МагъчIваялъе рес

Миллияб авиакомпаниялъ ракьцоял рази гьариладай?


2011 соналъул декабралда "Росавиациялъ" рорженал гьаризе изну кьолеб лицензиялдаса махIрум гьабуна “Авиалини Дагестана” абураб компания ТУ-154 тайпаялъул гьелъул боржаро гIодобе ккун букIиналъухъ.
2011 соналъул декабралда "Росавиациялъ" рорженал гьаризе изну кьолеб лицензиялдаса махIрум гьабуна “Авиалини Дагестана” абураб компания ТУ-154 тайпаялъул гьелъул боржаро гIодобе ккун букIиналъухъ.

КватIичIого Дагъистаналда букIине буго жибго жиндаго чIараб авиакомпания. Гьелъ рес кьезе буго регионалда жанисел гьединго магистралиял рорженал гьаризе. Гьелъ рес кьезе буго гIадамазе хIалтIулел бакIал чIезаризеги, гьаваялдасан роржаралъухъ босулеб гIарацги гьркьохъеб багьаялда чIезабизе. Дагъистаналъул аэропорт букIинеселде кинал галабиги тIамун унеб бугебали бицунеб букIана гьел къоязда гьеб идараялъ журналисталгун гьабураб дандчIваялда.

Дагъистаналъул аэропорталъул букIинсеб жакъа хурхараб бугин кIиго чиясда, инвесторазда ва дагъистаналъул нухмалъиялдаян абулеб буго "Дагъистаналъул Авиалинии" гIуцIиялъул нухмалъулев ГIумариев Мирзаца.

Гьеб инвесторлъун ккола Сулейман Керимовас нухмалъи гьабулеб “Нафта Москва” абураб гIуцIи.

Исана сон байбихьаралдаса араб анлъго моцIида жаниб гьабураб хIалтIулги, бачIунеб соналда церечIарал масъалабазулги, аэропорталда реконструкция гьабулеб бугеб куцалъулги хIакъалъулъ бицне дандеракIарун рукIана гьез итни къоялъ журналистал.

Пресс-конференциялда борхараб тIоцебесеб суал букIана Дагъистаналъул Аэропорталъ жидерго хIалтIухъабазе кьезе букIараб налъул сал тIаса бихьанилан абураб.

Киналго хIалтIухъабазе чанго моцIалъ кьечIого хутIун букIараб моцIрол харж кинабго кьун бахъанин. 2012 соналдаса нахъе гьеб налъул гIаммаб къадар бахун букIун буго 225 миллион гъурщиде.

Кинабго гьеб гIарац кьун бахъанилан бицана "Дагъистаналъул Авиалинии" гIуцIиялъул къватIисеб арбитражалъул нухмалъулъев Рамазанов Дуниямидинца:

Рамазанов Дуниямудин: «2013 соналъ нижеца щивниги хIалтIудаса нахъе витIичIо. Гьелъул гIаксалда гIлохъанал лъай бугел махщелчагIи хIажат руго аэропорталъе. ХIал гьабун чи нахъе витIизеян абураб масъала нижеца киданиги цебе лъечIо, лъезги гьечIо».

2011 соналъул декабралда "Росавиация" абураб гIуцIиялъ рорженал гьаризе изну кьолеб лицензиялдаса махIрум гьаридал абулеб букIана Дагъистаналъул авиалинии компаниялдаса гIемерав чи хIалтIи гьечIого хутIизехъан вугилан.

Гьеб идараялъул нухмалъулев хисулев ГIангутIаев ГIабдулаца Эркенлъи радиоялъе кьун букIараб баян ккола гьеб.

Доб мехалъ Аэропорталъул нухмалъулевулъун ГIумариев Мирза вукIинчIо, Жабир Абакаров вукIана. Жакъа ахIвал-хIал тIубанго хисун бугилан бицана журналистазе гьеб суалалъе жаваб кьолаго тIадехун рехсарав Дуниямудиница.

