул аслияб майданалда. Гьениб байрамалъулаб митингалда дагъистаназда гьеб къо баркана республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовас ва цойгидал хIакимзабаз. Гьелдаса хадуб майданалде вакIаравщинав чи ХIажиевасул къотIноб бугеб шагьаралъул аслияб ахикье ана. Гьениб лъималазул батIи-батIиял кьурдул ва кочIол ансамлязул цере-рахъинал тIоритIана Россиялъул къоялъул хIурматалда.

Гьединго дагъистаналъул гIолилазул жамгIиял идарабазул гIахьалчагIаз кьерухъе гIадамалги чIезарун МахIачхъалаялъул аслияб майданалда «Россия, мун нижее бокьула», ва «Нилъ ккола Россияйилан» абурал хъвай-хъвагIаял лъугьинаруна. Гьелдаса хадуб кIудиял россиялъул байрахъалги тIиритIизарун майдан бакьулъ.

​Гьеб 12 июналда «Экренлъи» радиоялъ цIех-рех гьабуна МахIачхъалаялъул къватIахъ ратарал гIадамазда гьоркьоб. Аслияб къагIидаялъ гьезда гьикъуле букIана 12 июнь гьеб щиб къо кколебин ва нужеца гьеб байрам кIодо гьабулебищилан. ЦIех-рех гьабуразул 40 проценталда гурони лъалеб батичIо гьеб къоялъ Россиялда щиб байрам кIодо гьабулебалиги гьезда гьоркьосаги кIиго проценталъ гурони гьеб къо жидеца байрамгIадин кIодо гьабулин абичIо.

12 июналда Россиялда щиб байрам кIодо гьабулеб ?

Асият – студентка: «Дие гьеб буго гIодоркъо, гьеб къоялъ щиб байрам бугебалицин лъаларо дида».

МухIамад – бизнесчи: «12 июнь цебе гьеб букIана Россия лъиданиги бачIолъиялъул къо, гьанже гьелда битIун щиб абулебалиго лъаларо дида. ХIасил калам нилъее киназего гIаммаб байрам къо кколаха гьеб».

Руслан –музыкант: «12июнь Россиялъул къо букIин лъала дида, амма кисан бачIараб щиб байрам гьебали лъаларо. БитIараб бицани киданиги нижеца кIодоги гьабуларо гьеб».

Заира: «Гьеб къо буго гIадамазе хIухьбахъиялъе цойги багьана».

Юрий – фотограф: «Гьеб буго къо буго 90абилел саназда пачалихъ биххулеб мехалда ургъун букIараб гьадингояб чIанда».

ГIайшат – даранчIужу: «Щибалиго байрам бугин абулеб рагIана дида, амма щиб байрам гьебали дида лъаларо. Кинаб баайраб батаниги къойил базаралда яхъун чIун йикIуней дие гьелъул пайда щиб. Дица кIодо гьабула цохIо кIалбиччанкъо, Къурбан къо, цойги бусурбабазул байрамал, тIокIал жал дида ричIчIуларо.

Гьанибго абизе ккола гIадамазад 12 июнь щиб байрамалъул къояли лъангутIи бихьулеб букIанин байрамалъулал тадбиразда гIадатиял гIадамал рукIинчIолъиялъги. ГIемерисел хIакимзабиги полициялъул хIалтIухъабиги рукIана гьенир.

Дагъистаналда гурониги тIолго Россиялдаги гьеб 12 июнь щиб къояли гIемерисел гIадамазда лъалеб гьечIолъи бихьизабулеб буго Левада централъ гьабураб цIех-рехалъги. Гьезул баяназда рекъон бащадаб Россиялда гьеб щиб байрамали лъалеб гьечIо. ЦIех-рех гьабуразул 33 проценталда гурони лъалеб гьечIо гьеб сунда хурхун лъазабураб байрамали ва гьелъул тарих. Амма цебеялде данде гьеб байрамалъул хIакъалъул лъалезул къадар цIикIкIун буго. 2000 абилеб соналъ щивав лъабабилев чиясда лъалеб букIун батичIони гьанже щивав I0абилесда гурони лъалеб гьечIо 12 июнь щиб байрамали.

XS
SM
MD
LG