Гьеб жаваб журналистазе дагьабги камил гьабуна живго ГIумариев Мирзацаги. Жакъасеб Дагъистаналъул аэропорталъул гIуцIиялда ругел махщелчагIи жидее меседил къиматалда ругилан абулеб бугоан гьес.

ХIатта жидер хIалтIухъаби тIалаб гьабун республикаялъул жансиел ишазул министерлъиялдасацин рачIунел ругин чагIи.

Бищунго жакъа жинди рахIат хвезабураб хIужа кколин жив аэропорталъул нухмалъуде вачIаралдаса гьаваялдаса роржаралъухъ босулеб гIарац хиралъанилан тIиритIизарурал хабараз.

Амма гьелдаго цадахъ жинде абизе бокьун бугин тIолго россиялда дандеккун балагьани Дагъистаналда ругездаги гьездаги гьоркьоб кIудияб батIалъи гьечIин.

Авиакомпаниязул бицунелъул гьес бищунго тIадчIей гьабуна июль моцIалдаса байбихьун Дагъистналдаса рорженал гьаризе байбихьараб татаразул "АК-Барс –Аэро" абураб компаниялда.

Аслияб куцалад гьелъ рорженал гьарула Красондар, Сочи, Мин-Воды, Ростов гIадал шагьаразде.Татаразул авикомпания Дагъистаналде хIалтIизе бачIаралдаса гьеда щвезегIан гьеб шагьаралде аслияб куцалда автобусалда унел рукIарал гIадамал гьанже аэропланазда гочунел ругилан абуна ГIумариевас.

Гьелъие нугIлъи гьабулин жакъасел автобусазул бетIергьабазги. Бащдал чIорого хьвадулел ругин жал гьанже доре-нахъеян рахIат хварал кIалъаял рагIанин жинда гьезул.

Пресс-конференцилда журналистазе рагьараб цIияб хIужалъун кканин абизе бегьула кватIичIого дагъистналда лъидаго бачIеб "Дагъистан" абураб авиакомпания гIуцIизе букIин.

Амма гьеб букIине бугин аэропорталда бачIеб, Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъиялул къайимлъиялда гъоркье унеб, жибго жиндаго чIараб юридикияб гIуцIиян бицана ГIумариевас:

ГIумариев Мирза: «Дагъистанлъул авикомпания рагьун хадуб гьелъ рес кьезе буго гьабсагIаталъ ругел маршрутазда тIаде нижералгоги журан регионалда ажнисел рорженал гьаризе ва гьединго гьаваялдасан роржаралъухъ росулел багьабазда жанирги цогидал авикомпаниязулгун конкуренция гьабизе.

Цояз хIехьела гьеб цогидал ахиралде швезегIан хIалтIила, амма бищунго кIудияб квегIенлъи гьелъул буго пассажиразе. Гьединго авиакомпания гIуцIун хадуб гьелъ рес кьезе буго 300-400 щвезегIан чиясе хIалтIи щвеялъеги».

Пресс-конферцниялда гьединго борхана аэропорталъул реконтструкциялъул суалги. Гьелда рекъон аэропланал роржунеб мухъ гIатIид гьабизе рагIула 4 км бащадаб манзилалда.

Аэропоталъул майдан сверун бугеб галанги нахъе гьабун гьоркьосан канлъи бихьулеб къед лъезе рагIула гьениб. Гьединго аэровокзалъул минаялда жанир лъезе хIисабалде росун руго цIиял терминалалги. КIиго аэроплан цояб гьаваялде бахъунеб цояб гIодоб чIолелъул квал-квалал загьирлъулел рукIун руго цере.

Реконтсрукциялъул хIалтIаби лъугIун хадуб гьеб тайпаялъул кIвекIенал лъугIизе ругилан абулеб буго ГIумариевас.

Аэропорталда гьел киналго хIалтIаби гьаризелъун "Нафта-Москва" гIуцIиялъ гьенибе биччазе рагIула 500 миллион гъурущ, федералияб бюджеталдаса харж гьабизе рагIула кIиго миллиард гъурущ гIарцул.
XS
SM
MD
LG